ГIолеб гIелалъе мисал

Владимир Васильев дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командагун

 

Дагьалъ цебе Сочиялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталде хIадуриялъул цо бутIа. Гьелдаса цере нилъер гIолохъаби рукIана Болгариялда. Гьениб букIана халкъазда гьоркьосеб турнир. Медалалгун тIадруссарал гугарухъаби ана Сочиялъул къецазде. Гьезда гIахьаллъарал Дагъистана­лъул спортсменал тIадруссана рокъоре. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьезда дандчIвана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги. Гьес баркана гугарухъабазда бергьенлъи ва гьадин абуна: «Нужерги нужедаса цере рукIарал ва Россиялдагун дунялалдаго цIар рагIарал речIчIухъабазулги бергьенлъабазул хIурматалда исана чемпионат тIобитIулеб буго Дагъистаналда. Гьелде хIадурлъулел руго нижги нужги. Нужедаса чIухIула дагъистаниял, тIолабго улка», — ян.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул капитан, Олимпиялъул чемпион ГIабдулрашид Садулаевас баркала кьуна Владимир Васильевасе лъикIаб насихIаталъухъ.
«ТIоцебесеб бакIалда букIине ккола гIаданлъи. Европаялъул чемпионаталдаги нилъер спортсменаз бихьизабизе ккола жидер рухIияб рахъ. Нуж руго гIолеб гIелалъе мисаллъун», — ан гугарухъабазде хитIаб гьабуна ДРялъул физкультураялъулги спорталъулги министрасул ишал тIуралев МухIамад МухIамадовасги.