ЕРалъул съезд: рищиязде хIадурлъи

 

   Гьал къоязда Москваялда тIобитIараб «Единая Россиялъул» съездалда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 26 делегат. Аслияб куцалда гьениб бицана исана сентябралда рукIине ругел рищиязде кинаб хIадурлъи гьабулеб бугебали. Гьединго тасдикъ гьаруна щибаб регионалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъиялде рихьизарурал кандидатазул сияхIал.

   Дагъистаналъул сияхI гьадинаб буго: НурбахIанд НурбахIандов, Сайгидпаша ГIумаханов, Хизри Абакаров, Артем Бичаев, Бийсултан ХIамзаев, Мамед ГIабасов, Кубатай Масуев, Елена Павлюченко. Гьезул бетIералда вуго ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликов.

    Гьединго съездалда хIасилал гьаруна ахираб къого соналда жаниб «Единая Россиялъ» гьабураб хIалтIулги.

   ЕРалдехун гIадамазул бербалагьи лъикIлъизабизе, гьезул божилъи цIикIкIинабизе къваригIун бугин абуна улкаялъул президент Владимир Путиница. Гьелъие гIоло гьес тIадкъай кьуна регионазда нухал къачIаялъе 30 млрд гъурущ биччазе, гьединго хутIелал рацIцIад гьарулел станциял къачIазе ва цIиял разе 150 млрд гъурущ кьезе.

   Съездалде ритIарал дагъистаниязда гьоркьов вукIана ДГУялъул кафедраялъул заведующий, тарихиял гIелмабазул доктор Ильяс МухIамадсултановги.

    Гьев «Единая Россиялъул» вакил кколаро. Амма гьелъул рахъ кколев чи хIисабалда Ильяс МухIамадсултанов гIахьаллъана дагьаб цебе тIобитIараб праймеризалда. ГIахьвахъ районалдаса Халкъияб Собраниялде бихьизабураб сияхIалда гъорлъ вуго гьев. ГIезегIан къадруял делегациялги рукIанин съездалда гIахьаллъулел, гьединалго суалалги рукIанин гьенир рорхулелин абун бицана И. МухIамадсултIановас. Коронавирусалъул хIинкъи цIикIкIунеб букIиналъ, гIемерисел чагIи ахIичIогоги тун руго съездалде.

    Хадуб Ильяс МухIамад­ султIановасулгун нижер хабар ккана рищиязда тIасан.

    — Парламенталде ворчIани, дица хIаракат бахъизе буго депутатаз къабул гьарурал законал унго-унголъунги республикаялъе пайдаялъе хIалтIизаризе. Хасго ракIалда буго нижерго ГIахьвахъ районалъул гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе батIи-батIиял идарабазда цере тIалабал лъезе- ги. Райцентралде щвезегIан хъил тIечIел нухал ругеб чанго райо налъул цояб ккола гьеб. Гьанже районалда цIияв бетIерги вуго, нижеца цадахъ гьабилаан гьеб хIалтIи. Гьединго районалдаса 12 километралъ рикIкIад унеб буго газалъул рогIоро.    

    Амма районалде гьеб бачиналъул жеги суалго гьечIо. Токалъул кваралги руго гьанжеялдаса 50-60 сонал церего рачарал. Гьел басралъун рукIиналъ, хасало токги ун, къварилъиялда рукIуна нижер гIадамал. Гьединлъидал зама-заманалдасан жиндирго гIарацги харж гьабун, бизнесмен ГIумар МуртазагIалиевас рукIалиде бачуна районалъул магIишат. ГIахьвахъ районалъул цIитарав бетIер МухIамад МуртазагIалиевасул вацги ккола гьев. Гьедин, масала, кватIичIого КIаратIа рукъарулеб фабрика рагьизехъин буго гьес. Спортивияб кIалгIаги базе буго.

 

   ПалхIасил, диеги къваригIун буго дихъаго бажарараб куцалда районалъе кумек гьабизе. Гурони дие гьеб мандат гIицIго ГАИялъул хIалтIухъабазда бихьизе яги дирго хасал суалал тIуразе хIажатаб жо гуро, — ян бицана И. МухIамадсултIановас.

 З. ХIАЖИЕВА