Конкурс — «Дир Дагъистан»

ТIасавищана 54 чи

 

27 август «Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул гIа­хьалчагIазда гьоркьоб тIобитIана жеги цоги тестирование. Бищун цIи­кIкIун баллал щварал ахIун рукIа­на финалияб тестированиялде (ретест). Ретест, тIоцебесеб тестирование гIадин гуреб, тIобитIана гIуцIари-экспертазул халкквеялда гъоркь. Гьениб гуккизе ялъуни цогидал кумекалъулал ресал ралагьизе рес букIинчIо. 

ХIасилияб тестированиялда киназухъаго бажарараб цебеселда гIадал тIадегIанал хIасилал – ретесталъул хIасилалда 55 чи нахъчIвана ва жеги 10 чи вачIинчIо гьениб гIахьаллъи гьабизе. Финалалде ворчIана 161 чи, гьезие щвана бищун цIикIкIун баллал. Гьезда гьоркьоса цояс инкар гьабун буго ахирисеб этапалда гIахьаллъизе. Ай гьанже къецалда хутIана 160 гIахьалчи.
«Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул къимат кьеялъул блокалъул нухмалъулев Павел Безручкоца бицана щай цо-цо гIахьалчагIазе хадусеб тестированиялда лъикIал хIасилал ккечIелали. «Ретест кьун бажаричIо аслияб кIиго гIиллаялдалъун. ТIоцебесеб – гIахьалчиясул рекIел хIалуцин. КIиабилеб – цебесеб тест кьолелъул гIахьалчиясе къватIисан кумек щун букIин, гьединлъидалин гIемерисезул тIадегIанал хIасилалги рукIарал. Гьеб кIиялъулго кинаб гIиллаялъ гьесие квалквал гьабурабани нижеда абизе кIоларо, нижеда гьеб лъаларо, гьединлъидалин гIайибал чIвазеги лъугьунел гьечIел», — ан абуна къимат кьеялъул блокалъул нухмалъулес.
«Нижеца абулеб гьечIо, абизеги гьечIо ретест кьезе кIвечIевщинав гIахьалчи цебесеб тестированиялда ракIбацIцIадго вукIинчIин, гьеб букIинаан кьучI гьечIеб хабар. Дица абухъе, хIасилияб тестирование рекIел хIалуцин гIодоцинабизе кIунгутIиялъ, гьебги лъикIаб гьечIеб бихьизаби ккола гIахьалчиясе», — ян абуна П. Безручкоца.
Гьес абуна ахирисеб ретесталда киназего гIуцIун рукIанин цого шартIал.
Къимат кьеялъул блокалъул нухмалъулесул заместитель Юлия Лузановалъ ракIалдещвезабуна киналго гIахьалчагIазда лъалаанин хIасилияб тест очно кьезе букIин.
«Байбихьудасаго, ай дистанционни­яб тестирование байбихьаралдасаго нижеца киналго гIахьалчагIазда лъа­забун букIана, тIоцебесеб тес­ти­рованиялда бажараниги, ахиралда гуккун бажаризе гьечIин. Ахирал­да хIалтIизабуна хIалбихьи бу­геб къагIида, гьелъ рес кьола ки­гIан ракIбацIцIадав чи гIахьалчи ву­кIа­равали тIатинабизе. Дистанционияб тестирование тIобитIун хадуб гIе­ме­рал гIарзал рукIана тестазул суала­зе жавабал кьолаго гIахьалчагIазе цо­гидазул кумек щванин. Нижеца жа­ваб кьолеб букIана ретесталда ки­­набго тIатунин. Гьедин ккезеги кка­­на. ХIасилияб тестированиялда ху­тIа­на жиндирго лъаялдалъун цевехун вачIа­рав. Нижеца гьединалин ралагьулел ру­кIарал», — ан абуна Ю. Лузановалъ.

28 август

«Джами» гостиницаялъул комплексалда рагьана «Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул финалияб этап. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас, Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсаидовас ва республикаялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас.
Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабизе республикаялде рачIун рукIана РФялъул Президентасул Администрациялъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Сергей Кириенко, СКФОялда РФялъул Президентасул вакил Александр Матовников, РФялъул ЖКХялъул ва бакIал раялъул министр Владимир Якушев, РФялъул энергетикаялъул министрасул заместитель ва «Россиялъул церехъаби» конкурсалда бергьарав Павел Сорокин.
Гьалбадерил щивас хитIаб гьабуна «Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул гIахьалчагIазде.
Сергей Кириенкоца конкурсантазда цеве кIалъалаго ракIалдещвезабуна президент В.Путинил тIадкъаялда рекъон тIобитIараб ТIолгороссиялъул «Россиялъул церехъаби» абураб конкурс. «Гьелъул аслияб масъала букIана щивав россиялъуласе жиндирго гьунар-махщел бихьизабизе рес кьей. Гьеб букIана жал экономикаялда, пачалихъалъул хъулухъазда нухмалъи­ялда рукIине мустахIикъал ругин рикIкIунезда гьоркьоб тIобитIараб конкурс. Гьезие рес кьун букIана жидерго махщел бихьизабизе, гьеб рагьун гьабизе. Гьениб бухьеназул ва гIарцул ресазда бараб щибго букIинчIо. Кина­лъего къимат кьолеб роценлъун букIана профессионализм, махщел, таваккал. Гьединаб конкурс жеги тIобитIун букIинчIо Россиялда. Нижеда ккун букIинчIо гьелгощинал рукIинин гIахьаллъизе бокьаралин абун – кIинусазарго чиясдаса цIикIкIун гIарза бачIана, гьезда гьоркьоб 1,5 азарго гIарза букIана Дагъистаналдаса», — ян бицана РФя­лъул президентасул Администрация­лъул нухмалъулесул тIоцевесев заместителас.
Гьенибго гьес кIвар кьуна гьадинаб суалалде – ТIолгороссиялъул конкурсалда бергьарал тIамулел рукIинчIо нухмалъиялъул хъулухъазде. «Бергьаразе щвана гIарцулал грантал жидерго махщел борхизабизе, Россиялъул вузазда лъай борхизабизе рес. Гьезие улкаялдаго лъикIаллъун рикIкIунел нухмалъулел насихIатчагIи щвана. Абизе ккола, бергьаразул даража цIакъго цIикIкIараб батана. Гьединлъидал Россиялъул президентас конкурсантазул кIигоял тIамуна регионазул нухмалъу­леллъунцин – Амур областалъул ва Ямал-Ненец автономиялъул, лъабгоял – федералиял минис­тразул заместительзабилъун», — ан абуна С. Кириенкоца.
Гьес абуна «Дир Дагъистан» конкурсалъул лъабгояс гIахьаллъи гьабизе бугин 11-13 сентябралда тIобитIизе бугеб Бакъбаккул экономикияб форумалда.
Гьесго бицана республикаялъул конкурсалъул финалистазе хасал лъай борхиялъул программаби хIадурулел ругин.
Президентасул вакил Александр Матовникас жиндирго кIалъаялда кIварбуссинабуна анлъазарго чиясда гьоркьоса 200 финалист гьоркьове ккей — гьеб кIудияб бергьенлъи букIиналде.
«Конкурсалъул кIвар бугеб масъалалъун ккола таваккал бугел, жигарал, республика ва Россия церетIезелъун хIалтIизе хIадурал церехъаби тIасарищи. Гьанже – цебетIеялъул цIияб этапалда — республикаялъе хIажат руго киналго рахъаз республика цебе бачине кIолел профессионалал.
Жиндирго кIалъаялда Путиницаги абуна ВатIаналъул тIалабалда ракIбацIцIадго ва кIвахIтун хIалтIизе бокьарав чиясе Россия букIине буго киналго шартIал гIуцIараб улкалъунилан.
Улкаялдаго лъикIаб хIасил бихьизабулеб буго социалиял лифтазе рес кьолел пачалихъиял проектаз. «Дир Дагъис­тан» — гьезул цояб ккола», — ян абуна гьес.
Россиялъул киналго регионазе ва нилъер республикаялъе цIияблъун кколеб, жеги цогидаб бакIалда букIинчIеб къагIида буго гьединаб конкурсги тIобитIун, нухмалъулел рищиян абуна В.Васильевас. «Ахиралде щвана лъикIаздаса лъикIал тIасарищиялъул конкурс, гьабуна кIудияб хIалтIи. БукIараб ахIвал-хIалалъ ва заманалъ тIамуна нилъ гьеб къагIида тIасабищизе. Конкурса­лъул аслияб мурад – гIадамазул гIумру лъикIлъизабиялъе нухал рати, респуб­ликаялъул экономика ва социалияб рахъ церетIезари. Гьанже конкурс ахиралде щвана, гьенир тIаса рищарал профессионалаз республикаялъул гIумру цебетIеялъе туркIи щвезе букIиналда ракIчIола дир», – ан абуна регионалъул нухмалъулесул ишал тIуралес.
РакIалдещвезабуна В.Васильевас тIоцебесеб къоялдасаго конкурсалъул гIадатиял гIадамазе кIудияб интерес букIинги, гьез гьелда хадуб мухIканго халкколеб букIинги.
* * *
Гьелдаса хадуб «Джами» гостиницаялъул комплексалда тIобитIана федералиял ва республикаялъул СМИял гIахьаллъараб пресс-конференция.
«Дида кидаго ракIалдеккун букIинчIо, регионалияб конкурсалда гIахьаллъи гьабилин Россиялъул Федерациялъго абун! Вуго батIияб улкаялдасацин гIахьалчиги. Гьелъул магIна ккола гьаб конкурсалде гIарза кьурал гIадамал, гьаниб гIагарлъи-божилъиялдалъун, лъай-хъваялдалъун ялъуни гIарцудалъун гурони «нух ба­хъун» бажарулареблъиги бичIчIун, жиндир заманалда къватIире ун рукIин. Гьез конкурсалде гIарзаби кьеялъул магIнаги ккола гьезие рес­публикаялде тIадруссине бокьун бу­кIин, гьел гьанже ритIухълъиялда бо­жулел рукIин ва гьаниб ахIвал-хIал гIак­сабахъун хисулеб букIин», — ан гIа­жаиблъун бицунеб букIана Сергей Кириенкоца.
«Дун-профессионал» абураб студентазул олимпиадаялъул ва гьелъ гIолилазда цере рагьулел нухазул хIакъалъулъ бицана гьеб проекталъул нухмалъулей Валерия Касамараца.
Студентазе тIадкъаял хIадурулел руго аслиял Россиялъул вузазул экспертаз ва улкаялъул чIахIиял компанияз. Халгьабулеб буго лъай ва мантIикъ (логика, абстрактная эрудиция).
ЛъикIал хIасилал рихьизарурал студентазе щолел руго сайгъатал, бигьалъаби гьарулел руго аспирантураялде ва магистратураялде лъугьине.
Дагъистаналъул вузазул ректорал – МуртазагIали Рабадановас (ДГУ) ва ЯхIя Бучаевас (ДГУНХ) абуна жидер вузазул студентал хIадур ругин гьеб олимпиадаялда гIахьаллъи гьабизеян.

29 август

Пляжалдаса бакIарана ришни-къулалъул 2,1 тонна.
Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев ва РФя­лъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Сергей Кириенко гIахьаллъана МахIачхъалаялъул «Оазис» пляжалда тIобитIараб «БацIцIадаб Каспий» экологияб хIаялда. Гьеб гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул спорталъул ва туризмалъул рахъалъ комитеталъ. «БацIцIадаб Каспий» проекталда гIахьалчагIи рикьула кIиго къокъаялде, ва гьез бакIаризе ккола сверухъ бугеб ришни-къул. ХIаялъул хIасилалда бакIарун буго ришниялъул 275 таргьа.
Тадбиралда гьединго гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул бетIерасул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, «Дир Дагъистан» конкурсалъул финалистал ва цогидалги.

30 август

«Джами» гостиницабазул комплексалда тIобитIараб данделъиялда рицана «Дир Дагъистан» конкурсалда бергьаразул цIарал. Гьале гьезул сияхI:
1) Руслан Абакаров
2) Мадина Абакарова
3) ХIажимурад ГIабашилов
4) Вагьаб ГIабдулхIамидов
5) Диана ГIабдурахIманова
6) Гульнара ГIабдусаламова
7) Тарлан Абукаров
8) МухIамад ГIалибегов
9) Александр Ильченко
10) ХIажи Къадиев
11) ГIабдула МухIамадов
12) Бадрудин МухIамадов
13) МухIамад МухIамадов
14) Юлдуз МухIамадова
15) Мазанай Мазанаев
16) Жанна Мирзамабаева
17) Бадави Муртаев
18) МухIамад Мусаев
19) Заира Мусалова
20) ГIали Мустафаев
21) МухIамад ГIумаров
22) ПатIимат ГIумарова
23) АхIмад Рамазанов
24) Ольга Радионова
25) Арсен Рустамов
26) ХIажиагъа Сардаров
27) Евгений Смирнов
28) Месей Сулейманова
29) Тамара Сулейманова
30) НурмахIамад Суракъатов
31) Карина ТIагьирова
32) СагIид Темирханов
33) МухIамад ХIамидов
34) Мурад Шапиев
35) Шарип ГIалиев
36) Рукъият АхIмадова
37) Тимур Велиханов
38) Роман Волков
39) Мурад ХIажияхьяев
40) Жамиля Гайдбекова
41) ХIайдар ГIалиев
42) ГIали ХIасанов
43) Зубаир Гъафуров
44) Абзагьир ХIусейнов
45) Мурад Дагьиров
46) ХIайбула Жамалудинов
47) Ибрагьим Жамбулаев
48) Разаб Юсупова
49) Тимур Саркаров
50) Шахсалам Батирова
51) Равзанат Ибрагьимова
52) Марис Илясов
53) ГIалибег Имаков
54) Агъарагим КъагьирхIажиев
Шамсият Султанбегова