ГIарцул гурони пикру гьечIони…

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи

 

Гьелда гIахьаллъана республикаялъул пачалихъиял идарабазул нухмалъулелги бизнесалъул вакилзабиги.

Владимир Васильевас къокъго бицана улкаялъул президентас тIобитIараб данделъиялъул хIа­къалъулъ. Хадуб байбихьана тахшагьаралъул дармилгун ре­кIел­гъеялъул центраздаги, гIе­мерал гIадамал ракIарулел цоги­дал бакIаздаги цIаккеялдаса цIуния­лъул халгьабиязул хIасилазул хIа­къалъулъ бицине. Гьеб масъалаялда бан, ДРялъул ГОялъулги, ЧСа­лъулги нагагьал балагьаздаса цIу­ниялъулги ишазул рахъалъ министр Нариман КазиахIмадовас абу­на халгьабулел идарабаз берзу­кье босун бугин дармилгун рекIел­гъеялъул 46 центр. «Хасаб кIвар буссинабулеб буго лъималги ру­кIу­нел бакIазде. ГьабсагIаталда халгьабун бахъана 39 объекталъул. Гьел бакIазул хIалтIухъабазда бица­на, нагагь цIа ккани, лъималги чIа­хIиялги минабаздаса къватIире рачи­налъул къагIидабазул хIакъа­лъулъ. Халгьабуна цIа свинабулел алатал хIалтIулел ругищали­ги. Къо­къго абуни, дармилгун рекIел­гъея­лъул центразда цIа ккани, гIа­дамал хвасар гьаризе захIматаб хIал батана», — ян бицана министрас.
Владимир Васильевас абуна, би­чIчIизе кколин Кемеровоялда гIадинаб къварилъи ккеялдаса цIу­низе кколеблъи. «Нилъер бизнесменаз абулеб буго цIа свинабулел алатал хираго чIолин. Гьелъул магIна ккола жидее щолеб хайиралъул гурони гьез ургъел гьабулеб гьечIолъи. Сунца, мисалалъе, квалквал гьабулеб гIадамал къватIире рахъине гьарурал нухал эркенго тезе? Бизнесалъе квалквал гьабизе бокьун гьечIо, амма гIадамазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъи бу­кIи­­на­бизе тIадаб буго нужеда», — ян хитIаб гьабуна гьес дармилгун ре­кIелгъеялъул центразул нух­малъулез­де.
Данделъиялда бицана ихдалил рекьиялде хIадурлъиялъул хIа­­къалъулъги. ДРялъул росдал ма­гIишаталъул министр ГIаб­дулмуслим ГIабдулмуслимовас абу­на, 90 гектаралда хасалихъго бекьанин тIорщел. «Гьеб мура­дал­да республикаялде бачIун бу­кIа­на тIасабищараб хьодул кIи­азар­гоялдаса цIикIкIун тонна. Гьел хурзабазул 98 проценталда гьаб­сагIаталда иш лъикI буго. Ахираб лъабго соналда жаниб рекьулел ракьазул къадар цIикIкIана 33 азарго гектаралъ. Ихдалил рекьиялъеги хIажалъизе буго хьодул 77 азарго тонна. ХIажатаб къадаралъул 85 процент буго республикаялда. Ракь беэн гьабиялъеги къварилъи букIинаро. Исана ракIалда буго 1210 гектаралда ахал чIезеги», — ян абуна министрас.
Данделъиялъул ахиралда бицана Спортивияб гугариялъул ра­хъалъ Европаялъул чемпионатал­де гьабулеб хIадурлъиялъул хIакъа­лъулъги.