Сессия

Депутатазда божилъи гьабуна

16-яс гурони данде гьаракь кьечIо. ХутIарал разилъана

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло цоабилеб сессия, гIадатлъун билълъухъе, байбихьана фракциязул вакилзабазул кIалъаяздаса. «Коммунистазул», «РитIухъаб Россиялъул» ва «Цогояб Россиялъул» депутатазул рахъалдасан кIалъарал депутатаз кIварбуссинабуна батIи-батIиял партиязул гIуцIабазул хIалтIулъ, лъимал гIемерал хъизаназе ракьул паял кьеялъулъ ва цогидалги суалазулъ ругел гIунгутIабазде.
ТIоцебе халгьабуна МахIачхъала, Каспийск шагьаразда ва Гъизляр районалда сулхIиял (мировиял) судиял тIамиялъул суалалъухъ. Депутатаз гьел жиде-жидер хIалтIуда тасдикъги гьаруна.
«Дагъистан Республикаялъул маданияталъул материалиял гурел сурсатазул хIакъалъулъ» абураб къануналда бухьараб букIана хадусеб суал. Гьеб хурхараб буго нилъер халкъазул рухIияб культура хвезе, кIочене течIого цIуниялда ва цебебачиналда.
Депутатаз халгьабуна «Хасаб къагIидаялда цIунулел тIабигIиял бакIазул хIакъалъулъ» законалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» къануналъулги. ГIаммаб куцалда халгьабуни, сессиялде босараб 17 суалалъул 13-яб букIана цереккун къабул гьарун рукIарал къануназда батIи-батIиял хиса-басиял гьариялда хурхараб.
Нилъее кIвар цIикIкIарал суалазул цояблъун букIана «Дагъистан Республикаялда росдал магIишат цебетIеялъул хIакъалъулъ» абураб къануналда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» хIукмуги. Республикаялъул экономика щула гьабиялъулъ росдал магIишаталъул даража дагьаб­ги борхизабиялде лъолел галабазул цояб ккола гьеб суал Халкъияб Соб­раниялда гьоркьоб лъезе босиги.
Сессиялда депутатазулъ чIаголъи бижизабураб суал букIана кIиго: «Дагъистан Республикаялда гIадамал ракIарун гьарулел тадбиразул цо-цо суалал» ва «Дагъистан Республикаялъул бетIер вищиялъул къагIидаялъул хIакъалъулъ» законалъул кIиабилеб статьяялда цо-цо хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ». Гьелда рекъон чIезабуна нилъер республикаялъул бетIер вищиялъул къо — сентябрь моцIалъул кIиабилеб рахIаткъо. Гьеб суалалда тIасан жиндирго разилъи гьечIолъи загьир гьабун кIалъазе вахъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель МахIмуд МахIмудов. Гьес баян гьабуна исана Россиялъул 22 субъекталъул бутIрул рищиялда бан рукIине ругел рищиязулъ гIицIго Дагъистаналда ва Ингушетиялда гурони гьечIин парламентаз гьел рищулеб къагIида. ХутIарал бакIазда бетIер вищулев вуго халкъалъул гIахьаллъигун. Гьес абуна лъикIаб букIинаанин нилъер республикаялъул бетIер вищулелъулги гьединабго къагIида хIалтIизабуниян. Залалда гIодор чIаразги гьеб пикру битIараб бугин абулеб букIана. Амма депутутазул гIицIго 16-яс гурони гьелъул рахъкквечIо, 7-яв цонигияб рахъалде гьетIичIого чIана, хутIараз лъазабуна Россиялъул президентас кьураб лъабго цIаралда гьоркьоса депутатаз вищизе кколин бетIерилан.
«Дагъистан Республикаялда гIадамал ракIарун гьарулел тадбиразул цо-цо суалал» абураб къануналдаги гьел ракIарулел бакIал дагь гьариги демократия цебетIезаби кколарин кIалъана коммунистазул фракциялъул вакил.
Сессиялъул ахиралда Россиялъул парламентаризмалъул къоялда бан, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас цо чанго депутатасе кьуна батIи-батIиял шапакъаталги.
Зикрула Илясов