Республикаялъул гьалбал

Дараби ва багьаби

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана сахлъицIуниялъул рахъалъ надзоралъул федералияб хъулухъалъул вакил Михаил Мурашкогун

М. Мурашкоца бицана жив щванин республикаялъул медициная-лъул чанго идараялде. «Нижеца хасаб кIвар кьола регионалде. Гьанир тIоритIула батIи-батIиял тадбирал. Дагьа-макъабго хиса-баси гьабун бажарана, амма масъалаби жеги гIемер руго. Аслияб мурад буго улкаялъул президентасул указ пайдаялъе хIалтIизабулеб бугищали халкквей. Гьеб указалъул кIвар бугеб бутIа ккола онкологиялъул унтаби ругел гIадамазе кумек гьаби», — ян бицана гьес.
ДандчIваялда бицана цогидал масъалабазул хIакъалъулъги, масала, цо-цо дарабазухъги медицинаялъул алатазухъги, торгал тIоритIулаго, багьаби рахинариялъул. Владимир Васильевас абуна, гьел ва цогидал суалал сабаблъун Дагъистаналде рачIине ругила Россиялъул антимонополияб хъулухъа-лъул хIалтIухъабиян.