ГIаммаб къварилъи

Керчь, ниж нужгун руго! 

21 чи хвана ва 52-яв лъукъана Керчалъул политехникияб колледжалда

Библиотекаялда батана ункъ-абилеб курсалъул студент Владислав Росляковасул жаназа. Сундуе гIоло гьес гьеб балагьаб иш гьабурабали мухIканго лъаларо.
Владимир Путиница лъазабуна, улкаялъул бищун лъикIал медицинаялъул центразде щвезарейин къварилъи ккарал гIадамал. МЧСалъул Ил-76 самолеталдаги рекIун гьенире рачIана спасателалги тохтурзабиги ва щвезаруна хIажатал алаталги.
РФялъул СКялъул вакил Светлана Петренкоца бицана, къварилъи ккараб бакIалъухъ хал-шал гьабунин. «ЧIухь бана чIвадарухъанасул рокъобги. ЦIех-рехалъе квербакъулел жал нахъе росана гьениса», — ян бицана гьелъ.
Информалатазул баяназда рекъон, чIухь бана Владиславил инсул рокъобги ва гьев вачун ун вукIана полициялъул отделениялде. «Васасулгун гIаммаб мацI батизе захIмалъулаан. Гьес щибниги бицунароан колледжалъул хIакъалъулъ. Колледжалда рукIинчIо гьесул гьудулзабиги. Лъимерлъудасаго вукIана цо гьудул, амма гьесулгун бухьенги цебего къотIизе тун букIана. Компьютеразул хIаял гьесие рокьулеблъи дида лъалароан, амма лъалаан гьесие ярагъ бокьулеблъи. Гьесие лъикIаб тарбия щвана ва хъачIлъи, вахIшилъи гьесулъ киданиги халлъичIо», — ян бицана инсуца.
Васасул васасе лъикIаб къимат кьуна гьесул кIудияй эбелалъги. «Дир вас гьекъолдулаан ва гьединлъидал ватIалъана лъадигун. Щуго сон баралдаса нахъе Владислав вукIана эбелалда цадахъ. Гьез гIумру гьабулеб букIана мухьдахъ ккураб рокъоб. Зама-заманалдасан Владислав вачIунаан нижехъеги. Инсулгун лъикIаб бухьен букIана гьесул. Гьев киданиги хъачIго кIалъалароан. Рокъоб кумекги гьабулаан гьес дие. ГьитIинав чи вугеб мехалда гьев вукIана гIемер гаргадулев вас, амма кIудияв гIунаан гьев хисана. ГIемер кIалъалароан ва вачIарабго гIадин гIедегIун унаан рокъовеги. Сундулго рахъалъ гIарзги бахъулароан гьес», — ан бицана кIодоца.
Владиславил эбел хIалтIулей йиго онкологияб больницаялда. Къварилъи ккаразе кумек гьабулей йикIана гьейги. Амма талихIкъарай эбелалда щибха лъалеб букIараб гьеб вахIшияб иш гьабурав чи жиндирго вас вукIин.
«Владислав Росляковас Интернеталдаса балагьулеб букIун буго кьвагьулел алатал гьариялъул инструкция, гьелъул хIакъалъулъ баянал кьолел схемабиги сураталги цIунун тун руго гьес жиндирго ноутбукалда», — ян бицана РФялъул СКялъул хIалтIухъабаз. 8 сентябралда гьес тукадаса босун буго туманкIги 150 патронги.
Цо-цо баяназда рекъон, Владиславихъ букIун буго жинцаго гьабураб анцIгониги кьвагьулеб алат. Гьесул къайиялда гъорлъ батун буго цо кинабалиго лъамалъи жаниб бугеб шишаги.
Иргадулаб нухалдаги гъункана ва цолъана гIадамал – къварилъи киназего гIахьалаб букIин бихьизабуна гьез. Хехаб кумекалъул машинаби хадур гъоларого рукIун, къварилъи ккарал щвезаруна больницабазде жалго бетIергьанал машинабаздаги лъун. Би босулеб станциялъул кIалтIа эхетана хIажатазе би кьезе рачIарал гIадамал. Гьединал хехал тадбиразул кумекалдалъун бажарана чанго чи хвасар гьавунги.
ХIадур гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.