Сертификат тIалаб гьабе

ХIинкъигьечIолъиялъул советалъул данделъиялда бицана республикаялъул ва муниципалиял налогазул
идарабазде налогазулабги налогазулаб гуребги хайир бачIинабиялъул масъалабазул хIакъалъулъ

 

Данделъиялда кIалъарав ДРя­лъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев ХIажимухIамад ХIусеновас абуна: «Регионалияб бюджеталъул 104 млрд гъуршидаса, нухлул фонд хIисабалде босичIого, инфраструктура цебетIезабиялде биччазе буго 4 млрд гъурушгIанасеб гIарац», — ан.
Муниципалиялги республикаялъулабги бюджетазде налогазулабги налогазул гуребги бачIин цIикIкIинабиялъе нухал ратиялъул хIакъалъулъ бицана ДРялда бугеб Федералияб налогазул хъулухъалъул (УФНС) нухмалъулев Гъазинур Апсалямовас. Федералиял гIуцIабазул территориалиял идарабазулги республикаялъул исполнительнияб власталъулги цадахъал тадбиразул хIасилалда налогал ракIариялъул иш лъикIлъулеб бугин абуна гьес.
Апсалямовас абуна, ралел бакIазул бизнес рагьараблъун гьабиялъул мурадалда, гьединаб 92 предприятиялъул нухмалъулесдаги налогазул идарабаздаги гьоркьоб къотIи гьабун бугин. «Нагагьлъун нужеда батани, контролиябгун кассаялъулаб техникаги хIалтIизабичIого ва бичун босараб къайиялъухъ чекги кьечIого дарам гьабулев цогIаги агент, нуж кIалъазе бегьула гьаб телефоналъул номералде: 89887330303», — ян гьарана гьес данделъиялъул гIахьалчагIазда.
Гьоркьор лъурал масъалабазда тIасан жидерго пикраби загьир гьаруна ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовасги, Хасавюрт районалъул бетIер Жамбулат Салаватовасги, Гъизляр районалъул бетIер Александр Погореловасги.
Данделъиялъул хIасил гьабулаго, ДРялъул бетIерас ДРялъул хIукуматалъул председателасда лъазабуна, лъикI хIалтIулел муниципалитетазул бутIрузе шапакъатал кьезе сияхI хIадуреян. «Налогал ракIариялъул иш хадуб бехъерхъизабулел районазул бутIрул ургъизе ккела, рекъонкколищали гьеб хъулухъалда рукIине. ХIалтIун бажаруларев чияс жинцаго гIарза хъвай ва нахъе ине къачIай. Ургъе, сундуе гIоло хIалтIуде хьвадулел ругел нужер заместителал, муниципалиял идарабазул хIалтIухъаби», — ан абуна Владимир Васильевас.
Гьес ракIалдещвезабуна «100 школа» абураб проектги. «БакIаризе кколаан налогазул млрд гъуршидаса цIикIкIун гIарац. БакIарана 315 млн гъуруш. Гьеб гIарцудаса кIи-кIи млн нижеца битIана школал къачIазе. Республикаялда буго 133 жагъалаб школа. 30 соналда жаниб гьел къачIазелъун килщида килищ кIутIун гьечIо цониги чияс! Лъица гьеб хIалтIи гьабизе бугеб? 70 автобус кьуна нилъее Москваялъ – хIажат буго жеги кIинусгоялдаса цIикIкIун. Нилъеца къимат кьезе буго, харбихъ гуреб, гьабураб ишалъухъ балагьун. Нилъеда тIадаб буго Дагъистана­лъул халкъалъе хIажатаб чIезабизе ва тIоцебесеб иргаялда – лъималазеги херазеги. БукIине ккола хIалтIуда рекъараб харжги», — ян кIалъана респуб­ликаялъул нухмалъулев.
Данделъиялда бицана ЖКХялда газалъул алатал хIалтIизарулаго, хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хIа­къа­лъулъги.
Госжилинспекциялъул нухмалъу­лев ГIали ЖабрагIиловасул пик­руялда рекъон, газалъул алатал кьвагьиялъе аслияб гIилла ккола сертификат гьечIел алатал хIалтIизари. Гьелда бан, РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул начальник Нариман КазимухIамадовас рехсана мисалалги: 2018 соналъул байбихьудаса анлъго къварилъи ккана сертификат гьечIел алатал лъеялъул хIасилалда ва къварилъи ккана ункъо чиясе (цо чи хвана).