Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

Киданиги кIоченаро нилъее гIоло гIумру кьуралги жакъа чIаго ругелги рагъул гIахьалчагIи

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гьеб къоялъ щвана щивав рагъул гIахьалчиясда аскIове, кверги бачун, баркана Бергьенлъиялъул байрам. Хадуб байбихьана рохалилаб митингги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз ва республикаялъул хIукуматалъул, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулез, рагъул гIахьалчагIаз, студентаз, школлъималаз, гIолилазул ва жамгIиял цолъабазул вакилзабаз.

Митинг рагьана ва нухда бачана МахIачхъала шагьаралъул бетIерасул ишал тIуралев Абусупян ХIасановас. «ЦIакъ халатаб ва захIматаб букIана Бергьенлъиялде нух. Нилъер халкъазул цолъи, гъунки ва ватIан бокьи ккана рагъда бергьиналъе аслияб гIиллалъунги. Нилъер гIемермиллатазул улкаялъул вацлъиялъул халкъазул кьерда вагъулев вукIана 180 азарго дагъистанияв ва гьезда гьоркьоса 62-яв мустахIикълъана Совет Союзалъул БахIарчи абулеб тIадегIанаб цIаралъе, анкьгоял рахъана Реццалъул орденалъул тIубарал кавалераллъун, анцIаза-азаргоясе щвана орденал ва медалал», — ан абуна гьес.

Ветераназда ва митингалъул гIахьалчагIазда байрамги баркун, Владимир Васильевас абуна: «Нилъеда лъала гIемерал чагIи фронталдаса тIадруссинчIеблъи. Нилъеца адабалда ресхола гьезул цIаралги. Нилъеда тIадабги буго тарихалъе ритIухъаллъун рукIине, бахIарзазул хIурмат цIунизе, гьездаса чIухIизе, лъимал ва гьезулги лъимал нилъедасаги чIухIулеб къагIидаялъ гIумру гьабизе. Дие гьанив ракIалдещвезавизе вокьун вуго Зайнудин БатIмановги. Гьев вукIана рохьихъанлъун. Рохьоб лъимадул ва чIужугIаданалъул ахIи рагIидал, кодоб ярагъ гьечIев цо чи ана гьев гьезие хIалае. Гьев бергьана, гьес хIинкъичIого цIунана тIубараб хъизам. Гьев хъачагъалгун вагъана ва хвана. Гьал къоязда улкаялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьесие кьуна Россиялъул БахIарчи абураб цIар. Гьединал гIадамал ругебгIан мехалъ Дагъистанги Россияги тIегьазе буго», — ян абуна республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулес.

Хадув кIалъазе вахъарав ДРя-лъул рагъулав комиссар Даитбег МустIапаевас абуна:

– КIудияб ВатIанияб рагъ гIасрабаз хутIила нилъер ракIазулъ. Рагъ байбихьун тIоцебесеб къоялъго аза-азар дагъистанияв ана ватIан цIунизе. Гьез рухIалда барахщичIого цIунана нилъер улка ва тIолабго Европа. Бицадуе хутIана летчик Амет-Хан Султанил, Валентин Эмировасул, МухIамад ХIажиевасул, Ханпаши Нурадиловасул, СагIадула Мусаевасул, Элмурза Жумагуловасул, ГIабдулхIаким ИсмагIиловасул ва жеги гIемерал бахIарзазул цIарал. Гьел даимго хутIила нилъер ракIазулъ».

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьал-чIужу, концлагералъул асир Зинаида Савельевалъ, рагъул гIахьалчагIазул гьабулеб адабалъухъ баркалаги кьун, абуна:

«Немцазул концлагералде ккараб мехалда дица бан букIана 17 сон. Жакъа дир буго 94 сон, амма сон букIараб гIадин, кинабго ракIалда буго. РакIалда буго гIадамазда бихьараб гIазаб ва гIакъуба. РакIалда буго Бергьенлъия-
лъухъ балагьун чIун рукIараб куц. Киназдаго баркула кIудияб байрам, гьарула даимаб рекъел».

Гьединго Бергьенлъиялъул къо баркана ва ветераназе халатаб гIумру гьарана Каспийскалъул флотилия-лъул гумузул бригадаялъул подразделениялъул начальник Леонид Божокас, гIемерал лъималазул эбел Сафижат МухIамадрасуловалъ ва ДГУя-
лъул ункъабилеб курсалъул студентка Диана ГIабдулаевалъ.

Митингалдаса хадуб рагъул гIа­хьалчагIаз, тахшагьаралъулаз ва гьалбадерица тIугьдул лъуна Ленинил комсомолъул ахикь бугеб цIар лъаларев солдатасе бараб памятникалда цере ва БахIарзазул аллеялда.

Бергьенлъиялъул къоялъул хIур­ма­талда байрамал тIоритIана рес-пуб­ликаялъул киналго шагьаразда ва районазда. МахIачхъалаялда генерал-полковник МухIамад Танкаевасе бараб памятникалда цебе митинг тIобитIана ва тIугьдул лъуна Шамил районалъул росабазул гIадамаз.

Гьебго къоялъ, къаденахъе Ма­хIач­хъалаялъул аслияб майданалде ракIарана «Хвел гьечIеб полк» тадбиралъул гIахьалчагIи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 25 азаргогIан чи. Акция-лъул гIахьалчагIаз Родопалъул бульваралда кьуна концертги.

Байрамалъул тадбиразде рачIарал рагъул гIахьалчагIазул къадар исана цIакъго дагьаб букIана. Гьезда гьоркьов магIарул миллаталъул кIиго-лъабго чи вукIун ватила. Митингалдаги бицана жакъа Дагъистаналда хутIун вугин 178 рагъул гIахьалчи ва гьезул гIемерисел бусаде ккунги ругин.

Гъоркьехун рехсолеб ункъо суалги кьун, байрамалъул гIахьалчагIазулгун гара-чIвариги гьабуна нижеца:

  1. Кинаб асар дуе гьабулеб гьаб байрамалъ ва сунца тIамурав мун жакъа гьаниве вачIине?
  2. Дур пикруялда рекъон, къваригIун бугищ гIадамазе жакъа гьадинаб байрам, гIун бачIунеб гIелалъе щиб гьелъ кьезе бугеб?
  3. Дур хъизамалъул ва гIагарал чагIазул рагъда щив вукIарав, гьесул хIакъалъулъ щиб дуда лъалеб?
  4. Рагъул гIахьалчагIазда, тылалъул хIалтIухъабазда ва гIадатиял дагъистаниязда кинал рагIабаздалъун дуца баркилеб Бергьенлъиялъул байрам ва щиб гьезие гьарилеб?

ПатIимат МухIамадова, МахIач-хъалаялъул №39 лицеялъул байбихьул классазул учительница:

— Гъираялда ячIана дун гьаб байрамалде, рагъул гIахьалчагIи рихьизеги гьезда байрам баркизе бокьун. Гьезул баракаталъ щвараб буго нилъее гьаб эркенлъиги. Гьаб ккола гIолилазда ва лъималазда бихьулеб ватIан бокьиялъул кIочонареб дарс. Дир кIудадал вац Дабди АхIмад кколаан рагъул гIахьалчи. Гьев рухIалда барахщичIого вагъана «Малая Земляялда». Гьевги нижер росулъа 69 рагъул гIахьалчиги ракIалдещвезаризе, гьезул рухIаздасан дугIа гьабизе ячIун йиго гьаниеги.

Рагъул гIахьалчагIазе щулияб сахлъиги киналго дагъистаниязе бечедаб ва ракълилаб гIумруги гьарула дица.

Мариян МухIамаднабиева, МахIач-хъалаялъул 34 школалъул магIарул мацIалъул учительница:

— ИчIабилеб маялъул къо дица рикIкIуна байрамазулги байрамлъун. ЯхI бугев чиясе, хасго гIолилазе чара гьечIеб байрамги буго жакъа. 1942 соналда рагъде арав дир эбелалъул даци ГIалиев Шарапудинил хIакъалъулъ нижеда щибго лъаларо. ЦIех-рех гьабидал, хъван бачIана гьев Краснодаралда бугеб гIаммаб хабалъ вукъун вугилан, амма гьениб я гьесул цIар батичIо, яги гьесул хIакъалъулъ лъалев чи щвечIо. МухIамаднабиев МухIамаднаби ккола дир кIудада. Рагъде аралдаса гьесул хабар-кагъат къотIана. Ана-тIагIана мунагьал чурад. Бадиб магIу хулула гьезул талихIкъараб гIумруялъул пикру гьабидал. Рагъул гIахьалчагIи рихьидал, дида гьел кIиялго ракIалдещола.

Рагъул гIахьалчагIазе дица гьарила сахлъи, рохел ва чIара-хьараб гIумру.

АсхIаб ГIалиев, токалъул мастер:

— Дир кIудада АхIмадов АсхIабгIалил суратги босун щвана дун паркалде. Колхозалъул бухгалтерлъун хIалтIулев вукIун вуго гьев. ГIарзаги кьун, ун вуго фронталде. Сталинградалда чIванин абун бачIараб кагъат буго рокъоб цIунун.

ДугIадулъ гьесул хIал рехсезе, рагъул гIахьалчагIазда байрам баркизе, дагъис-
таниязе рекъелги, талихIги, рохелги гьаризе вачIарав вуго жакъа дунги гьаниве.

ГIолохъанаб гIелалда лъалеб гьечIо рагъ байбихьараб ва рагъ лъугIараб заман. Гьадинал байрамаз гIолилал ахIула ватIан бокьиялде, куцала ккараб къо борхизе.

Нури Нуриев