Каспий – ракълил ралъад

Гьал къоязда Россиялъул, Казахстаналъул, Ираналъул, Азербайжаналъу­л ва Туркменистаналъул президентаз гъолбасал гьаруна Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялда

 

Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялъул документ хIадур гьабиялда сверухъ рехсарал бутIрузда гьоркьор чанго соналъ гара-чIвариял гьарулел рукIана. Ахирги гьел цо пикруялде рачIана.
Каспий ралъад ккола нилъер бечелъи, берцинлъи, инсанасул сахлъи­цIу­ниялъе чIахIиял ресал рагьулеб гъамас.
Югалдаса Севералдехун гьелъу­л халалъи буго 1200 километр, Бакъ­тIер­хьудаса Бакъбаккудехун гьелъул гIеблъи буго 200-ялдаса 435 километ­ралде щвезегIан. Каспиялъ ккола 390 азарго кв. километр. Гьелда жаниб лъел къадар бахуна 78 азарго кубическияб километралде, ай гьеб ккола ракьалда ругел киналниги хIоразул лъел 44 процент. Ралъдал гъварилъи буго 1025 метр. Каспиялъул гьумер буго Дунялалъул океаналъул гьумералдаса 27 метралъ гIодобегIан. Гьелде жанибе чвахулеб буго 130 гIор. Гьезул бищун кIудияб ккола Волга.
Каспиялъул рагIаллъабазда буго щуго пачалихъ: Россия (Дагъистан, Кал­мыкия ва Астрахан область), Иран, Азербайжан, Туркмения, Казахстан.

Каспий ралъдал жаниблъиялда, гье­лъул рагIалда ругел пачалихъал гурелги, буго ункъо улкаги: Гуржистан, Эрмения, Узбекистан ва Турция.

Цебе, СССРалъул заманалда, гIицI­го гьелдаги Ираналдаги гьоркьор рукIана Каспиялдасан пайда босиялъул хIакъалъулъ (1921 ва 1940 соназда) гьарурал къотIи-къаял. Гьел киналго улкабазги къабул гьарулел рукIана. Совет Союзги биххун, пачалихъал гIемерлъараб заманалда хIажалъи ккана гьезда гьоркьоб Каспиялдаса пайда босиялъул цIияб къотIи-къай гьабизе, цIиял къагIидаби чIезаризе.
Гьединлъидал 1996 соналда, Каспиялъул статус чIезабиялъул мурадалда щуябго пачалихъалъул хIукмуялда рекъон, къватIисел ишазул министрзабазул заместителаздасан гIуцIана хасаб къокъа.
Гьеб хIалтIи рагIалде бакIарана гIицIго исана. Каспиялъул жаниблъиялъул пачалихъазул бутIрузул щуабилеб саммиталда гьез хIадур гьабураб конвенция киназго къабул гьабуна. Гьелда гъоркь гъолбасал гьаруна Россиялъул президент Владимир Путиница, Казахстаналъул президент Нурсултан Назарбаевас, Азербайжаналъул президент ИлхIам ГIалиевас, Ираналъул президент ХIасан РоухIаница ва Туркменистаналъул президент Гурбангули БердымухIамадовас.
Гьеб конвенциялда рекъон, Каспий рикIкIунеб буго хIорлъун гуреб, ралъадлъун. Ралъдал тIину ва сурсатал рикьун руго гьеб щуябго пачалихъалда гьоркьор. Каспиялда гамул хьвадизе, ччугIа кквезе, ралъдалъ гIелмиял цIех-рехал гьаризе хIукму гьабуна гьел улкабазулгун пикруги дандбан. Масала, ралъдал тIиналдасан рогIоро лъолеб бугони, гьеб суал дандбазе ккола гьеб тIинуялъул бетIергьанлъун кколеб пачалихъалда. Гьеб хутIулеб буго ракълилаб ралъадлъунги. Каспиялда гьукъун буго, гьеб щуябго пачалихъа­лъул гурони, «лъабабилел улкабазул» рагъулал къуватал тезе. Гьединлъидал Актауялда 12 августалда къабул гьабураб Каспиялъул хIакъалъулъ конвенциялъ гьеб ралъад регионалда ракъел цIуниялъул хъаравуллъун бихьизабун буго. Гьелда бан, Казахстана­лъул къватIисел ишазул министр Кайрат ГIабдрахIмановас, 11 августалда саммит байбихьилелдего, абуна Америкая­лъул рагъулал базаби Каспиялда рагьизе гьечIилан ва гьеб хIалтIизабизе бугин рекъел букIинабиялда ва экономика цебетIезабиялда хурхарал масъалаби тIуразе. ГIицIго 2017 соналда Казахстаналъухъа бажарана республикаялде 9,5 млрд гъуруш, ай киналниги инвестициязул 45 процент гьенисан бачIинабизе.
Гьеб гуребги, пачалихъазул бутIруз рикIкIунеб буго Каспиялъул жаниблъиялда ругел улкабазда гьоркьоб гьелъ рес кьезе бугин бича-хисиялъул иш цебетIезабизеги. Гьелъие гIоло Россиялъул президент В. Путиница, ишалъулал дандчIваял гIатIид гьари мурадалда, гьел пачалихъазда гьоркьоб жидерго экономикияб форум гIуцIиялъул пикруги загьир гьабуна.
Конвенция хIалтIизе байбихьарабго, гьеб регионалде батIи-батIиял инвестициял рачIиналдеги божилъи гьабулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз.
Каспий ралъдал хIакъалъулъ конвенция ккола гьенире унел пачалихъазул экономикиял, гуманитариял ишал тIураялъул, халкъазда гьоркьосеб транспорт хьвадиялъул аслиял рахъал жинда жанир загьир гьарураб къотIи-къай.
Саммиталда жиндирго кIалъаялда Ираналъул президент ХIасан РоухIаница абуна гьеб конвенциялъ киналниги суалал рагIа-ракьанде щун тIуразе рес кьоларилан, гьелда тIад жегиги хIалтIизе ккезе ругин.
Дагъистаналъе щиб пайдаха бугеб конвенция къабул гьабиялъул?
Дагъистаналда Каспий ралъдал рагIаллъиялъул буго 510 километралъул халалъи. Гьеб ккола республикаялъул экономика цебетIеялъе, гIадамал ва юк баччулеб транспорт цебе бачиналъе, инвестициял рачIинариялъе кIудияб квербакъи букIине бугеб хIужа.
РакIалда буго, 1996 соналда респуб­ликаялда, тIолабго улкаялдаго гIадин, квана-гьекъолел жалазул рахъалъ расги лъикIаб хIал букIинчIо, тукаби чIорого рукIана, язихълъиялъ чарахве­забун букIана. ХIукуматалъул председателасул заместителал ва администрациялъул нухмалъулелги ракIарараб жиб-жиб анкьица рукIунел данделъа­базул цоялда гьеб суалалъул халгьабулаго, хIукуматалъул председатель ГIабдуразакъ Мирзабеговас абуна, аскIоб Каспий ралъадги тун, халкъалъе квине ччугIа гьечIого нилъ рукIине бегьиларилан (дол соназда гIицIго Астраханалъул гIелмияб институталъе гурони ихтияр букIинчIо ччугIа кквезе).
Гьесул буюрухъалда рекъон хIадур гьабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул хIукму, ва гьелъ изну кьуна ралъдал рагIалда ругел магIишатазе пуланаб къадаралда ччугIа кквезе ва гьеб халкъалъе кьезе.
Гьелдаса нахъе нилъер республикаялда гIадамазул хIажалъабазе ччугIа кквей лъугьана гIадатияблъун. Амма жакъаги Каспий ралъад, 450 хIор ва 4000 гIор бугониги, гIицIго 10 проценталъ гурони кIолеб гьечIо нилъецаго ккураб ччугIидалъун Дагъистан хьезабизе. ХутIараб ччугIа бачIунеб буго Астрахань ва Ростов областаздасаги Ставрополь краялдасаги.
Гьеб гуребги, Каспий ралъа­д буго бер­цинаб тIабигIатги чорхое пайдаял магIданалги ругеб, гIадамазе хIу­хьбахъизе санагIатаб бакI. Дербен­талъул, Избербашалъул, Каспийска­лъул, МахIачхъалаялъул ралъ­дал рагIал­лъа­базда ран руго санато­риял, хIухь­бахъиялъул рукъзал. Гьенире рачIуна туристалги, къватIисел пача­­ли­хъаздаса гьалбалги, экскурсиязде щварал гIада­малги. Гъоркьиса нилъехъе вачIун вуго 600 азаргоялдаса цIикIкIун турист, гьез­даса 29 азарго чи – къватIисел пача­лихъаздаса. Исанаги гьелдаса дагьал ру­кIинарилан абулеб буго туризмалъул нух­малъулез.
Гьелдаго цадахъ Дагъистаналда буго хасало цIоролареб Россиялъул цохIого-цо порт. Исана гьел тIоцересел галаби лъолел руго цереккунисел соназде дандеккун юк баччи дагьлъиялдалъун ккараб захIматаб кризис нахъа тезе. Гьезие кьучIлъун ккола Казахстаналъулгунги Гъиргъизиялъулгунги юк, цIатари баччи цIикIкIинабиялъе ва гьел пачали­хъазда гьоркьоб паром хIалтIизабиялъе респуб­ликаялъул нухмалъулез ресал ратулел рукIин. Гьелдехун цIикIкIун пикру бу­сси­набулеб буго Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоялъги.
Гьел ресал гIумруялде рахъинаризе кумек гьабизе буго Россиялъул хIукуматалъги 2030 соналде щвезегIан Каспий ралъдал жаниблъиялда ругел портазул хIалтIи лъикIлъизабиялъе 2017 соналда къабул гьабураб хасаб Стратегиялъги.
ГьабсагIаталда гьеб ишалъулъ цебехъанлъи бихьизабичIони, Каспий ралъдада Россиялъул транспорталъу­л суал хадубккун камил гьабизе рес букIине гьечIилан рикIкIунеб буго экономистаз.
Жакъа нилъер республикаялда буго хIисабалде босараб 12 пляж. Гьенир руго тIадхъелал, хIажатханал, кафеял ва тукаби. Дагъистаналда гIуцIарал пляжазул гIаммаб халалъи бахуна 10 азарго метралде.
Амма хIухьбахъиялъе ралъдадаса пайда босиялъул рахъ ва рачIунел турис­тазул къадар цIикIкIинабиялъе тIад гьабулеб хIалтIи, узухъда, рагIа-ракьанде щвараб гьечIо. Ралъдал рагIаллъаби киналго руссун руго гIадлу-низам гьечIого рарал минабазде ва хъулбузде. Чан нухалда гьелъие гIадлу-низам гьабизе­йин шагьаралъул ва республикаялъул нухмалъулел лъугьаниги, гьедин ралел бакIазул къадар цIикIкIун гурони, дагьлъулебги гьечIо.
КватIичIого Дагъистаналде бачунеб буго Астраханалда чIун букIараб Каспиялъул флотилияги. Гьединаб хIукму гьабун буго стратегиялъул рахъалъ ни­лъер республикаялъул шартIал гIемерго лъикIал рукIиналъ. МахIачхъалаялда рагьизе бегьула флотилиялъе кадраби хIадур гьарулеб тIадегIанаб цIалул идараги. 1992 соналде щвезегIан гьеб флотилия букIана Бакуялда, гьелдаса хадуб гьанжелъизегIан – Астраханалда.
Гьединал лъикIал рахъал руго ни­лъее аскIоб бугеб Каспий ралъдал. Амма гьездаса кколеб даражаялда пайда босизе бажарани, гIицIго экономикияб рахъалъ гуребги, ралъад сверун ругел халкъазда гьоркьоб рекъел цIуниялъул суала­лъулъги букIинаан кIудияб цебетIей.
Зикрула Ильясов