Терроризмалде данде цадахъаб къеркьей

Акция байбихьана терроралъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал ракIалдещвезариялдасан

 

Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, республикаялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, Дагъистаналъул Халкъияб Cобраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, муфти АхIмад Апанди гIахьаллъана терроризмалде данде къеркьеялъул къоялде МахIач­хъалаялда тIобитIараб республикаялъулаб акциялда. Тахшаралъул аслияб майданалде данделъун рукIана гIолилал, студентал, жамгIиял хIаракатчагIи, журналистал, партиязул регионалиял отделениязул вакилзаби ва цогидалги дагъистаниял. Акция байбихьана терроралъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал ракIалдещвезариялдасан.
Республикаялъул нухмалъулес жиндирго кIа­лъаялда ракIалдещвезаруна 1999 соналда Болъихъ районалда ккарал лъугьа-бахъинал. ТакъсирчагIазул квердасан гIумруялдаса ратIалъарал низам ва ихтиярал цIунулел органазул хIалтIухъабазул хъизамазе кумек гьабизе бугинги абуна гьес.
Терроризмалдаса гIолилал цIунизе ккеялъул бицарал кIалъаял гьаруна рагъул, захIматалъул ва рагъулал къуватазул советалъул председатель МухIарам ГIалижановас, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мусаевас, лъималазул ва гIолилазул жамгIиял гIуцIабазул координациялъулаб советалъул председатель Вали АрслангIалиевас ва цогидазги.