Сессия

Здуновасда божилъи гьабуна 

Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло анлъабилеб сессия

Политикиял ишазулъ лъадарарал дагъистаниязе республикаялъул цIияв бетIер вищаралдаса нахъе рахIат толеб букIинчIо хIукуматалъул бетIерлъуда щивдай вукIиневин абураб суалалъ.
Халгьабиялде росарал киналго суалал кIвар бугел рукIаниги, гьеб хъулухъалде нахъеги Артем Здунов тIамизе депутатаз разилъи лъазабиялъул суал республикаялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло анлъабилеб сессиялда букIана аслияблъун. Гьенив кIалъазе вахъарав республикаялъул бетIер Владимир Васильевас абуна ахираб заманалда Дагъистаналда Россиялъул президент В. Путинил тIадкъаял тIуразариялъул мурадалда ва кадраби тIасарищиялда хурхун гьабулеб хIалтIи хIалуцун унеб бугилан. Гьелда хурхун налогал ракIариялде, нухал гьариялде кьолеб бугеб кIваралъулги бицана Дагъистаналъул бетIерас.
Гьес рехсана республикаялда ФОМСАлъул хIалтIул рагIа-ракьанде щун халгьабизе Россиялъул регионаздаса специалистал рачIине ругин ва ратарал гIунгутIаби тIагIинариялъе тадбиралги гьаризе ругилан. В. Васильевас лъазабуна, республикаялда батIи-батIиял идарабазде кадраби тIасарищулаго, гьезул миллат хIисабалде босизе гьечIин. Республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулевлъун Артем Здунов тIамизе бокьун бугин ва гьесул рахъккуни бокьилаанин гьарана депутатаздаги. Республика цебетIезабиялъул мурадалда хIадур гьабураб программагун депутатазда цеве кIалъазе вахъана А. Здуновги. Гьес депутатазе цадахъаб хIалтIухъ баркала кьуна ва бицана республикая­лъул экономика цебетIезабиялъул мурадалда гьаризе кколел ишазул ва церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ. КIвар бугел суалазул цояблъун гьес рехсана мугIрузул районазул ахIвал-хIал лъикIлъизаби ва тIадчIей гьабуна Дагъистана­лъул экономикаялъул кьучIлъун кколеб росдал магIишаталъул сипат хисизабиялда. Жиндирго кIалъаялда гьес рехсана Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ахираб заманалда гьарурал хIалтIабиги. Мелиорация чIаго гьаби, тайпадулаб боцIи, ччугIа гIезаби, гьеб магIишатияб бутIаялде инвестициял рачIинари цIакъго хIажатаблъун бугилан абуна гьес. Гьелдаго цадахъ Здуновас рикIкIана хадубккун кIудияб кIвар кьезе кколеб бутIалъун нухал гьари ва къачIай.
Докладчияс загьир гьабуна рагIалде рахъинаричIел социалиял ралел бакIал гIемер рукIиналдаса разилъи гьечIолъиги ва гьединго тIабигIияб газа­лъул магIишаталдаги, токалъул бутIаялдаго гIадин, гIадлу гьабизе бугинги лъазабуна. Риидал лъималазул хIухьбахъиялде гIунтIун гьес киналго рахъазде кIал щвезабуна. Амма, кIалъаялъухъ балагьун, республикаялъул экономикая­лъул ахIвал-хIал гьедигIанго беццилеб хIалалда гьечIеблъи бихьулеб букIана. Гьеб хъулухъалде жив вищани, ракIбацIцIадаб хIалтIи гьабизе букIиналда щаклъи гьечIиланги абуна гьес. А. Здуновасул рахъккун кIалъана Халкъияб Собраниялъул председателасул заместителал Камил Давдиев ва МахIмуд МахIмудов, гьединго депутат Марат Асланов. Балъгояб гьаркьие лъун хадуб, А. Здуновасе гьаракь кьуна 76 депутатас, цо депутат дандечIана ва цо депутатас гьаракьго кьечIо. Гьелдаса хадуб рагIи босарав Васильевас Халкъияб Собраниялда ругел партиязул вакилзаби ахIана республикаялда гьарулел ругел ишазулъ чIагояб гIахьаллъи гьабизе. Гьес рагIи кьуна муниципалиял гIуцIабазул хIалтIулъ ругел гIунгутIабазде кIварбуссинабизеги.
Сессиялда ккана къанагIат гурони дандчIвалареб ишги. Халгьабиялде босараб «ГIадамазул кадастралъулаб багьа бугеб малалдаса налог босиялъе цо чIараб заман букIинабиялъул хIакъалъулъ» абураб закона­лъул проекталъул бицунаго, Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель МахIмуд МахIмудовасул, гьелъ гIадамазул гьедингоги мискинаб рукIа-рахъиналъул даража дагьабги квеш гьабизе бугин абураб кIалъаялдаса хадуб, гьоркьоб лъезе босун букIараб закон къабул гьабичIо. Гьелде дандечIана депутатазул цIикIкIарасеб къадар. Гьеб хIужаялъ гIахьаллъаразе кIудияб асарги гьабуна.
«2018 соналъул 8 моцIида жаниб бюджет тIубаялъул» бугеб ахIвал-хIалалъул бицунаго, абизе кко­ла б­юджеталде бачIун бугин араб соналъул гьебго заманалде дандеккун, кинабниги 6,2 млрд гъурушалъ цIикIкIун гIарац. Гьелда гьоркьоса 4,3 млрд ккола федералияб бюджеталдаса бачIараб трансферт. Гьеб гIарац, аслияб куцалда, харж гьабун буго социалияб рахъ цебетIезабиялъе. Республикаялъул бюджеталда жиндирго хайир цIикIкIун буго 1,3 млрд гъурушалъ.
Гьаб соналъул байбихьуда букIараб 12 млрд гъуршил налъи 2019 соналъул тIоцебесеб январалде 9,9 млрд гъуршиде ккезе буго. Гьелдалъун республикаялъул налъи дагьлъулеб буго 14 проценталъ.
Зикрула Илясов