ЧIагояб эфир

Халкъалъулгун ракIрагьараб накъит

 

Хамиз къоялъ улкаялъул президент Владимир Путиница 16-абилеб нухалдаги халкъалъул суалазе жавабал кьуна. Исана тадбир тIобитIана дагьаб батIияб хIалалда: видеобухьеналъул кумекалдалъун цо-цо суалазе жавабал кьезе тIамуна министрал, регионазул нухмалъулел, хIукуматалъул хIалтIухъаби. Улкаялъул президентас суалазе жавабал кьуна  4 сагIатгун 25 минуталъ. Гьеб араб куцалъул ва кIвар бугел цо-цо суалазе кьурал жавабазул хIакъалъулъ нужеда батила 11-абилеб гьумералда.