Сессия

Законалъ мухIкан гьабун гьечIо

 

Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул
къоло лъабабилеб сессиялда гьоркьоб лъуна 23 суал

Халкъияб Собраниялъул председателас, гьоркьоб лъезе босун букIинчIониги, рахьдал мацIазул суалалда тIасан кIалъазе рагIи кьуна Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевасе. Хиз­ри ШихсагIидовас абухъе, гье­лъие гIиллаги букIана рахьдал ма­цIазда сверухъ гIемераб хабар тIи­битIизабулеб букIин.
Депутатас баян кьуна «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ РФялъул законалда хиса-басиял гьариялъул хIа­къалъулъ» хIадурун бугеб законалъул проекталда тIасан. ПалхIасил, гьес хIаракат бахъана рахьдал мацIал лъазаризе бегьуларин абураб жо мекъи бугилан бихьизабизе ва гьединаб хъвай-хъвагIай законалда гьечIолъи бичIчIизабизе.
Халкъияб Собраниялъул спикерасги абуна гьеб суал жеги мухIкан гьабизе бугин ва июналъул байбихьуда «парламенталъул гIенеккиял» тIоритIилин.
БатIи-батIиял фракциязул депутатаз жидерго кIалъаязда пикру буссинабуна республикаялъул гIумруялъулъ кколел цо-цо кIвар бугел суалазде.
Гъаякент районалъул захIматча­гIазул гьариялда рекъон компартиялъул рахъалдасан кIалъарав депутат Къурбан ХIабибовас бицана цIибил гIезабулаго дандчIвалел ругел гIунгутIабазул. «Дагъистаналда жакъа хIалтIулеб буго гIицIго 13 ГУП (советазул заманалда букIана 348). Гьезул хIалтIуе рукIине кколел шартIал чIезарун гьечIо, халкъалдаги дандбачIого гьарурал хиса-басияз заралги кьуна, — ян бицана гьес.
Депутат Марат Аслановас, ХIажи­мет СафаргIалиевасе жаваб кьолаго, тIадчIей гьабуна мацIазул суалалда. Ахираб щуго соналда жаниб рес­публикаялда цониги цIалул тIехь къватIибе биччачIин абуна гьес. Гьединлъидал Пачалихъияб Думаялда гьоркьоб лъезе хIадур гьабун бугеб гьеб закон Дагъистаналъул халкъазул мурадазде дандеги кколаро. «Халкъалъухъа щиб бахъаниги, гьелъ гьеб цIигьабула, амма гьелъухъа мацI бахъани, халкъ тIагIуна», — ян философасул рагIабаздалъун лъугIизабуна депутатас жиндирго кIалъай.
«РитIухъаб Россиялъул» фракция­лъул депутат Марат Алияровас тIад­чIей гьабуна республикаялда бакIал раялъул суалазда.
«Цогояб Россиялъул» фракция­лъул депутат МухIудин МухIудиновас бицана басриял минабахъа цIиял ба­кIазде гочинарулел гIадамазе шартIал чIезаризе ккеялъул.
ДРялъул муфтияс, тIаде щолеб бугеб гIидалъул къоялда бан, республикаялъул бетIерасухъе хъвараб кагъатги цIалун, В. Васильевас, кIалбиччан къоялъул хIурматалда, 14 ва 15 июнь гIодоркъояллъун лъазариялъул суал депутатазул халгьабиялде босана ва гьединаб хIукмуялда депутаталги разилъана.
Сессиялда кIалъалаго, республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевас депутатазул пикру бу­ссинабуна Дагъистаналда церечIарал кIвар бугел цо-цо масъалабазде. Гьезда гьоркьоб аслиязул цояблъун кколин абуна налогал ракIари.
Зикрула Илясов