Суалал ва масъалаби

Налъи цIикIкIана

 

РФялъул Пачалихъияб советалъул данделъиялда бицана
Северияб Кавказалъул федералияб округ цебетIезабиялъул хIакъалъулъ

Москва областалда тIобитIараб Пачалихъияб советалъул данделъи нухда бачана РФялъул хIукуматалъул председатель Дмитрий Медведевас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.

 

Медведевас бицана, аслиял масъа­лабилъун кколин СКФОялъул цIатариялъулгун энергетикаялъул комплексалда бугеб хIалги, пачалихъиял программабаздаги аслиял проектаздаги рекъон хIалтIиялъул хIасил гьабиги. Гьел масъалабазде руссиналде, премьер-министрас ракIалдещвезаруна кадразул рахъалъ гьарурал хиса-басиял: вице-премьер Виталий Муткоца нухмалъи гьабизе буго СКФОялъул масъалабазе, профилияб министерствоялъул бетIерлъуда тана Сергей Чеботарев ва СКФОялда президентасул вакиллъун тIамуна Александр Матовников. Рехсарал хиса-басиязул лъикIаб хIасил ккеялде хьул бугинги абуна Дмитрий Медведевас.
Данделъиялда рехсана гьадинал баянал: гъоркьиса СКФОялъул регионаз гIарац кьуна хIалтIизабураб газалъул гIицIго 85 проценталъухъ. Гьелдалъун газалъухъ гIаммаб налъи бахана 13 млрд гъуршиде ва токалъухъ – цIикIкIана 3,5 млрд гъурушалъ. «Налъул цо пуланаб бутIа бецIулеб буго, амма кьураб гIарцуцаги тIубаларо кьезе кколеб букIараб бутIаялъул роцен, ай нусго проценталъ бецIунго бахъунеб гьечIо гьеб. Гьелда рекъон цIикIкIунеб буго налъиги», – ян абуна премьерас.
Хехаб заманалда жаниб тIубазабизе кколеблъун данделъиялда рехсана округалда ругел газалъулги тока­лъулги мухъал къачIай. «Цо бакIалдаса цогидаб бакIалде щвезабулаго, гьоркьоса тIагIараблъун рикIкIунеб буго хIакъикъаталда бикъун бугеб токги газги. Гьеб гьабулеб буго изну гьечIого токалъул яги газалъул мухъалда кварги рогIороги цолъизабун яги ЖКХя­лъулги ток бичулелги предприятиял банкроталлъун лъазарун. Басралъарал гьинал ругин, клиентазул хIакъалъулъ мухIканал баянал гьечIин абун багьанаби ратизе бигьаяб иш буго, хасго гьелдаса жидеего пайда-хайир гьабизе бокьун бугони. Амма гьединал гIадамазда кIочонеб буго токалъулгун газалъул мухъазул масъалаби тIуразе гьелъул квалквал букIунеблъиги ришватчилъи тIегьаялъе квербакъулеблъиги», — ян абуна Дмитрий Медведевас.
Рехсарал рахъазда бугеб хIал хисизабиялъул нухазул цояблъун премьерасда бихьулеб буго кадрабазулъ хиса-басиял гьариги гIайибиял тамихIалде цIайги.
Данделъиялда ракIалдещвезабуна 2017 соналда СКФО лъазабун букIараблъи хасаб регионлъун ва, гьелда бан, республикабаз гьабизе кколаан пуланаб хIалтIи. «Жеги гьечIо гьеб рахъалъ щвалде щвараб хIалтIи. СКФОялъул бицунел бутIаби руго 22 пачалихъияб программаялда (букIине кколаан 28-ялда). Дагьаб буго гьел программаби гIумруялде рахъинариялъе биччалеб гIарацги. Пачалихъиял программабазе гIарац биччалеб мехалда, федералиял ведомствабаз хIисабалде босизе ккола округалъул хаслъиги регионалияб нухмалъиялъги мухIкан гьаризе ккола жидерго пикрабиги. Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоялдаги тIадаб буго гьел идарабазул бухьенал рекъезаризе», – ян лъазабуна премьер-министрас.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул
пресс-хъулухъ