ЦIалул тIахьазе биччараб гIарацгицин бикъулеб батани…

Владимир Васильевас какана школал цIалул тIахьаздалъун хьезариялъулъ бугеб ахIвал-хIал.

Гьелъул хIакъалъулъ бицана лъайкьеялъул министр Уммупазиль ГIумаровалъ.
— Республикаялъул цо-цо школазда руго къваригIунарел тIахьал. Масала, Агул районалъул росабазул школазда руго гъваридго паранг ва ингилис мацIал малъиялъул тIахьал. Болъихъ районалда кколелдаса цIикIкIун ратана тIахьал. РакIалда буго школазул библиотекабазда ругел тIахьазул хIисаб-суал гьабизе. Гьенир гIодор лъун ратулел руго къваригIаралги къваригIинчIелги тIахьал. ГIаммаб къагIидаялда босани, республикаялъул школал тIахьаздалъун хьезарун руго гIицIго 58 проценталъ, цогидал регионазда гьеб бахунеб буго 95-100 проценталде. Цо-цо районаз тIахьазе гIарзаби кьолел руго, къваригIунелдаса чанго нухалда цIикIкIараб къадарги бихьизабун, — ан бицана гьелъ.
Республикаялъул финансазул министр Юнус СагIадуевас абуна исана школазе тIахьал росизе харж гьабизе бугин 200 млн гъуруш, миллиял мацIазул тIахьал росизе- 20 млн гъуруш.
Владимир Васильевас кIваркьуна цо гьадинаб хIужаядеги: «240 млн гъуруш гурони тIахьал росизе биччачIеб заманалда, кин росарал 900 млн гъуршиде цIалул тIахьал. 80 процент тIахьазул ругин гурищ хIисаб-суалги кьун букIараб, кин жакъа гьезул къадар 58 проценталде ккараб? Лъица гьеб гьабураб? Щай гьабураб? Гьанже абулеб буго тIахьаздалъун хьезариялъул 58 процент гурони тIубан гьечIилан. Намус тIагIарал гIадамаз гьанибги хIаракат бахъун буго лъималазе биччараб гIарац бикъизе», — ян абуна гьес.