200 хIакимчи жавабчилъиялде цIана

10 июлалда Владимир Путин дандчIвана Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевгун

 

В. Васильевас улкаялъул президентасе бицана, марталда букIараб дандчIваялдаса хадуб гьес жиндие кьун рукIарал тIадкъаял кин тIуразарулел ругелали.

В. Путин: ВорчIами, Владимир ГIабдугIалиевич, хIалтIи-иш кин бугеб нужер?
В. Васильев: Расги бигьаго гьечIо, битIун бицани. ХIаракат бахъулеб бугоха дуца нижеда церелъурал масъалаби тIуразе.
Болъихъаги ЦIумадасаги гIадамалгун дандчIвараб мехалда, дуца абун букIана, цIикIкIун кIваркьезе кколин, нилъер бюджеталдаса гIарац чIванкъотIарал, ай сахлъицIуниялъулги, лъайкьея-лъулги, гIумруялъе санагIатал шартIал гIуцIиялъулги хъулухъаздалъун гIада-мазухъе щвеялде, – нижеца гьеб хIалтIи гьабулеб буго.
Баркала низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе: киса-кибего гIадлу гьабулеб буго.
Баркала буго нилъер министерствабазегун ведомствабазеги. ГьабсагIаталда Дагъистаналда хIалтIулел руго Росздравнадзор, Антимонополияб хъулухъ. Хиса-басиял гьарурал министерствабазул рахъалъ абуни, гьебсагIат нижеца ахIула махщелчагIи, гьез данде гьарула экспертал, махщелчагIи ва моцIил болжалалда гьезулгун хIалтIи гьабула, нижее кумек гьабула. Нижехъа бажарула цебеккун бихьичIебги тIатинабун. Масала, шприцалъул багьа буго Россиялда бугеб гьоркьохъеб багьаялдаса щуцIул хираго, стентал (рекIел машабазда яги кванирукъалда ва кIващул мухъалда, ялъуни бакьаздагун ццидал къвачIида жаниб лъолеб медицинаялъул алат) кIицIул хираго. Гьеб гьечIищха кIудияб экономия.
В. Путин: Узухъда.
В. Васильев: Гьелъул магIна буго, кIицIул цIикIкIун гIадамазе кумек гьаби. Гьединлъидал гьабсагIаталда гьелде руссун руго.
В. Путин: Дида лъала, кадрал цIигьаризе нужеца къецал гIуцIулеблъи, уйищ?
В. Васильев: У, дур малъа-хъваязухъ гIенеккана ниж, ва, дуцаго гIадин, гIуцIана кадразул резерв, гьеб такрар гьабизе лъугьун руго нижги.
ТIоцебесеб хIалбихьи гьадинаб ккана: 1091 соискатель вукIана – моцIрол болжалалда кколел тадбиралги гьаруна, кумек гьабуна нижер вузаз, кIудияб баркала; хIасилалда нижер ккана 61 чIел босарав, гьезда гьоркьоса 14-яв гьабсагIаталда хъулухъалда тана, киналго руго дагъистаниял, киналго тана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Хьул буго гьеб цIияб карачеллъун букIиналде. Ва хIадурулеб буго кIиабилеб бутIа, хIалбихьиги хIисабалде босун. Хьул буго, гьеб жеги пайдаяблъун букIиналде.
Нижеца ахIулел руго тIолабго улкаялдаса махщелчагIиги эксперталги. Гьайгьай, тIоцебесеб иргаялда, кIваркьолеб буго дагъистанияздеги нижее хIажатал махщалилаздеги.
Щайгурелъул гьабсагIаталда нижеца рацIцIад гьарулел руго хIакимзабазул кьерал, ва дица бицунеб буго гIицIго уголовнияб цIех-рех гьабиялъул гуребги. КIудияб баркала, дуца генералияб прокуратураялъе тIадкъай кьуна, къокъа хIалтIана, 48 прокурор, [тIатинабуна] низам цIунунгутIиялъул 200-ялдаса цIикIкIун хIужа. Абизе ккола, гьанже дуца указалдалъун чIезабуна ришватчилъиялде данде къеркьей камил гьабиялъул чIванкъотIараб низам, кIудияб баркала. Нижеца 200-ялдаса цIикIкIун [чи], хIакъикъаталда, цIана жавабчилъиялде – кIиго рахъалъул
мурадал дандеккунгутIиялъулги, хIалтIизабурабги хайирги рекъон-ккунгутIиялъулги хIасилалда гьарурал прокуратураялъул материалазда
рекъон: цоязул рахъалъ гьабуна административияб хIукму, цоял жидеего бокьун хIалтIудаса нахъе ана, цогидазе тамихI гьабуна.
Гьеб хIалтIи унеб буго гьабса-гIаталдаги, гьединлъидал, дида ракIалде ккола, гIагараб заманалда жаниб нижехъ гIадлу цIикIкIинилан ва, бищунго аслияб, пайдаялъе хIалтIизабизе буго сурсат, тIоцебесеб иргаялда, бюджеталъул.
В. Путин: ЛъикI буго.
В. Васильев: Бегьулеб батани, Бо-лъихъ районалъул бицинаан. Дирго берзукье босун буго, хIадурав вуго щибаб пункталъул бицине.
В. Путин: Бегьула, бице.
В. Васильев: Гьаб соналъул 25 маялда оборонаялъул министрас гьабураб хIукмуялда рекъон, Болъихъ рагьана лъималазул ах. ГьабсагIаталда халгьабулеб буго, кигIан гIарац хIажалъизе бугебали (кьишни хIалтIизабулеб завод базе). РакIалда бугищ, гьез гьарулеб букIана кьишни хIалтIизабулеб завод? ТIолабго мугIрузул районалъе гьеб цIакъ хIажатаблъун букIине буго ва гьеб хIалтIи гьабулебги буго.
Школаги минабиги раялъул масъала жеги тIубан гьечIо, бахIсал унел руго. Руго хасал пикраби оборонаялъул министерствоялъулги кIиабилеб рахъа-лъулги, гьелда хадуб халккун руго ниж.
В. Путин: Пикраби пикрабилъун рукIина, амма масъала тIубазе ккола.
В. Васильев: Дица, хадубккун ихтияр кьуни, гьебги бицина.
В. Путин: ЛъикI буго.
В. Васильев: РФялъул Транспорта-лъул министерствоялъги Дагъистана-лъул «Автодоралъги» хIадурулел руго Болъихъ – Хунзахъ – ГьерекIдерил майдан шагьранух къачIаялъул документалги – гьелда бан, хитIаб къабул гьабун буго. Болъихъе – 32 километр ва ЦIумада районалъул ТIаса Хъваршинибе – ункъо километр. Кинабниги 800 миллионалдаса цIикIкIун гъуруш. ГьабсагIаталда хIадурулел руго гьел объектазул документал. Дуца абухъе, мугIрузул районазул цоцазулгун букIине буго гьоркьоса къотIулареб гьанжезаманалъул транспорталъулаб бухьен, гьеб цIакъ хIажат буго, кIудияб баркала.
Бокьун буго дуда гьаризе – дуца резервалдаса биччана, ва нижеца халгьабулеб букIана – бегьулеб батани, цо гьари буго. РакIалда бугищ, нижехъа гьарулеб букIана КТ, компьютеразулаб томограф, гьеб гьечIо мугIрузулаб рахъалда. Гьениб букIине кколелдаса гIодобегIанасеб норматив буго, амма гьенир-мугIрул, гъорлъ кислород дагьаб гьава. Гьарула, гьабсагIаталда хIукму гьабун букIарабани, гьеб гIарцухъ ункъо компьютералъулаб томограф босун бажарилаан нижехъа, гьелъ рес кьелаан республикаялда бугеб ирга дагьлъизабизе – ункъо моцIидаса гIага-шагарго 20 къоялде щвезегIан. Гьайгьай, гьеб букIинаан кIудияб кIваралъул иш.
В. Путин: Ункъо – къваригIинегIаги бугищ?
В. Васильев: Республикаялда буго гьоркьохъеб даражаялда ункъо моцIрол ирга КТялде.
В. Путин: БичIчIула. Ункъо алатищ босизе бокьун бугеб?
В. Васильев: Гьаниб бицен буго 200 млн гъурушгIанасеб гIарцул, дида бичIчIулеб бакIалдасан. Ва гьединаб хIукму гьабуни, нижеца босилаан ЦIумадеги, Болъихъеги, жеги лъабго бакIалъеги. Гьединаб хIукму гьабуни, ниж, гьайгьай, цIакъ рази рукIина, гьелъ гIадамазе кумек гьабилаан.
В. Путин: ЛъикI буго.
В. Васильев: Бокьун буго абизе Каспиялъул флотилиялъул хIакъалъулъги. Цоги нухалда кIудияб баркала, гIемер хIалтIи гьабулеб буго. Ниж дандчIвалел руго аскариялгун, бихьизабун буго ракь, бакIал – кинабго бичIчIулеб буго. Гьениб буго «Дагдизель» абураб завод, гьелъиеги кумек гьабула нижецаги аскариязги: оборонпромалъги, промышленносталъги. Гьезги биччана гIарац, ай гьел масъалаби тIурана.
Буго гьадинаб гьари: гьебго бакIалда, аскIобго гуми къачIалеб завод баялъул масъалаялъухъ халгьабеян абураб. Гьелъ нижее чарагьечIого кьелаан хIалтIизе бакIал. Гьелде тIадеги, дур тIадкъай тIубалеб буго Оборонаялъул министерствоялъги. ДандчIван рукIана, хIисаб гьабиялда бан, 2019 соналдаго байбихьизе бегьила Нахимовасулаб училищеялда цIали: Каспиялда букIина Нахимовасулаб училище – гьеб буго дагъистаниязул анищ, гьеб цIакъ лъикIаб иш букIинаан. Кинабго цадахъ букIина: базаги, гуми къачIалеб заводги, Нахимовасулаб училищеги.
В. Путин: Нахимовасулал училищаби нижеца рагьула Петербургалъул Нахимовасулаб училищеялъул филиалал хIисабалда. Регионазда гьел киналго ккола Петербургалъул филиалал.
В. Васильев: КIудияб баркала, филиал. Кин гьеб базе бугебали, дун валагьун вукIана – цIакъ кIудияб асар гьабулеб проект буго, бицинчIого чIезе кIоларо. Кинабгоги гъорлъе бачараб бассейн буго.
В. Путин: ЦIакъаб проект буго гьеб.
В. Васильев: Спортивияб кIалгIа.
В. Путин: ЛъикIал объектал руго гьенир.
В. Васильев: Нижеца къотIи гьабуна, тIолабго шагьаралъ гьелдаса пайда босизе бугилан абун. Гьайгьай, буго жеги гьадинаб гьари. Жакъа Каспийскалда лъим кьабулеб буго гIицIго пуланаб заманалда, тIубан гьечIо лъим бачина-лъул масъала, токалъул мухъазде кколеб буго цIикIкIараб хIал, хадубккун гьел масъалаби тIатIала журазе рес буго. Доба буго 2 400 квартира, гьединлъидал гьарула: тIадкъай – дица бицина гьабсагIат – гьеб масъала тIубаялда тIад ургъеян… Республикаялъул бюджеталъе гьеб бакIлъизе буго, аскариязеги бигьалъиларо, – халгьабизе бокьилаан кин гьеб тIубалебали.
В. Путин: Инфраструктураялъул, энергетикаялъул, уйищ?
В. Васильев: У.