«Туризм ккола экономикаялъул аслиял бутIабазул цояб»

ДРялъул премьер-министрас тIобитIараб данделъиялда бицана

 

Республикаялда туризмалъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ данделъиялда бицана ДРялъул туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министр РабигIат Закавовалъ. Гьелъ абуна, гъоркьиса Дагъистаналде вачIун вукIанин 608 азарго турист. Бицана министралъ Дагъистаналда ругел санаторияздагун курортазда, ралъдал рагIаллъабаздаса гIебеде гьабун букIараб хIадурлъиялъул хIакъалъулъги.

Гьелъухъги гIенеккун, Артем Здуновас гьадин абуна: «Туризм цебетIезабиялъул мурадалда тIуразе кколел масъалабазул хIакъалъулъ бицана, амма гьарурал чIванкъотIарал хIукмаби дида рагIичIо. Туризм ккола экономикаялъул аслиял бутIабазул цояб», — ан.
ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас кIварбуссинабуна туризм цебетIезабизе квалквалал гьарулел масъалабазде. Масала, тIубазе ккола ракьазул суал: Дербент районалда гьелъие кьезе кколаан 1,7 гектар ракьул, амма гьеб суал жеги роцIинабун гьечIо. ХIадурун гьечIо туризмалда хурхарал проектазул документалги.
ДРялъул премьер-министрас Туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министерствоялъе гьаруна кьварарал бадирчIваялги. «Рес­публикаялда хIухьбахъизе ва­чIа­рав туристасда лъазе ккола, кин гьев щвезе вугев пуланаб, тIа­са­бищараб бакIалде, щив вукIине ву­гев жинда цадахъ, кив рещтIине вугев. Гьел масъалаби тIуразе ккола гьеб ишалда бухьен бугел идарабаз. ХIалтIизаризе ккола социалиял гьиналги. Дагъис­таналде щварав щивав гьоболас хадубккун гьаниве вачIинавизе ккола чанго чи – гьедин гIуцIизе ккола хIалтIи», — ян бицана гьес.
ДРялъул вице-премьерасул ишал тIуралев ХIасан Идрисовас борхана кьишни-къулалъул масъала.
ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас абуна, тIоцебесеб иргаялда, тIубазе кколин республикаялъул пляжазда гIадамал цIуниялъул масъала. Гьес ракIалдещвезаруна гIадамал гъанкъиялъул хIужабиги.
Гьесие жаваб кьолаго, ДРялъул МВДялъулги ДРялъул МЧСалъулги вакилзабаз бицана гьединал шартIал гIуцIун ругилан. Амма масъалалъун кколин гIадамал жидее бокьарал бакIазда чвердолел рукIин: хасал алаталги, хвасар гьарулелги ругел пляжазде инчIого, гьединал шартIал гьечIел бакIазде унел руго гIадамалин абуна гьез.
ДРялъул вице-премьер – мал-мулкалъулги ракьалъулги бухьеназул министр Екатерина Толстиковалъ бицана республикаялда газалдалъунги токалдалъунги гIадамал хьезариялъул рахъалъ бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Гьелъул баяназда рекъон, газалъул рогIразул бетIергьабилъун ккола «Газпром» ПАОги, «Дагъгаз» ОАОги, цогидалги (масала, газалъул мухъал ижараялъе росараб «Газпром межрегионгаз МахIачхъала» ООО). Щивасул буго жидерго «бухгалтерияги». Масала, газалъул рогIразул 17430,2 километралъул бетIергьаби кколин лъазабула гьез. РогIрал «рикьизе» бажарунгутIиялъул хIасилалда гьезул халалъи бихьизабулеб буго хIакъикъаталда ругездаса 3654,2 километралъ цIикIкIун. Гьелде тIадеги, 700 километралъул бетIергьанго ватулев гьечIо. Гьеб иш рукIалиде ккезабизе, Толстиковалъул пикруялда рекъон, гIуцIизе ккола цоги идара: гьелъ чIванкъотIараб хIалтIи гьабизе буго газазул бетIергьабазулгун. Гьеб пикру битIараблъун бихьана Здуновасдаги.
ГIадамаз газ хIалтIизабиялъул ра­хъалъ баянал рехсана ДРялъу­л промышленносталъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIу­ма­хановасги. «ГьабсагIаталда да­гъистанияз хIалтIизабулеб буго га­залъул 3,6 млрд кубометр. Газалдалъун хьезари бахун буго 69,8 проценталде. ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабуна «2018-2022 соназда ЖКХги, промышленниял предприятиялги, цогидал идарабиги газалдалъун хьезариялъул хIакъалъулъ» программа. Гьеб гIумруялде бахъинабун хадуб газ щвезе буго 79,1 проценталъе. Потребителазул къадар – 530 азарго абонентасде», — ян бицана министрас.
Муса Азаев