Халкъазда гьоркьосеб ахIвал-хIал

Турциялде Путинил сапар

 

Щиб загьирлъараб дунялалъул халкъазе
ва букIине бугищ кIудияб рагъ?

3-4 апрелалда РФялъул президент Владимир Путинил Турциялде гьабураб сапар пайдаяблъун букIана. Гьесги Турциялъул президент Ражаб Эрдоганицаги гамачI лъуна Турциялъул тарихалда тIоцебесеб нухалда базе байхьараб «Аккую» абураб атомалъулаб электростанциялъул кьучIалда. Гьез къотIи гьабуна дармил бухьенал цIикIкIинаризеги, «С-400» абураб гьанжезаманалъул ракетазде дандечIолеб Россиялъул системаялдалъун Турция хьезабизеги.
Абизе ккола, цониги къватIисеб улкаялъул нухмалъулесе Путиние гIадинаб дандчIвай гьабичIин Турциялда. Дагьалъ цебе хIаракат бахъулеб букIана кIиябго улка дандбазабизе. Гьеб бажаричIеб мехалда, къватIисел тушбабаз хIалбихьана Эрдоган нухмалъиялдаса рехизе.
Путинил сапаралъул кIиабилеб аслияб мурад букIана, Ираналъулги, Турциялъулги, Россиялъулги бутIрулги данделъун, Сириялъул къисматалъул масъалабазул хIакъалъулъ бицин. Рехсарал улкабазул щибалъул буго Сириялда бан жидерго хасаб пикру, амма Путинихъа бажарана лъабалго цогояб пикруялде рачIинаризе. КъотIи гьабуна лъабабго улкаялъ кумек гьабизе Сирия цIигьабиялъеги, пачалихъ цIуниялъеги, ООНалъул нухмалъиялда гъоркь Сириялда демократиял рищиял тIоритIиялъе квербакъизеги. Рищиязул хIакъалъулъ къотIи гьабун букIана 30 январалда Сочиялда тIобитIараб Сириялъул миллияб конгрессалъул данделъиялда. Гьенибго гIуцIана Сириялъул рахъалъ Конституциялъулаб комиссияги, гьелъул хIукмуги битIана ООНалъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул советалде.

Сириялъул «къор»

Рехсараб советалъул хIукму рекIее гIолеб гьечIо Сириялъул президент Башар Асадие. Гьев вуго алавитазул вакил – гьезул къадар Сириялда бахуна 10 проценталде. Динияб рахъалъ гьел шигIиязде гIагарал ккола, шигIиязулги къадар бахуна 2-3 проценталде. Парангазул колонизаторал Сириялдаса нахъе унеб мехалда гьез алавитазда «тIадкъана» улкаялъул нухмалъи. Британиялъул колонизаторазул (парангазул «учительзаби») мацIалда гьелда абула букIинеселде гьабураб «кьвагьизе къачIараб сайгъатилан». Гьединаб «сайгъаталъ» кумек гьабула улка къватIисеб нухмалъиялъул «кварида базе» ва «рикь-рикьизеги гьарун, нухмалъе» абураб принципалде рекъон ккола. Сириялда рагъ халалъиялъе гIиллалъунги ккола Башар Асадихъа бажарунгутIи, алавитазул «тухумалъул» тIалабазда тIасан галиги бегьун, сунниязул церехъабазулгун (гьел ккола улкаялъул цIикIкIарасеб халкъ – 80 проценталдасаги цIикIкIун) къотIи гьабизе. Суннияз 2011 соналде щвезегIан тIоритIулел рукIана ракълилал, амма дандечIей загьир гьабиялъул митингал. Гьелдаса хадуб байбихьана яргъидалъун дандечIей ва гьеб хIал хисизабизе къеркьолел руго Россияги, Турцияги, Иранги.

КъватIиб загьирлъизе толареб…

Сундулъ пикру цойиде ккараб Владимир Путинилги, ХIасан РухIанилги, Ражаб Эрдоганилги? Ва сундул хIакъалъулъ гьезие бокьулареб къватIиб бицине? БукIине бегьуларо «жибго жиндаго чIараб Сириялъул Курдистан» – мадугьалзабазе ГIизраил гIадинаб пачалихъ. Сириялъул Курдистаналда руго Америкаялъул рагъулал базаби. Гьел гьенир рещтIана Сириялъул бакъбаккул рахъалдаса (Евфрат гIурул квегIаб рагIалдаса) ИГИЛ (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) къватIибе бачахъун хадуб. Нахъе инеги ракIалда гьечIо гьезда. СШАялъул президент Трампицаги гьеб рахъалъ чIванкъотIараб рагIи абулеб гьечIо. Лъабабго улкаялъул нухмалъулес америкаялъулазда бичIчIизабулеб буго: нуж рачIиналъухъ балагьун чIарав чиги гьанив вукIинчIо, нужеца хвезарулел руго ихтияралъул халкъазда гьоркьосеб нормабиги принципалги. Асадица гьел ахIун рукIаралани, иш батIайиса ккелаан…

Кинаб масъалаялъул рахъалъ Турциялъулги Ираналъулги пикру рекъонкколареб, амма БакътIерхьул улкабазулги Путинилги тIадецуялъ гьел рекъезе тIамулел? Турциялъе бокьулеб гьечIо Ираналъул бербалагьи Сириялда къабул гьабулеб букIин. КIочене бегьуларо, Сириялъе кумекалъе бахъараб аслияб къуватлъун букIараблъи Ираналдаса Исламалъул революциялъул хъаравулзабиги Ливаналдаса «ХIизбулла» абураб шигIиязул рагъулаб къокъаги. Эрдоган рехизеги Турциялда хиса-баси гьабизеги хIалбихьизегIан, Анкараялда ракIалда букIана Сириялда нухмалъи хисизе, ай сунниязул оппозиция нухмалъиялде бачIинабизе.

Турциялдаго хиса-баси гьабун бажаричIелдаса нахъе Анкараялъ хIисабалде босизе кколеб буго Россиялъул пикруги. Гьеб цIикIкIарасеб рахъалъ рекъонкколеб буго Ираналъул пикругунги: геополитикаялъулги, оборонаялъулги, «газалъул рогIороялъул» экономикаялъулги. Экспертазул пикруялда рекъон, Сириялда «гIараб их» чIезабизе хIаракат гьабиялъул аслияб гIиллалъун ккола Сириялъул ракьалдасан Катаралдаса Европаялде газ бачиналъул проект. Кремлялъухъа бажарана гьеб проект нахъчIвазабизе, Дамаскалъул рахъги ккун, Катаралъулгун гьудуллъиги рекъезабун. Гьелъ кьаби щвезабуна СШАялъул интересазда.
Эрдоган, бухъардулеб ракI бугониги, хIажатавлъун ккана РФялъги, Сириялъги, Ираналъги ХIалабаялдаги Бакъбаккул Гутаялдаги гьарулел операциязда тIадрекъезе. Гьелъухъ «сайгъатлъун» Турциялъе ихтияр щвана Сириялъул севериял районазда ругел курдазул аскариязда кьаби щвезабизе. Турциялъе къваригIун гьечIо жиндирго гIорхъода курдазул автономия букIине. Курдаз анцI-анцI соназ бетIер унтизабулеб буго Анкараялъул. Гьеб рахъалъ Тегераналъулги, Дамаскалъулги, Москваялъулги ва Багъдадалъулги пикру цойиде ккана, «жибго жиндаго чIараб Курдистан» абураб байрахъалда гъоркь, рагъулаб къуват гIуцIизе кигIан хIаракат гьабулеб букIаниги Америкаялъги ГIизраилалъги.

Бакъбаккул Гута – кIудияб рагъул ахирисеб гIорхъи

Нилъер пропагандаялъ гIадамал къосинарулел руго. КIицIул лъазабуна Сириялда нилъер аскариязул иш рагIалде бахъанин ва аскарги гьениса нахъе бачанин. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотIичIого бицунеб буго Сириялда нилъер аскарияз гьарулел ишазул хIакъалъулъги. Гьелъие гIилла ккола официалияб прессаялъги телевидениялъги мухIканго бицунгутIи. Бакъбаккул Гута ккола Дамаскалда гIагарлъухъ бугеб кIудияб район. Гьениб щулаго чIун буго сунниязул оппозиция – хъизамалгун цадахъ. Гьезда цин абула террористалин, цинги – боевикалин, хадубги – оппозиционералин. Аслияб хIужа буго гьадинаб: 2011 соналдаса нахъе гьез рахъккуна сунниязул церехъабаз Асадиде данде гьабулеб къеркьеялъул. Ва гьезул гьечIо кинабгIаги бухьен ИГИЛалъул­гун яги «Жабхат ан-Нусрагун» (РФялда гьукъарал террористазул гIуцIаби). Гьединлъидал Россиялъул ракълилал къокъабаз гьезие рес кьолеб буго Бакъбаккул Гутаялдаса нахъе ине. Гьелги хъизамалгун цадахъ унел руго Иорданиялъул рахъалдехун. Гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъи цIунулеб буго нилъер аскарияз. Амма гьабсагIаталда бугеб хIалалда рекъоларел гIезегIан руго. Гьеб ккола лъикIаб гьечIеб хIужа.

Сириялъул хIиллаби —
кIудияб рагъде лъолел галаби

СШАялъги Британиялъги хIара­кат бахъулеб буго Бакъбаккул Гута­ялда ругезул дандечIей кIудияб рагъ байбихьиялъе шартIлъун гьаббизе. Щайгурелъул цо чанго соналъ БакътIерхьул улкабаз жигар бахъулеб буго Россия квешаб рахъалдаса машгьурлъизабизе. Гьелъие гIоло хIалтIизаруна спортсменазул бидулъ допингал ратиги, Сочиялъул олимпиадаялде рачIине инкар гьабиги, Сириялда химиялъулаб ярагъ хIалтIизабиялъул гIахьучIалги (гьединаб ярагъ Сириялда гьечIеблъи чанцIулго тасдикъ гьабуна Дамаскалъги Москваялъги). Россиялъ ва цогидал улкабаз, ООНалъул халкколезул берзукь рукIаго, чанго соналъ цебе тIагIинабуна Сириялда букIараб химиялъулаб яргъил хутIелал. Гьеб хIужа тасдикъ гьабуна халкъазда гьоркьосел халкколезги. Россиялде данде хIалтIизабулеб буго Британиялда Скрипалял – эменги ясги – загьру кьун хвезариги. МухIканаб цIех-рех гьабеян Россиялъ тIалаб гьабиялде кIварго кьоларо. РакIалдещвезабизе бегьула Украинаялда тIад Малайзиялъул самолет бортизабиги.
Россиялде данде къеркьеялъул хIужаби гIезегIан руго. 20 соналъ цебе накалде ккун букIараб Россия цебетIолеб букIиналъ рахIатхвезабун буго дунялалъул щибаб картIинибги жидер нухмалъи букIинабизе къеркьолел рукIарал улкабазул. Гьанже Россия кьучIдасанго хисун буго, гьелъул нухмалъулевги вуго кьварарав, улкаялъул интересал цIунизе бажари гIурав. ХIасил ккечIо Россиялде данде лъазарурал санкциязулги, информациялъулал гьужумазулги, россиялъулазул счетал «туснахъ гьариялъулги». Иш хIалуцинабулеб буго долларалъул ва бакътIерхьул экономикаялъул кризисалъги. БакътIерхьул улкабазул хIукуматазул чIахIиял налъаби руго дунялалъул олигархазда цере. Гьединаб хIалалдаса рорчIизе нух батизе хIалбихьилъун рикIкIине ккола Гибралтаралдасан Средиземное ралъдал бакъбаккул рагIаллъабазде Америкаялъул рагъулал гуми рачинги. Америкаялъги гьелъул чукъбилъун ругел Европаялъул улкабазги БагIараб, Средиземное (КIудияб) ралъадаздаги Индиялъул океаналдаги ракIарана рагъулал къуватал. «Дица тIасалъугьун тола киназулго налъи ва дирги тIасалъугьун те» — гьедин абулеб заман буго рагъ байбихьулеб мех. Гьеб байбихьизеги бегьула Сириялде гьужумал гьариялдалъун. Гьеб рахъалъ жаваб кьечIого толарин абуна Россиялъги, хасго нилъер цогIаги аскариясе гьелдалъун зарал ккани.

ХадурагIи

Дие хIалуцинабизе бокьун гьечIо, амма дир пикру бичIчIила МухIамад аварагасул хIадисал лъикI лъалев чиясда. Гьезда Шам (Сирия) рехсолеб буго «ахирисеб рагъ» букIунеб бакIлъун, гьелдаса байбихьизе бугин ахирзаманин. Кида гьеб букIине бугеб – нилъеда лъаларо. Амма шаклъи гьечIо Сириялдаса, Бакъбаккул улкабаздаса байбихьизе букIиналда. Гьениб рагъги жеги унеб буго. 2012 соналдаго Генри Киссинджерица абулеб букIана 10 соналдасан, ай 2022 соналде ГIизраил букIине гьечIин. Кире ритIизе ругел гIизраилалъулал? Гьезие хIадурулел руго Украинаялъул югалъул, Новороссиялъул ракьал. Дун мекъи ватизе бокьилаан. Амма унго-унгоял политологал-гIалимзаби киданиги щаклъулароан, бакътIерхьул империализмалда рагъал гьечIого рукIун бажаруларин абураб пикруялда. Дунялалъул олигархазеги рагъал хIажат руго кризисалдаса рорчIиялъул мурадалда. Аллагьас лъикIаб хъван батаги!
Денга Халидов,
ДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиял цIех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член