Халкъалъ кьела къимат

21 маялда Москваялда тIобитIана «Цогояб Россия» партиялъул «Направление 2026» абураб темаялда конференция

Дагъистаналдаса конференциялда гIахьаллъана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарь, партиялъул генералияб советалъул член Хизри ШихсагIидов, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов.
Гьенир гьоркьор лъун рукIана Россиялъул президент Владимир Путинил «маялъул» указал гIумруялде рахъинариялъул ва партия цIигьабиялъул суалал.
Конференция тIобитIана лъабго тематикияб майданалда. ТIоцебеселда бицана лъайкьей, сахлъицIуни, экология, культура цебетIезабиялъул хIакъалъулъ. КIиабилелда — предпринимательство цебетIезабиялъул, инвестициязул хIакъалъулъ. Лъаб­абилелда – партиялъул х1акъалъулъ. Гьелдаса хадуб тIобитIараб пленарнияб заседаниялда гIахьаллъана Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевги. Гьенибго гьабуна конференциялъул хIасилги. «Цогояб Россиялъул» генералияб советалъул секретарь Андрей Турчакица жиндирго кIалъаялда абуна:
— Аслияб кIвар кьезе ккола гIадамазул гIумру лъикIлъизабиялде. Гьединго цIигьабизе ккола партияги, цIикIкIинабизе ккола гьелъул бакIалъулал гIуцIабазул кIварги. ГIадамазул гIумру лъикIлъизаби ва улкаялъул цолъи ва цебетIей — гьеле конференциялъул хIасил, — ан.
Конференциялда гьабураб кIалъаялда Дмитрий Медведевас абуна:
— Президентасул «маялъул» указал гIумруялде рахъинариялъе чара гьечIого хIажатаб шартIлъун ккола улкаялъул гIадамалгун цадахъ рекъон хIалтIи. РакIалде ккола гьелъие квербакъилин «Цогояб Россия» партиялъ­ги. ГIадамазул гIумру цебетIеялде кIвар кьей — гьеле нилъеда цебечIараб аслияб масъала. Нилъер киназулго ккола гъалатIал. Гьел рукIунаро хIалтIуларезул. Амма лъазе ва бажаризе ккола гьел ритIизарунги. Цадахъ рекъон хIалтIулел ругони, гъалатIал ритIизаризе бигьалъизе буго, — ян.
Гьединго гьес бицана «БацIцIадаб улка» абураб партиялъул проект хIалтIизе биччаялъул хIакъалъулъги. Гьелъул аслияб мурад — тIабигIаталдаги сверухъ бакIалдаги рацIцIалъи цIуни.
Журналистазулгун букIараб гара-чIвариялда конференциялъул хIакъалъулъ гьадин бицана Владимир Васильевас:
— Киналго майданазда гьоркьор лъун рукIана гIумруялъул даража борхизабиялъе цIакъго кIвар цIикIкIарал суалал. Нилъецаги хIаракат бахъизе ккола мискинлъиялдаса гIадамал цIунизе, гьел хIалтIудалъун хьезаризе. Гьеб киналъулго аслулъун ккола сахлъицIуниялъул, лъайкьеялъул, гIадамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул даража борхизаби. Щибаб росулъ, щибаб поселокалда, щибаб шагьаралда лъикIаб рахъалдехун хисизе ккола гIадамазул гIумру. Бокьилаан жавабчилъи бугел хъулухъазда гIолилал рихьизеги. Гьелъие гIурал ресалги шартIалги руго нилъер. ГIадамаз кьезе ккола къиматги жидецаго рищарал депутатазул хIалтIуе, — ян.