КЭМЗалъул «маххул хIинчI»

Халкъазда гьоркьосеб авиасалоналда тIобитIараб выставкаялда

лъикIаб къимат кьуна «МАИ-411» самолеталъе

«МАИ-411» абураб ункъо чи рекIунеб самолет гьабуна Гъизляралъул заводалда. Гьеб тIоцебесеб нухалда боржана 12 апрелалда – Космонавтикаялъул къоялъул хIурматалда. Гьеб хIалбихьиялъулаб рорженги халалъана 11 минутгун 20 секундалъ. Штурвалалда нахъа вукIана Москваялъул авиациялъу­л институталъул конструкторазул бюроялъул летчик-испытатель Александр Митрофанов.
Самолеталъул хIалбихьиял гьаризе руго 2018 соналъул июналде щвезегIан. Гьелдаса нахъе Росавиациялде хитIаб гьабизе буго сертификация тIалаб гьабун. 2020 соналъул авалалде хIалбихьиялги, сертификацияги, цогидал халгьабиялги лъугIизе ккола. Гьелдаса хадуб хьул буго, Европаялъул «CS-23» ва Америкаялъул «FAR-23» самолетаздаса къечIеб нилъерго «МАИ 411» самолеталъ Россиялда мустахIикъаб бакI кквеялда.