Анкьил хIасилал

Питна бекьизе бегьуларо

Дагъистаналда тIобитIана Россиялъул миллияб  антитеррорияб комитеталъул (НАК) данделъи

Гьелда гIахьаллъана НАКа­лъул председатель, Россиялъул ФСБялъул директор Александр Бортниковги, РФялъул миллияб гвардиялъул федералияб хъулухъалъул директор, РФялъул миллияб гвардиялъул бетIерав командующий Виктор Золотовги, РФялъул цIех-рехалъул комитеталъул председатель Александр Бастрыкинги, хъаравулзабазул федералияб хъулухъалъул директор Дмитрий Кочневги, РФялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевги, РФялъул сахлъицIуниялъул министр Вероника Скворцоваги, СКФОя­лъул субъектазул бутIрулги.
Данделъи нухда бачана Александр Бортниковас. Гьес бицана, къуваталъулал хъулухъазулги хIукуматалъул идарабазулги цадахъаб хIаракаталдалъун, Северияб Кавказалда кIиго нухалъ дагьлъанин терроризмалъу­лал такъсиралин абун. «Гьеб хIара­каталъул хIасилалда, мукъсанлъана хъачагъазе гIада­мазухъа щолеб букIараб гIарцул ва цогидал сурсатазул кумек. Гьединал хIужаби хехго тIатинарулел руго низам цIунулел идарабаз. Бажарулеб гьечIо гьезухъа рагъуе махщел бугел аскарал гIуцIунги. Исана тIоритIана оперативиялги рагъулалги тадбирал. Гьезул хIасилалда анлъго теракт гьабизе биччачIо, ккуна 63 хъачагъ ва гьезул 142 кумекчи. ЧIвана 50 хъачагъ, гьезда гьоркьор руго Чачаналдаги Дагъистаналдаги вахIшиял ишал гьарулел рукIарал къокъабазул бутIрулги», — ян бицана гьес.
НАКалъул председателас кIвар­­­бусси­набуна, терроризма­лъул хIин­къи жеги хутIун бу­кIиналдеги. ХIинкъи бугеб къапилаялда гьоркьор гьес рехсана ГIагараб Бакъба­ккуда рагъал унел улкабаздаса тIадруссунел кавказалъулал. «Гьез тIиби­тIи­за­булеб буго заралияб идео­ло­гия гIолилазда гьоркьоб, хIал­тIизарулел руго жеги балугълъиялде рахинчIелги», — янги абун, Бортниковас рехсана Грозныялдаги Гъизляралдаги килисабазде гьужум гьабиялъул хIужаби ва регионалда гIумру гьабулел батIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьоб питна бекьизе хIаракат бахъулеб бугин абураб пикруги загьир гьабуна.
Данделъиялда бицана терроризмалде данде къеркьеялъул мурадалда гьаризе ругел тадбиразул хIакъалъулъги.