КIудияб хIалтIуе лъураб кьучI

Россиялъул президент дандчIвана регионазул цIирищарал бутIрулгун

 

ИчIабилеб сентябралда улкаялъул регионазда, гьездаго гьоркьоб Дагъистаналда­ги, тIо­ритIана рищиял. ДРя­лъу­л Халкъияб Собраниялъу­л дан­делъиялда республикая­лъул бетIерлъун вищана Вла­­димир Васильев. Президента­сулгун букIараб дандчIваялда гIа­хьаллъана гьевги.
РФялъул президентас гьадин абуна гьеб дандчIваялда:
«Жакъа гьанире ракIарун ру­го хIалбихьи бугелги гьанже­лъи­зегIан федерациялъул субъектазул нухмалъулезул ишал тIуралел рукIаралги цIирищаралги нухмалъулел. Бокьун буго нужеда киназдаго баркизе рищиязда щвараб бергьенлъи. Дида ракIалде ккола, нужеда цIакъ лъикI бичIчIулеб бугин гьеб бергьенлъи кIудияб хIалтIуе лъураб кьучI кколеблъи. Гьарула, бажаранагIан хехго хIалтIизе байбихье. Нужер цоял хIалтIулел рукIана гьебго хъулухъалда, гьединлъидал хIалтIуде гъорлъе лъугьине нужее хIажалъиларо гIемераб заман. Нужеда церечIун руго гIаммал масъалаби. Гьел цогояллъун руго политикиял партиязеги, гьелги хIадурго руго нилъер улкаялъул, ватIаналъул цебетIеялъул мурадалда нужгун цадахърекъон хIалтIизе.
Аслиял масъалабилъун ккола халкъалъул къадар, гьезие щолеб хайир цIикIкIинаби, мискинлъи дагьлъизаби. Гьел мурадал тIуразе ккани, щивав чиясе хIалтIи букIинабизе ккола ва гьелъухъ лъикIаб харж щолеб хIалги гьабизе ккола. ЧIахIиялги гIисиналги шагьаразда, росабалъ гIуцIизе ккола гIумруялъе санагIатал шартIал: лъималазул ахал, школал, поликлиникаби, лъикIал нухал, берцинал къватIал ва ахалгун хIухьбахъиялъул бакIал. Гьел киналго масъалаби тIурала мухIканаб хIалтIи бугони, ай нужеда бараб буго гье­лъул гIемерисеб. ГIаммал мурадал тIураялъулъ кIудияб бутIа буго губернаторазул хIаракаталъул, хIакъикъаталдаги хIалтIулев чиясул лъикIал хIасилалги ру­кIуна, гьединазе кумек гьабизе нижги хIадур руго.
Бокьун буго аслияб мурадалде нужер пикру буссинабизе: гIадамаз пуланав кандидат гуро тIасавищарав, гьез бихьизабуна, щиб жидее рекIее гIоларебали, власталъул кинал ишал жидее къваригIун ругелали. Федерациялъул субъектазул бутIруллъун рищарал нужеда гьеб рагIизе ккола, нуж хIалтIизе ккола ругел масъалабигун ва нужер рахъккуразулги жеги цIикIкIун – батIиял кандидатазул рахъалда рукIаразулги суалазе жаваб кьун бажарулеб куцалда. Нуж ратIа кIанцIун чIоге нужералдаса батIияб пикру загьир гьабулездаса – гьел хIалтIизаре цадахъал ишазулъ. Щулияб бухьен гьабизе ккола бакIалъулаб самоуправлениялъулгун. ГIуцIе «Россия­лъул церехъаби» гIадал социалиял лифтал – гьеб къагIида лъикIаб бугеблъи бихьизабуна, гьарула, гьелда рекъон хIалтIе нужги. Ахирисел рищиязда бихьана, халкъалъ рахъкколеблъи цIигьариязул. Нужги хIалтIизе ккола, партиялъул ишал це­ретIезариялъул мурадалда гурел, гIаммал жамгIиял мурадазе гIоло. Нужер къокъабазулъеги раче жигарал, махщел камилал, ракIбацIцIадал, регионалъул це­бе­тIеялъе пайдаял гIадамал. Гьа­рула нужее икъбал», — ан.