ХIакимлъиялдаса инкар гьабуна

СахлъицIуниялъул министрас нахъе ине гIарза кьуна

 

2 апрелалда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасги, ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовасги, данделъиялда гIахьаллъарал цогидазги бицана дагъистаниял дарабаздалъун хьезариялъулги, медицинаялъул идарабазда ругел масъалабазулги, спортивияб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталде хIадурлъиялъулги хIа­къалъулъ.
Гьениб сахлъицIу­ния­лъул министрасул ишал тIуразарулев Танка Ибрагьимовас хитIабги гьабуна, жив хъулухъалдаса эркен гьавеян абун.
ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъухъе кьуна РФялда инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Татьяна Маскальковалъул рахъалдасан бачIараб Баркалаялъул кагъат.