Анкьил хIасилал

Мадугьалзабазулгун бухьенал

Россиялъулги Азербайжаналъулги экономикаялъул министерствабаз къотIаби гьаруна

27 сентябралда ДРялъул бетIерас гIахьаллъи гьабуна Азербайжаналда тIобитIараб Россиялъулгун Азербайжаналъул регионазда гьоркьосеб данделъиялда. Гьесда цадахъ гьенир рукIана Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, гьесул заместитель Елена Ельникова, ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министрасул ишал тIуралев ГIусман Хасбулатов, гьесул гIакълучи Игорь ГIубайдуллин, росдал магIишаталъулгун кванил нигIматазул министрасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, транспорта­лъулгун нухлул магIишаталъул министрасул ишал тIуралев Ширухан ХIажимурадов, предпринимательствоялъулгун инвестициязул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тIуралев ХIажи ХIасанов.
Бакуялъул бизнес-централда букIине буго Азербайжаналъулгун Россиялъулги Россиялъулгун Азербайжаналъулги ишазулал советазул данделъи. Гьелдаса хадуб ХIайдар ГIалиевасул цIаралда бугеб централда тIоритIизе руго дандеруссиналги. Гьениб бицине буго промышленносталъулги, туризмалъулгун бизнесалъулги, транспорталъулги рахъалъ бухьенал камил гьариялъул хIакъалъулъ.
Владимир Васильев кIалъазе вахъана Бакуялъул Бизнес-Централда тIобитIараб «гургинаб столалда». Форумалъул гIуцIарухъабазе баркалаги кьун, гьес бицана Азарбайджаналдаги Россиялдаги гьоркьосел транспортиял бухьеназул хIакъалъулъ. «Дагъистаналъул ракьалдасан унеб маххул нухалъул кумекалдалъун, Россиялдаги Азарбайджаналдаги гьоркьосел дармил бухьенал щулалъулел руго. Гъоркьиса гьелъул къадар цIикIкIана 41 проценталъ ва бахана 566 азарго тоннаялде. 2018 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда 68 проценталъ цIикIкIана Россиялдаги Ираналдаги гьоркьосеб дармил бухьен. Гьелъие ресал жеги гIемер руго», — ян абуна Дагъистаналъул бетIерас.
Хасаб кIварбуссинабуна гьес Самур гIоралда тIасан кьо баялъул масъалаялдеги. «Россиялъул 190 компаниялъ баччулеб буго гьеб кьодасан къайи. Гьезда гьоркьоса гIемерисел руго дагъистаниял. Гьелдаго цадахъ, гьенир хIалтIулел компаниязул бутIа дагьлъана 39 проценталде щвезегIан. Гьеб масъалаялде цIикIкIун кIваркьезе ккела. ХIисабалде росизе ккола Каспиялъул рагIаллъабазда ругел пачалихъазул бутIрузул дандчIваялда гьарурал хIукмабиги гьенирго церелъурал ва нилъер гIаммаб гIумруялъе лъикIал шартIал гIуцIиялъе квербакъулел проекталги», — ян абуна Васильевас.