ХIажат буго школа

ЦIунтIа районалъул Хъебалъ росулъа МухIамадрамазан ГIабдулкаримовас ахIи бахъинабуна Пятигорскалдаги

 

2017 соналъул щуабилеб декабралда МухIамадрамазаница тIобитIана пикет. Республикаялъул ХIукуматалъул минаялда цеве эхетана гьев. Гьес кодоб ккун букIана росдал школалъул суратал тIад рахъараб игIлан.
ГIабдулкаримовасул пикеталъулги гьесул тIалабазулги хIакъалъулъ нижеца хъван букIана гъоркьиса къватIибе бачIараб №48 газеталда. Пятигорскалде иналде цеве МухIамадрамазан щвана нижехъе редакциялдеги. Гьес бицана ХIукуматалъул минаялда цебе тIобитIараб хитIабалдаса хадуб цо чанго дандчIвай гьабунин жинца республикаялъул идарабазул нухмалъулезулгун. «Амма гьезул хIасил ккечIо. Дица абун букIана, кинабгIаги хиса-баси ккечIони, Пятигорскалде ине вугин ва РФялъул президентасул вакиласул идараялда цебеги пикет гIуцIизе бугин. Кьураб рагIиги ккун, ине вуго дун Пятигорскалде. Гьенире ахIун руго централиял СМИязул журналисталги. Гьенибги хIасил ккечIони, Москваялде ине ккелаха», — ян бицана гьес.
Хъебалъ росулъ школа бана 1965 соналда. Гьелъул тIоцебесеб тIала буго ганчIил бараб, амма къадал ралаго, цемент хIалтIизабун гьечIо. Школалда вуго 20 учительги, 80 цIалдохъанги, школалда цебесеб лъайкьеялъул идараялъул 25 цIалдохъанги. Школалда цIалулеб буго МухIамадрамазанил кIиго лъимерги. «Кемеровоялъулазде гIадинаб пашманаб къо бачIине бокьун гьечIо дир хъи­замалдеги», — ян абулеб букIана гьес Пятигорскалда вукIаго.
Гъоркьиса ГIабдулкаримовгун данд­чIвана ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместитель ШиргIали ГIалиев. Гьес абуна цIияб школа базе рес гьечIин, амма рагIи кьуна 2018 соналда капиталияб ремонт гьа­бизесел школазул сияхIалде гъорлъе ккезабилин Хъебалъ росдал школаги — ян.
Кин къачIалеб биххун инехъин бугеб школа? Цоги, бичIчIуларо судалъул хIукмуги. Гьелда рекъон, школалъул тIоцебесеб тIалаялда дарсал кьезе гьукъун буго, гьениб гIадамазул гIумруялъе хIинкъи бугин абун. ТIоцебесеб тIалаялда жанире лъугьине бегьулеб хIал батичIони, гьелда тIад бараб кIиабилеб тIала кин рикIкIине бегьулеб дарсал кьезе санагIатаблъун?
Пятигорскалда МухIамадрамазаница бицана гьадинал тIалабал ругилан: Олег Белавенцевгун дандчIвазеги, Сан-Пиназул тIалабазде рекъонкколеб школа росулъ базеги, лъималазе кьолеб лъаялъул даража борхизеги, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев Хъебалъ росдал школалде вачIинеги.
Гьабуна МухIамадрамазаница РФялъул президент Владимир Путинидеги хитIаб. «Хъебалъ росдал школалда гьечIо цIалдохъабазе хIухьбахъиялъе санагIатаб азбар, классазда гьоркьоб жанахI, хIажатханаби. КIиабилеб тIала буго хъорщол бараб. Гьелъул хIубал цIалдохъа­базде тIаде рортиялъул хIужабиги ккана. Токалъул кваралги руго бокьараб заманалда цIа ккезе бегьулеб хIалалда. Цо нухалда цIа рекIунги букIана, цIалдохъабазги учительзабазги гьеб хехго свинабуна», — ян абулеб буго хитIабалда.
Муса Азаев