Нухал ва гIадамал

Нухазда — низам цIуни

2018-2030 соназда нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хIакъалъулъ ицунеб данделъи тIобитIана МахIачхъалаялда

Гьелда гIахьаллъи гьабуна РФялъул МВДялъул ГУОБДДя­лъул начальник Михаил Черни­ковас, «ХIинкъи гьечIого нух­­­да­сан хьвади» абураб экспер­талъулаб централъул президент Наталья Агреца, ДРялъу­л МВДя­лъул УГИБДДялъул цIияв тарав начальник Александр Шалагиница, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жапаровас, СахлъицIуниялъул, Лъай­кьеялъул ва гIелмуялъул, Тран­спорталъул министерствабазул вакилзабаз.
Рехсараб программаялъул мурадги ккола нухазда кколел балагьал лъугьа-бахъинал дагь гьари. Масала, исана Дагъистаналъул нухазда ккана 1424 ДТП, ва гьезул хIасилалда хвана 311, лъукъана 2108 чи.
Нилъер улкаялъул нухазул халалъи ккола кIиго миллион километр. Улкаялдаго ДТПязул хIасилалда 100000 чиясда гьоркьоса 13 чи холев вуго. Европаялдайин абуни 100000 чиясда гьоркьоса 4 чи холев вуго. Гьединлъидал, нухазда холезул къадар 3,5 нухалъ дагь гьабиялъул мурадалда, хIадурун буго миллияб проектги.
«Нужер республикаялда руго чIахIиязул адаб-хIурмат гьабулел, цоцазда гурхIел цIикIкIарал гIадамал. Гьаниреги рачIун, нужеда хьвада-чIвадизе малъулел чагIиги ниж гуро. Нижер мурад буго нухазда хIинкъи гьечIолъиялъул тIа­лабазде нуж ва цогидалги ругьун гьари, цоцазе нух кьеялъулъги, авариялде ккаразе тохтур тIаде щвезегIан битIараб кумек гьабизе ругьун гьариги», — ян бицана Наталья Агреца.
ДРялъул МВДялъул УГИБДД­я­лъул начальник Александр Шала­гин хIалтIулев вукIана Астрахань областалда УГИБДДялъул на­чаль­никасул заместительлъун. Гьес бицана исана республикаялда нухазда ккарал низам хвезабиялъул хIужабазул хIакъалъулъ.
«Исана республикаялда, 11 мо­цIида жаниб, нухазда низам хвезабиялъул 88300 хIужа ккун буго. Гьезда гьоркьоса 3600 низам хвезаби мехтелалдалъун ккун буго. Низам хвезабурал тIасалъугьаян халкъалда цере гьаризе тIамулеб гIадатги рекIее гIуна дие», — ян бицана Александр Шалагиница.
2024 соналде щвезегIан Дагъи­станалда 552 километралъул манзилалда нухал къачIазе ругин бицана ДРялъул транспорталъул ва нухлул магIишаталъул министрасул заместитель Сиражудин Айгумовас.
«Гьеб проект гIумруялде ба­хъинабилъе федералиябги респуб­ликаялъулабги бюджеталдаса би­ччалеб буго 10 миллиард гъуруш. 2020 соналде республикаялда лъе­зе буго 520 светофор», — ян абу­на С. Айгумовас.
ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул тIоцевесев заместитель Фейзулагь ХIабибулаевас бицана чанго соналъ цебе шагьранухазда аскIоса гIебеде гIуцIун рукIарал «медицинаялъул хъулухъазул» хIакъалъулъ. «Республикаялда бу­кIа­на гьединаб ичIго «хъулухъ». Амма, батIи-батIиял багьанабиги ратун, гьел бакIалъулал больницабазде гочинаризе ккана. Федералиял нухазда ккарал ДТПязда лъукъаразе хехаб кумек гьабулаан гьез. Гьанжейин абуни шагьараздаса хехаб кумек бачIинегIан чIезе кколел руго къварилъиял­де ккарал», — ан кIалъана Ф. ХIа­бибулаев.
Россиялъул МВДялъул ГУОБДДялъул начальник Михаил Чер­никовас лъазабуна, нухазда гIа­дамазул гIумру хвасар гьабия­лъул мурадалда, «медицинаялъул хъулухъал» рукIаралго бакIазде тIадруссинаризе хIаракат бахъизе бугин.