Улкаялъул президент нахъеги тахида

Россия: жакъа ва метер

 

Анкьабилеб маялда Владимир Путиница ункъабилеб нухалдаги президентасул хъулухъалде лъугьиналда бан, улкаялъул аслияб законалда тIад кверги лъун, гьа бана ва халкъалъул хIажалъаби тIураялъе бажарарабщинаб гьабизе бугин абуна.
Гьелдаса хадуб РФялъул Конституциялъулаб судалъул председатель Валерий Зорькиница лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Владимир Путин РФялъул президент кколин ва баркана гьесда тIадегIанаб хъулухъ.
Данделъаразда цеве кIалъалаго президентас халкъалъе баркала кьуна иргадулаб нухалдаги божилъи гьабуралъухъ ва къокъго бицана анлъго сонил болжалалда жанир гьаризе ракIалда ругел ишазул.
«Россия буго тIолгодунялалъул гIумруялъулъ хасаб ва гIезегIан къуватаб бакI кколеб улка», — ян лъазабуна В. Путиница ва бицана аслияб куцалда жанисел масъалаби тIуразариялде цIикIкIун кIвар кьезе букIиналъул хIакъалъулъ.
Нахъисеб къоялъ В. Путиница лъазабуна улкаялъул премьер-министрасул тахбакI кквезе мустахIикъав чи, иргадулаб нухалдаги, жинда Дмитрий Медведев вихьулин ва Пачалихъияб Думаялъул депутатал ахIана гьесул рахъкквезе.
Пачалихъияб Думаялъги, 374 депутатас гьаракьги кьун, Д. Медведев хIукуматалъул председательлъун тасдикъ гьавуна. Данде гьаракь кьуна гIицIго 56 депутатас.
Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго цIализе бегьула 11-абилеб гьумералда.