ХХI гIасруялъул машгьурал политикал

Турциялъул президент Ражаб ТIайгиб Эрдогъан

 

Гьесие кIудияб асар гьабуна «политикияб ислам» гIуцIарав Нажмудин Эрбаканица

Исана 9 июлалда букIана 24 июналда цIидасан вищарав Турциялъул президент Ражаб ТIайгиб Эрдогъанил инагурация. Гьелдалъун гьеб пачали-хъалъ гали тIамуна жиндирго цIияб дунялалде. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул Федерациялъул вакилзабазги. Конституция-
лъулал реформабазул хIасилазда рекъон, гьанжеялдаса хадуб Турция букIине буго, парламенталъулаб системаги хисун, президентасулаб пачалихълъун. ТIагIинабизе буго премьер-министрасул хъулухъ ва хIукуматалъе нухмалъи гьабизе буго живго президентас. Гьелги гьел гурел цогидалги кIвар бугел хиса-басиял рухьарал руго цо чиясул, ай Ражаб ТIайгиб Эрдогъанил цIаралда. Ахирал соназда гьесул хIакъалъулъ гIемер хъвалебги бицунебги буго гIицIго Турциялда гуребги цогидал пачалихъаздаги батIи-батIиял миллиял басмабаздаги.

Щивха кколев
Ражаб ТIайгиб Эрдогъан?

Гьесул умумул ккола Турциялъул Ризе шагьаралдаса. Гьезул хъизамалда букIана 4 лъимер, Ражаб – лъабабилев. Эмен хIалтIулев вукIана ралъдада капитанлъун. Ражаб моцIалда гьавидал, гьес васасда лъуна Ражабилан цIар ва, турказул гIадаталда рекъон, кIиабилеб цIарлъун кьуна кIудияв инсул цIар – ТIайгиб. Байбихьул лъай гьесие щвана Пияле-паша школалда. ЦIалулеб заманалда, школалъухъ гIарац кьезе гIоло, гьес ричулаан конфетал. 1965 соналда байбихьул школаги лъугIизабун, Ражаб цIализе лъугьана имам-хатиб школа-интернаталде. Гьениб гьес жигараб гIахьаллъи гьабулаан батIи-батIиял спортивиял секциябазда, литературиял къецазда, культуриял программабазда, социалиялгун культуриял тадбиразда ва гь.ц. ЦIалулеб мехалда, харж гьабизе гIоло, инсуца гьесие анкьие кьолаан кIигогин бащдаб лира. Амма гьеб гIарац гIолароан гIолохъанчиясе. Гьединлъидал, анкьил ахиралда торгIо хIалел бакIаздеги хьвадун, гьениб лъим бичулаан Ражабица. Школа лъугIизабун хадуб цIализе лъугьана экономикияб ва дармил гIелмабазул тIадегIанаб школалде. 1982 соналда гьес лъугIизабуна Мармара университеталъул экономикаялъул ва дармил академиялъул дармил гIелмабазул факультет. Дагьабго мехалда хасаб секторалдаги хIалтIун, 1982 соналда Ражаб ана армиялде.
Жеги 1970-абилел соназдаго байбихьана Ражаб ТIайгиб Эрдогъанил политикиябгун социалияб гIумру. 1976 соналда гьев вахъана Истамбулалъул Бейогълу районалда Миллияб хвасарлъи партиялъул отделениялъул нухмалъулевлъун, хадуб гьебго соналда цебехъанлъи гьабуна гьебго партиялъул отделениялъе Истамбулалда. 1980 соналъул 12 сентябралда Турциялда лъугьана рагъулаб питна ва гьелъул хIасилалда улкаялда гьукъун рукIана киналго политикиял партиял. Гьелдаса хадув Ражаб хIалтIулев вукIана хасаб секторалда менеджерлъун.
1983 соналда Турциялда профессор Нажмудин Эрбоканица гIуцIана Рефах партия. Гьелъул кьеразда Эрдогъаница цIидасан байбихьана политикияб гIумру. 1984 соналда гьев вищана Бейогълу районалда гьеб партиялъул отделениялъул цевехъанлъун, 1985 соналдайин абуни – партиялъул Истамбул отделениялъул цевехъанлъунги, гьединго партиялъул тIадегIанаб нухмалъиялъулаб советалъул членлъунги. Гьесул политикиял пикрабазе кIудияб асар гьабуна «политикияб ислам» гIуцIарав Нажмудин Эрбаканица.
1994 соналъул 27 марталда Ражаб ТIайгиб Эрдогъан вищана Истамбулалъул мэрлъун. Гьеб хъулухъалда вукIаго, къокъаб заманалда жаниб гьес гIемераб хIалтIи гьабуна улкаялъул бищунго кIудияб шагьаралъул социалиял, экономикиял, административиял, лъайкьеялъулал, медициниял, транспорталъулал масъалаби гIумруялде рахъинаризе гIоло.
2001 соналъул июль моцIалда Эрдогъаницаги, гьесул гьудулзабазги,
пикруцоязги гIуцIана РитIухълъиялъул ва цIилъиялъул партия (Adalet ve Kalkınma Partisi). Гьелъул тIоцебесеб конгрессалда гьев вищана партиялъул цевехъанлъун. 2002 соналда тIоритIарал рищиязда 34,29% гьаракьги босун, Эрдогъанил партия лъугьана улкаялда тIоцебесеб политикияб къуватлъун.
2014 соналъул 10 августалда Эрдогъан бергьана улкаялда тIоритIарал тIоцересел тIолгохалкъалъулал президентасул рищиязда.
2016 соналъул 15 июлалда Турциялда аскаралъул цо бутIаялъ къасд гьабуна пачалихъияб хиса-баси гьабизе. Гьеб питнаялъул гIайибиявлъун Эрдогъаница лъазавуна СШАялда гIумру гьабун вугев динияв хIаракатчи Фетхулла Гюлен. Гьеб питнаялъул заманалда Мармарис шагьаралда хъизамгун цадахъ вукIарав Эрдогъан дагьав хутIана путчистазул квердаса хвезе, чIвана гьесул кIиго хъаравул. 1980-абилел соназдаса нахъе Турциялда унеб буго турк-курдазул кьал. Гьелъул хIасилалда хвана анцI-анцIазар чи. 2009 соналда Эрдогъаница лъазабуна гьеб дагIба лъугIизабизе бугин.
Турциялъул политикиябгун жамгIияб гIумруялъулъ бугеб цогидаб захIматаб, жеги хIукму къотIичIеб суаллъун ккола эрмениязул суал. Эрдогъаница гIемер абула Турциялъ геноцидлъун къабул гьабизе бугин миллионгун ващдав эрменияв чIвай, цадахъаб турк-эрмени комиссиялъ гьеб суалалъул рагIа-ракьанде щун цIех-рех гьабураб мехалда. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб комиссиялде гъорлъе ине ккола тарихчагIи, археологал, политологал ва цогидалги экспертал. Гьединабго позиция буго Эрдогъанил понтиялъул греказул геноцидалдехунги.

Миллияб лъайкьей

Гьев бетIерлъуде вачIинегIан, улкаялда букIана 98 университет, гьев вачIун хадуб щибаб вилаяталда рагьана университет, ва гьезул къадар бахана 186-ялде. Лъайкьеялъул министерствоялъул 2002 соналда бюджеталда букIараб 7,5 миллиард лира гьес 2011 соналда цIикIкIинабуна 34 миллиард лираялде щвезегIан. ТIадаб цIалиялъул болжал микьго соналдаса анцIила кIиго соналде щвезегIан цIикIкIинабуна. Гьединго Турциялъул хIукуматалъ чIорого кьезе байбихьана цIалдохъабазе цIалул тIахьалги.

Россия ва Турция: гьоркьорлъаби ва масъалаби

Улкаялда гьарулел реформабазе гIоло Europen Voice газеталъ Эрдогъан рикIкIана «2004 соналъул европаялъулавлъун». 2005 соналъул 3 октябралда байбихьана ЕСалде Турция лъугьиналда тIасан официалиял гара-чIвариял. Амма, 2009 ва 2010 соназда Кипралъул гумузе Турциялъул портазде жанире лъугьине гьукъараб мехалда, гьел гара-чIвариял гьоркьор къотIизе тана. Гьеб гуребги, ЕСалде Турция лъугьиналъе квалквал гьабулеб суаллъун хутIулеб буго гьеб улкаялда аслиял ихтиярал ва эркенлъаби цIуни.
ГIасрабаз унеб букIана Турциялдаги Россиялдаги гьоркьоб къец регионалда тIад кверщел гьабизе гIоло. Жакъа кIиябго улкаялда гьоркьоб цIикIкIун буго кооперация. 2002 соналда Турциялдаги Россиялдаги гьоркьоб къайи бичиялъул къадар бахунаан 5 миллиард долларалде. 2011 соналъул ахиралде гьеб къадар бахана 32 миллиард долларалде.
2004 соналъул декабралда Россиялъул президент Владимир Путиница
зиярат гьабуна Турциялде. Гьебги букIана гьанжезаманалъулал гIурус-турк гьоркьорлъабазул тарихалда жаниб тIоцебесеблъун. 2005 соналъул ноябралда Путиница гIахьаллъи гьабуна Турциялда «ХъахIилаб чвахи» абураб цадахъ бараб газалъул мухъ рагьиялъулъги.

Исламалъул цевехъан

Жакъа Ражаб ТIайгиб Эрдогъан рикIкIуна исламияб умматалъул официалияв гурев цевехъанлъун. Гьев живгоги ккола Къуръан рекIехъе лъалев хIапиз, исламалъул гIелмаби ва шаригIат лъикI лъалев, гьезул суалазда тIасан жиндирго пикру загьир гьабизе бажарулев гIалимчи. Эрдогъанида лъикI лъала гIараб мацIги. Гьес кIудияб жигар бахъулеб буго бусурбаби цолъизаризе, исламалъул улкабаздаги халкъаздаги гьоркьор ругел суалал тIуразе, диналда жанир ругел рикьалаби тIагIинаризе. Ахирал соназда Истамбул ва Анкара шагьарал лъугьана бусурман дунялалъул, исламалъул суалал цере росун, гIемерал кIвар бугел тадбирал тIоритIулел бакIаллъун. Эрдогъанил хIаракаталдалъун, Турция-лъул кумекалдалъун, масала, рукIалиде кколеб буго гIемерал соназ жанисеб рагъалъ чаклъизабун букIараб Сомалиялда гIумру. Гьединго Турциялъ кумек гьабулеб буго Африкаялъул, Азиялъул пачалихъазеги. Хасаб кIвар кьолеб буго Эрдогъаницаги гьесул хIукуматалъги Палестинаялъул суалалде. Газа секторалда бугеб ахIвал-хIалалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго, цо чанго соналъ цебе гьес абуна гьадинал рагIаби: «Дунялалъ мугъ реханиги, Турциялъ рехун тезе гьечIо Газаги гьелъул халкъги», — ян.
Жакъа Турция ккола экономикияб ва социалияб рахъалъ цебетIураб, къуватаб аскарги дунялалда ва регионалда хасаб асарги бугеб, рагIи билълъарал пачалихъазда гьоркьоб къиматаб бакI ккураб улкалъун. Ва гьеб гьединаб букIиналъулъ кIудияб кIварги бутIаги буго гьелъул цевехъан, гьабзаманалъул бищунго машгьурал политиказул цояв, президент Ражаб ТIайгиб Эрдогъанилги.
АхIмад МуртазагIалиев