Каспиялъул флотилия

Дагъистаналде вачIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу

 

МахIачхъалаялъул аэропорталда министрасда дандчIвай гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги ДРялъу­л хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги. Гьел щвана Югалъул рагъулаб округалда, ай МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги Каспиялъул флотилиялъе ралел ругел объектазде.
ГьабсагIаталда ралел руго гуми рещтIунел бакIал, флотилиялъул аска­риязе хIажатаб инфраструктура: казармаби, маданияталъулгун ре­кIел­гъеялъул центр, офицеразе мина. ХIалтIизе байбихьун буго рагъулаб поликлиника. Гьезул хал-шалги гьабун, Сергей Шойгуца тIобитIана данделъи.
Гьениб Россиялъул оборонаялъу­л министрас бицана Каспийскалда базе кколин гьанжезаманалъул рагъулабгун ралъдал база. «Гьенир рукIине ккола инженериялги, навигациялъулгун гидрографиялъулги, материалиябгун техникияб хьезариялъеги хIажаталщинал объектал. ГьабсагIаталда Россиялъул рагъулабгун ралъдал флоталъе хIажатаб къадаралда гIатIид гьарулел руго гуми чIезаризе бакIал. Гьеб мурадалда халгьабулеб буго Каспия­лъул тIинуялъул, ралел руго объектал МахIачхъалаялъул порталдаги. КъачIан рахъунел руго ралъдал пехотаялъул 177-абилеб полкалъул аска­риязе рукъзал. ХIадурулеб буго цIалулгун материалияб база», – ян бицана министрас.
Гьес тIаде жубана, хасаб кIвар­кьезе кколин аскарияз гIумру гьа­бизе бугел минабаздеги, меди­цинаялъулгун социалиял ва рукIа-рахъиналъулгун рекIелгъеялъул шартIал хIадур­и­ял­де­гиян.