ЦIияб хIукумат ва Владимир Путинил маялъул указ

Щиб цIияб жо бугеб нилъер жанисеб политикаялъулъ ва щиб букIине бегьулеб анлъго соналда жаниб?

 

ЦIияб хIукумат гIуцIулаго, Владимир Путиница гIезегIан хиса-басиял гьарилин хьул букIана. Киналго балагьун чIун рукIана, тIокIаб жо гьечIониги, цIияв премьер телин, амма нилъеда цIидасан тахида вихьана кIиабилев чи — Дмитрий Медведев. Коммунистазда, социалистазда ва национал-патриотазда (лево-патриотикияб къуват) ккун букIана Путиница Павел Грудининие гьаракь кьуразул (15 процент) хьулазулги хIисаб гьабилин, амма гьабичIо. Рищиязда кIиго-лъабго процент гьаркьазул щварал либералазул хьул букIана Путиница премьерлъун Алексей Кудрин тIамилин, гьев вихьизавуна ХIисабалъул палатаялъул председательлъун. Гьале Кудриница живго гьеб хъулухъалде тIамиялъул хIакъалъулъ абурал рагIаби «статусалъухъ балагьун, тIоцевесев вице-премьерасул хъулухъалда бащадаб буго гьеб хъулухъ»(?!). ИчIго чи вице-премьер ва министр абурал цIараздаса махIрумлъана.

Гьелдаго цадахъ гьаб соналъул 7 маялда Путиница бахъана хIуригатиябин цIарчIвазе бегьулеб «2024 соналде щвезегIан Россиялъул миллиял мурадазул ва стратегиял масъалабазул хIакъалъулъ» абураб указ. Гьеб цIакъ кIвар бугеб указ буго, гьелъ нилъ киналго тIадруссинарулел руго СССРалда букIараб планалъулаб системаялде. Гьенир мухIканго хъван руго гIемер лъикIал «жал».

Гьединлъидал цIияб хIукуматалъул гIуцIиялъ ва гьелъул бетIерлъун Дмитрий Медведев вихьизавиялъ нилъ щакдаризе тIамизе кколаро. Нилъерго хIасилал нилъеца гьарила, маялъул указалда Путиница хъварал масъалабиги цIияб хIукуматалъул ресалги дандеккун.

ХIукуматалда руго цIиялги «цересел» гIадамал, масъалаби абуни бигьаял гьечIо

ХIукуматалъул цIияб гIуцIиялда гъорлъ гьечIо «цевесев» кIиго вице-премьеразул цIарал — Игорь Шуваловасулги Аркадий Дворковичасулги (либералазул лагералъул ва олигархазул кIвар бугел вакилзаби). Финансазул министр Антон Силуановасул статус цIикIкIинабуна, гьев тIамуна вице-премьерлъун. Алексей Кудрин, президентас ХIисабалъул палатаялъул председательлъун – цоги «рагIи билълъарав» чи тIамуна БакътIерхьул рахъалъул улкабазе «нилъерав».

Щай цIидасан Дмитрий Медведев тIамурав?

В. Путиние циндаго кинабго хисун рехизе бокьун гьечIеблъи бихьулеб буго, гьелъ кидаго гуро лъикIалде рачунеб. Гьесда Д. Медведев цевегоялдаса лъала, гьесда божула, гьеб гуребги, гьев лъикI къабул гьавула БакътIерхьул улкабаздаги.

ХIукуматалъул членаз президентасухъе рачIунел баяназги докладазги церечIезарулел руго берцинал суратал. Гьезда гьез бицунеб буго маялъул (2012) указал тIуралел ругин (абулеб буго гьел тIуралел ругин хIалтIул бакIалги дагь гьарун ва гIемерисел хIалтIухъабиги бащдаб ставкаялде рачун); бицунеб буго рази гьечIел гIадамал къватIире рахъиналъул (митингал ва забастовкаби) хIужаби гьечIин (гьесда бицунеб гьечIо гьел байбихьудаго бакIалъул нухмалъулез гъоркь къинарулел рукIин); бицунеб гьечIо рищиязда Путиние гьаракь кьурал гIадамал 50 проценталдаса цIикIкIун рукIинчIеллъи. Сундуе гIолоха «саву кьавуялъухъ» хисилеб? – гьедин пикру гьабун батилаха улкаялъул президентасги. Гьесул аслияб масъала – СШАялъул санкциязул тIадецуялдаса ворчIи, щайин абуни санкцияз квешаб кьаби щвезабулеб буго улкаялдаги гьелъул корпорацияздаги. Амма СШАялда ракIалда гьечIо нахъе къазе, нахъе къазе кколел руго нилъ.

Хадубги, РФялъул цIияб хIукуматалда анцIгоялде щвезегIан цIикIкIана вице-премьеразул къадар. Гьениб цIияблъун ккола, гьез нухмалъи гьабулел министерствабазда «гьезул чагIи» гурел, лъай ва хIалбихьи бугел кадраби тей, ай
гьанже вице-премьераз ратизе ккезе буго жидерго нухмалъиялда гъоркь ругел министразулгун гьоркьорлъаби гьаризе нухал. Гьедин, бюджеталде «кверал риччазе» рес гьечIеб куцалда гIуцIулел руго гьезул гьоркьорлъаби. «Вице-премьер – министр» хIалтIулел ругони «цадахъ рекъон», гIемер ккола улкаялъул буголъиялде «кверал риччарал» лъугьа-бахъинал. Гьединлъидал Путиница гьарулел хиса-басиял ричIчIизе захIмат гьечIо. Гьеб лъикIги буго.

ЛъикI буго гьединго улкаялъул президентас цIияб хIукумат 2024 соналде церелъурал бигьаял гурел масъалаби тIуразе «хIадурулеб» букIинги. Амма, росдал магIишаталъул ва бакIал раялъул министрал хутIизегIан, киналго «цересел» кадраби руго. Росдал магIишаталъул министрлъун тIамуна Россельхозбанкалъул Правлениялъул экс-президент Дмитрий Патрушев, гьев ккола ХIинкъигьечIолъиялъул советалъул секретарь Николай Патрушевасул вас. Виталий Мутко тIамуна бакIал раялъул министрлъун, цеве (2012-2016) гьев вукIана спорталъул министрлъун. Къокъ гьабун абуни, Мутко нилъер вуго «сундулго устар», гьевги Путинги жеги Собчакил командаялда хIалтIулел рукIана заместительзабилъун.

ЦIияб министерство

ГIелмуялъул ва тIадегIанаб цIалул министерство — гьелъул бетIерлъуда тана ГIелмиял гIуцIабазул федералияб агентствоялъул (ФАНО) нухмалъулевлъун вукIарав Михаил Катюков. Гьанибго абичIого гIоларо, Россиялъул гIелмияб академиялъул (РАН) гIалимзабазе цIакъ бокьуларо гьеб гIуцIиги гьев чиги, гIелмуялдехун бугеб гьезул коммерцияб бербалагьиялъухъ. ГIелмуялда хехаб ва бихьулеб хIасил батичIони, гьез къокъаб заманалда къотIинабула гьеб цебетIеялъе биччараб гIарац. Гьев чиясул хIалтIул нух бухьараб буго Красноярск краялъул финансазда («кIудияв гIуна» Хлопонинил бербалагьиялда гъоркь). ХIинкъи буго нилъер вузазда, Бакъбаккул улкабаздаса мисалги босун, гIезаризе ругин гIураб лъай щвечIел бакалаврал (ункъосонил лъайгун). Европаялъул гIемерисел улкабаз (мисалалъе, Финляндиялъ) ва Азиялъул (КНР) гIолеб гIел цIализабулеб буго церетIурал къагIидабазда. Нилъецайин абуни, «нахъетIураздаса» босулеб буго мисал.

Путинил маялъул указалда рихьизарун руго гIелмуялда церечIарал гIемерал масъа-лаби, кIвеладайха «къваридаб» (дебит-кредиталъулаб) бербалагьигун гьел гIумруялде рахъинаризе?

Кинал масъалабиха гьел М. Катюковасда гIелмуялъулъ рорхизе ва тIуразе кIоларел? Рехсезин гьезул цо-цоял: РФялъул технологияб цебетIей хехлъизабизе, цIиял къагIидаби хIалтIизарулел организациял ругелдаса 50 проценталъ цIикIкIинаризе, НТРялъ (цIияб технологиязул революция) кIвар бугеллъун рикIкIунел гIелмиял хIалтIабазулъ рехсолеб щуго улкаялде гъорлъе ккезабизе Россия; нилъерго ва къватIисел улкабазул машгьурал гIалимзаби хIалтIизе рачIинедухъ шартIал гIуцIизе улкаялда; гьабсагIат бугеб экономикияб секторалъул кьучIалда 15-ялдаса дагь гьечIого гIелмиябгун лъайкьеялъул дунялалъулго даражаялъул централ ва гьезул кооперациялгун гIуцIизе ва гь.ц.

Экономика

РачIаха балагьилин, кинал масъалаби лъун ругел тIадехун рехсараб Указалда рекъон.

Аслияб мурад: дунялалъулго экономикаялда чIахIияллъун рикIкIунеб щуго улкаялъул кьерде Россия ккезаби; бугебги нахъе ккезе течIого, дунялъулъулго экономикаялде дандеккун, экономикияб цебетIей хехлъизаби. Гьеб масъалаялъе хъатчIваниги бегьила, щайин абуни жакъа Россия экономикаялъул рахъалъ дунялалда ичIабилеб бакIалда буго.

ГIисинаб ва гьоркьохъеб предпринимательство (МСП)

Указалда буго: гIисинал ва гьоркьохъел предпринимателазул къадар 25 млн чиясде щвезегIан цIикIкIинабизе; къватIибе бичулеб къайиялъул къадар бахинабизе ВВП 20 проценталдаса дагь гьечIого.

Гьелъул хIакъалъулъ щиб абизе бегьулеб? Дида ракIалда буго анлъго-анкьго соналъ цебе гьадинаб масъала цебелъун букIана – 20 млн хIалтIул бакI чIезабизе МСПялъул кумекалдалъун. Гьел рагIабазулги хIасил ккечIо.

ГIарац ва кредитал кьеялъул политика

Маялъул указалда гьелъул хIакъалъулъ щибго абун гьечIо. ГIарац ккола экономикаялде би кьабулеб мащу. Нилъер улкаялда гIолеб гьечIо гьеб, щайгурелъул Центробанкалъ улкаялъе хIажатаб къадаралда гьеб биччалеб гьечIо. Биччалеб буго гIарац улка цебетIезабие гIураб гуреб, чIегIернарт ва газ бичун щвараб долларазул къадаралда бащад. ЦБ нилъер улкаялъул нухмалъиялъе гуро мукIурлъулеб бугеб, Бакъ-
тIерхьул улкабазул рихьизариязе. Гьединлъидал рукIине гьечIо экономика цебетIеялъе кьо-лел учузал ва «халатаб» заманалъулал кредитал. ЦБялъ кьуни, кьезе бегьула цере росарал рецIизе ункъо-щуго проценталде кредитал (рефинансирование). Гьелдаго цадахъ бизнесалъе ва фермерствоялъе бигьалъизе бегьула гIодобегIанасеб проценталде кредит босизе. Гьедин гьабуниги, гьелъул бицине буго кIудияб бергьенлъиялъул гIадин, цогидал улкабазда цере росарал бецIизе кьолеб кредиталъул букIуна цо-кIиго процент. Китаялда гьеб 0 проценталдеги бачун буго, производство рагьизе босулеб бугони кредит.

Налогал

Гьаниб хисараб жо гIемер гьечIо. Киналго хиса-басиял гьарун руго 2017 соналдаго Налогазул кодексалда. Гьелда рекъон руго рихьизарун цIиял ставкаби. Масала, хасал экономикиял зонабазда (ОЭЗ) ругездаса налог дагьаб босизе буго. Гьезда гъорлъе ккола нилъер Каспийск ва Дагестанские огни.

Нилъер хIукуматалда ракIалда гьечIо налогал росулеб къагIида хисизабизе. 10 азарго гъуруш моцIие щолесухъаги 1 млн гъуруш щолесухъаги ккола 13 процент. Цогидал улкабазда гьедин гьечIо, гьениб цIикIкIун гIарац щолес налогги цIикIкIун кьола. Нилъер гьаниб гьелде кIварго кьоларо. Гьеб кIвар гьабизе ккараб хIужа буго, гьеб суал милат гьабичIого тани, рес буго жамгIияталда дагIба-рагIи цIикIкIине.

Росдал магIишат

Д. Патрушев гьеб хъулухъалде тIамиялъ батIи-батIиял пикраби рачIунел руго ботIролъе. Гьес 10-ялдаса цIикIкIун соналъ нухмалъи гьабуна Россельхозбанкалъул отделениязе. Гьенирин абуни руго батIи-батIиял предприятиязул ва фермеразул налъухъ гъоркь ккурал кIуди-кIудиял «кескал». Гьанже Минсельхозалъ «жидеразего» инвестициял риччазе бегьула, гьез инкар гьабилищха щвараб ресалдаса пайда босизе, ай налъухъ ккурал ракьал росизе (бекьулеб ракь, производствоялъе бараб бакI букIа ва гь.ц..). ЛъикIаб бизнес гьечIищха?

Цо мугIрузул районалъул фермерас абуна дида, Дагъистаналъул судалъул приставазул департаменталда риххарал магIишатазул мал-мулк банказе хайиралъе рахъеян кьурал фермеразул гIарзабазул кIудиял тургьби цIун ругилан.

ХIасил кинаб? ХIасил гьадинаб ккелаха, биххун унеб улкаги букIина, президентасе лъикIаб сипат-сурат бихьизабурал баяналги кьела. Амма кин гьел кьелелани дида бичIчIизе кIоларо. Дида кIвечIони щиб, гьединал баянал ралагьулезда нус-нус къагIида лъала жидерго хIалтIи «бихьизабизе». РитIухълъи? РитIухълъи кидаго гIадин сабуралда буцIцIун чIела.

Социалияб политика, лъайкьей ва гIумру

Гьеб рахъалда руго дагьалго хиса-басиял. ТIоцебе абуни, лъикI буго Лъайкьеялъул министерство батIа гьаби, гьеб гьанже хIалтIизе буго гIицIго лъайкьеялда тIад (школал, ссузал ва школалда цебесеб тарбиякьей). Лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ бихьизабуна улкаялда лъайкьей цебетIеялде жиндир, американазул босараб либералияб гуреб, цIиялда тIаде «цебесеб» жубараб бербалагьи букIин. Гьеб битIунги буго, щайин абуни, мисалалъе босани, улкаялда гуманитарияб лъай батIи-батIияб куцалъ кьолеб букIина. Щибаб регионалъул «жиндирго» букIана тарих. Цояз – патриотикияб, цогидаз — либералазул (бакътIерхьул улкабазул), лъабабилез – коммунистазул «бераздалъун» хъвалеб букIана тарих, нилъер лъимал батIи-батIиял улкабазда гIумру гьабун ругел гIадин. Васильевалъ хIаракат бахъулеб буго «цебесеб» букIараб лъикIабщинаб лъайкьеялъул «цIиял» къагIидабазулъе бачине. Путинил маялъул указалда бихьизабун буго, 2024 соналде нилъер улка лъикIаб лъайкьолел 10 улкаялъул сияхIалде гъорлъе ккезе; рухIиябгун нравственнияб ва миллиябгун маданияб кьучIалда тарбия кьезе.

РакIалде ккола О. Васильевалъ гьел масъалаби тIуразе кIвараб хIаракат бахъилин. Нилъеда кIвар кьезе тIадаб буго гьеб указалъул «миллиябгун маданияб» абураб бакIалде. Нилъер рахIат хвазабизе бегьула гьеб документалда «дунялалъуго диналъул тарих ва культура» абураб дарсида насранияб диналде цIикIкIун кIвар кьолеб букIиналъ. Кин букIаниги, нилъер улкаялда гIемерал миллаталги гIемерал диналги ругелъул. Дагъистаналда бусурбабазул 95 процент буго, нилъер регионалъе гьеб суалалъул гьединагIан къварилъи букIинаро. Амма къватIисел регионазда гIумру гьабун бугел дагъистаниязе гьеб кIвар бугеб суал ккола, щайин абуни дандчIвала хIужаби нилъер дагъистаниязул лъимал насранияб диналъул дарсазде хьвадизарулелги (?!).

Цоги цIакъ кIвар бугеб суал ккола рахьдал мацIалъул дарсазул суал. Гьеб тIаде ккола аслияб къагIидаялда министерствоялде. Гьеб суалалъул иш роцIцIинабизе ккани, Пачали-
хъияб Думаялъ законалда хиса-басиялги гьарун, тIадбуссинабизе ккола советияб практика, ай регионалияб компоненталъе федералияб бюджеталдаса гIарац биччаялъул къагIида. Гьеб хисизабун букIана Кудриница (финансазул министрлъун вугеб заманалда) 2000-абилел саназул бащалъудаго. ГIагараб ракьалъул мацIги, адабиятги, тарихги цIакъго къваригIарал регионаз жидецаго балагье гьелъие гIарацилан абулеб гIадин, гьел соназ гьеб «рехун» букIана регионалиял бюджетазде. Гьебги ккола либералазул ургъелгьечIолъи. Щибха гьабизе кколеб гIицIго дотацияз «хьихьун» ругел республикабаз? Гьелъул пикру гьабулев чи ккечIо. ЧIегIернарталъги газалъги бечедал регионазе бигьа буго, Дагъистаналъе захIмат буго.

СахлъицIуни, захIматалъул ва социалияб политика, спорт

Гьенибги хисараб жо щибго гьечIо. Вероника Скворцова цеего гIадин сахлъицIуниялъул министр, Максим Топилин – захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр, Павел Колобков – спорталъул министр. Гьелъул магIна ккола гьеб рахъалда хиса-баси букIине гьечIин абураб.

СахлъицIуниялъул иш дагь-дагьккун коммерциялъул нухде бачина, гьединго киназго какулеб бугеб оптимизацияги хадубккунги «билълъанхъизабила», дагьлъила гIисинал больницабигун поликлиникаби. Гьелдаго цадахъ маялъул указалда бихьизабун буго: а) 2024 соналде гIадамазул гIумруялъул гьоркьохъеб халалъи 78 сониде щвезегIан гьабизе; б) сахаб гIумрудул халалъи бахинабизе 67 сониде, ва сахлъи цIуниялда хадуб халкколел гIадамазул къадар 55 проценталде бахинабизе; в) хIалтIизе бажарулеб ригьалъул гIадамазул хвел дагьлъизабизе (100 азарго чиясда гьоркьов 350 чи), бихьвадиялъул унтабаз унтарал (100 азарго чиясда гьоркьов 400 чи), ракалъ унтарал (100азарго чиясда гьоркьов 185 чи), лъимал (азарго гьабураб лъимада гьоркьоб 4,5 лъугьа-бахъин).

Дица рехсолел гьечIо цогидалги лъикIа-лъикIал масъалаби, гьелги гIелин тола. Кин гьел гIумруялде рахъинаризе ругелали бичIчIуларо, сахлъицIуниги тIубанго коммерциялде сверизабун. Страхованиялъги нилъее рес кьола бищунго дагьаб медицинаялъул хъулухъ щвезе, цогидаб кумек щвела гIарцухъ.

Доход цIикIкIинаби ва мискинлъи дагь гьаби

Рехсараб указалда буго: а) гIадамазе щолеб доход цIикIкIинабизе, ва пенсиял инфляциялъул даражаялдаса цIикIкIинабизе; б) РФялда мискинлъи дагьлъизабизе кIиго нухалъ; в) лъагIалида жаниб 5 млн. чиясул мина-карталъул суал тIубазе.

Кин гьел масъалаби тIуралел?

«ГIадамазе щолеб доход цIикIкIинаби….» — гьеб гьабизе рес букIинаан щибаб лъагIалица цIикIкIинарурал харжал ва пенсия инфляциялъ
«кунел» рукIинчIелани. Инфляция нилъер бараб буго энергетикаялъул монополиязул тарифазда (газ, ток, чIегIернартил нигIматал). ЧIахIиял монополиязул аппетит цIикIкIараб букIунелъул, гьез жидедаго гьоркьор балъгоял къотIи-къаял гьарула багьаби рорхизаризе гIоло (бахчараб монополизм). Гьелда данде цIакъ кIвахIалго гурони хIалтIи гьабуларо нилъер улкаялда, гьединлъидал гьеб суал, хъвараб къагIидаялда рагIа-ракьанде щун, тIубаялда божизе бачIунеб гьечIо. Рихьдае харжалги пенсиялги цIикIкIинаруниги, жеги цIикIкIун эхеде бахине буго инфляция. 2014-2017 соназул харжазул хIисаб гьабуни, гIадамазе кодобе щолеб гIарцул хIакъикъияб къадар (официалияб гуребха) дагьлъана. Гьединго бича-хисиялъул ишги гIодобе ана. В.Путиница гIицIго рищиязда цебе бахинабуна гIумру гьабизе къваригIунеб гIарцул даражаялде бищун гIодобегIанасеб харж (МРОТ). Гьелъул хIасилалда 2018 соналъул 1 маялдаса байбихьун бищун гIодобегIанасеб харж бахана 11163 гъуршиде. Нилъер республикаги дотацияз «хьихьараб» республика бугелъул, нилъер гьаниб гьеб 11163 гъуршидаса цIикIкIунаро, нилъер рес гьечIелъул, цогидал бечедал регионазул гIадин, гьелде тIадежураял гьаризе. Пенсиязулги хисараб жо букIинаро, Дагъистаналда исана гьеб бахана 8680 гъуршиде (Россиялда – 8726 гъур). МРОТ цIикIкIинабунин абун, щибго хиси ккечIо пенсиязе.

«Мискинсабазул къадар кIиго нухалъ дагь гьаби» абураб пунктги щакаблъун бихьулеб буго. Сунца борцунеб нилъер гьаниб мискинлъи ва гьардухъанлъиялде ккей. Гьоркьохъеб цебетIеялъул улкаби — Румыниялда ва Белоруссиялда мискиналлъун рикIкIуна гьоркьохъеб къагIидаялъ кваназе (гьан, ччугIа, гIанкIу, пихъгун овощал) ва ретIа-къазе рес бугел, амма кIудиял харжал гьаризе ва курортазде ине рес гьечIел гIадамал. Гьедин борцани, нилъер гьа-ниб Росстаталъул баяназда бихьизабураб 15 процент гуреб, 60 процент буго мискинзабазул. Гьединлъидал Минэкономикаялъул «кверщаликь» бугеб Росстаталъ масъала тIубанин кьезе буго рапорт. Мискинзабиги кагътида дагьлъизе руго.

«Мина-карталъул суал» Гьеб масъала тIубазе бегьула гIицIго ипотекаялъе къарзал (кредитал) кьун. 2017 соналда Россиялда ипотекаялъул кумекалдалъун рукъ босана 1 млн. чияс – гьеб ккола гIага-шагарго кIиго-лъабго процент, Дагъистаналда — 0,7 процент гIадамаз. Дандекквеялъе: санайил Европаялда ипотекаялдаса пайда босула 10-ялдаса 25 проценталде щвезегIан чияс. БатIалъи бугищ? Нилъер гьаниб 2018 соналъул ахиралде кредиталъул процент микьгоялде бачине ургъулел руго, гIицIго 2022 соналда гурони «рес рекъолеб» гьечIо гьезул процент анлъго проценталде бачине. Гьаниб рес буго президентас церелъурал масъалаби тIуразе, гьелъие хIалтIизаризе бегьула цин-циял акциялгун скидкаби. Амма гьанибги щаклъи бугел бакIал гIемер руго.

ХадурагIиялъул бакIалда: Дида ккола, кигIан нилъее бокьаниги, социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал гIемер хиси щакаб бугин. ГIицIго президент вищиялъул заман (2024) тIаде щварабго, рукIине бегьула лъикIаб рахъалде хиса-басиял, рорхизаризе бегьула харжал ва пенсиял, ва цогидалги социалиял рахъал. Гьеб гуребги, жеги цебе буго пенсиялъул гIуж цIикIкIинабиги, бихьиназе гьеб бахинин ккола 64-66 соналде, руччабазе – 60 соналде. Дица гьаниб бицунеб гьечIо ракIалдаго гьечIого ккезе бегьулел политикиял хиса-басиязул. ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунел ругел санкциязул тIадецуялъ захIмалъизе руго указалда рихьизарурал масъалаби тIуразе. Гьеб гуребги, БакътIерхьул биржабазда багьаби кинал рукIинел абураб суалалъе жавабги лъаларо. Къокъ гьабун абуни, цIодорго рукIани, зарал дагьаб ккела.

Денга Халидов