Пашманаб хабар

ТIасалъугьа, лъимал!

 

Кемерово шагьаралда ккараб балагьалъ гIумруялдаса ватIалъана 64 чи

2,8 миллионгIанасев чияс гIумру гьабулеб Кемерово область лъалаан гIезегIан цебетIураб промышленнияб регион хIисабалда. ТIубанго батIияб рахъалдасан область бихьизабуна 25 марталда Кемерово шагьаралъул (560 азарго чи) «Зимняя вишня» дармилгун рекIелгъеялъул централда ккараб балагьаб лъугьа-бахъиналъ. ЦIа ккеялъул хIасилалда бухIана гьеб центр, ва жакъа къоялда ругел баяназда рекъон къадаралде щвана 64 чи, гьезда гьоркьоб 41 лъимерги. Россиялдаги дунялалъул цоги пачалихъаздаги цереккунги чанги ккана гьединал балагьал. Бачинин цо чанго мисал. 1942 сон, Бостон шагьар (США), «Кокосовая роща» къасисеб хIалтIулеб рекIелгъеялъул клуб. Гьениб цIа ккеялъул хIасилалда хвана 490 чи. 2009 сон, Пермь шагьаралъул «Хромая лошадь» клубалда цIа ккун хвана 156 чи. 1989 сон, Куйбышев областалда, газалъул рогIоро кьвагьиялдалъун, дандречIчIараб кIиго поездалда жанив хвана 600 чи, гьезда гьоркьоб 181 лъимерги. 2003 сон, МахIачхъала шагьар, Сепаратор поселокалда бухIана интернат, хвана 30 лъимер. 2015 сон, Казань шагьар, «Адмирал» дармилаб централда ккараб цIадулъ хвана 19 чи. Гьеб сияхI буго халатаб ва къваридаб. Советияб заманалда ккарал (гьанже лъалел) гIемерал гьединал хIужаби, гIадамазда гьоркьоб хIажат гьечIеб багъа-бачариялдаса цIуни мурадалда тана рахчун, къватIире загьир гьаричIого. ГIумру, магIишат цебетIеялда, гьелъ кьолел бигьалъабазда цадахъ раккулел захIмалъаби, кколел балагьал къойидаса-къойиде цIикIкIине рукIин хIакъаб буго. Суал буго гьездаса дагьабниги цIуниялъе хIалтIизарулел ресал-сурсатал ратиялъулъ, кколеб куцалда гьел хIалтIизариялъулъ.
Даран гьабиялъе, чIахIиязги лъималазги хIухьбахъи гьабизе, цIадудаса ва цоги балагьаздаса цIуниялъе тIадегIанаб даражаялъул шартIал жанир чIезарун ругебин рикIкIунеб букIараб, 2013 соналда хIалтIизе биччараб «Зимняя вишня» централда цIа ккеялъе ва гьелъул хIасилалда кIудияб къадар гIадамазул хвеялъе гIилла щибха? Лъугьараб ахIвал-хIалалъе къимат кьезе, киналго идарабазул хIалтIи цо низамалде бачине, моралияб квербакъиялда цадахъ зигара загьир гьабизе 27 марталда Кемерово шагьаралде вачIарав Владимир Путиница, гIайибиял чIезаричIого ва цIех-рехалъул идарабазул хIалтIуда гьоркьове жувачIого гьелъие кьуна къокъаб жаваб: тIалаб-агъаз гьечIолъи, тIаса-масаголъи биччай. Федералиял министрзабазулгун, областалъул нухмалъиялъулгун букIараб данделъиялда, гьезул кIалъаязул ва баяназул хIисаб гьабун хадуб гьес тIадеги жубана – гьаниб лъугьаралъул хабар рагIидал гIодизе бачIунеб хIал букIун батани, нужеца бицаралдаса хадуб ахIдезе ккараб хIал бихьулеб бугин жиндаян. Гьениб гьес загьир гьабуна цоги, нилъеда киназдаго цIакъго лъикI лъалеб, щибаб гали тIамиялда цадахъ нилъеда дандчIвалеб, амма президентасул кIалдиса жеги рагIун букIинчIеб хIужаги – кьезе бегьулареб изнуги щвезе бегьуларел справкабиги, гIарац кьунани, цIакъ бигьаго щолел рукIин. Гьедин, гьукъарал бакIазда, учузал, дандекколареб даражаялъул материалалги хIалтIизарун ралел руго гIумру гьабизе хIинкъи бугел гIемертIалаял минабиги, гьезда жанир, эркенаб бакI течIого, цIуниялъул хIисаб гьабичIого рагьулел руго дармилал, спортивиял, рекIелгъеялъулал централги. Путиница абухъе, ккаралъул хIакъикъатги гьелъул гIайибиялги лъазаризелъун, Кемеровоялда хIалтIулеб буго цIех-рехалъул идарабазул 100 чиясдаса гIуцIараб бригада. Хваразул гIагарлъиялда цебе гьес ракIчIезабуна, гIайибиял, щиб хъулухъалда гьел ратаниги, жавабчилъиялдаса рорчIизе гьечIеблъиялда. 1997 соналдаса нахъе губернаторасул хъулухъалда вугев 74 сонил ригьалъул Аман Тулеевасул къисматалъул гьикъидал, Путиница ахIана киналго сабуралде, ракIалдещвезабуна 100 следователасул хIалтIиги гьанжего-гьанже байбихьун букIин. Нухмалъиялъ хваразул къадар бахчулеб, гIодобегIан гьабулеб букIиналъул социалиял гьиназда гIатIидго рехсолел ругел лъазабиязда хурхун, Путиница кьуна гьадинаб баян: «Социалиял гьиназда лъунщинаб кидаго гуро битIараб, кьучIаб букIунеб, гьезда мугъчIвай гьабун хIукму къотIизе бегьуларо. ЦIех-рех гьабизе буго рагьун, лъидасаниги щибго бахчичIого. Гьелъул хIасилалда кьезе буго къиматги, загьир гьаризе руго хIасилалги», — ян.
Бокьилаан гьедин букIине. Бокьилаан, кидаго нилъер букIунеб гIадин гIайибияллъун нуцIа рахачIого, магI щулаго кьабичIого тарал ва гьеб мисалалъул хIалтIухъаби («стрелочники») рихьизарун гуреб, дагьал гъваридго раккун хIисаб гьабизе. Гурони нилъер гIумруялъулъ, магIишаталъулъ къагIида гьечIеб цо чучлъи цIикIкIине, бичча-бихъай гIатIилъизехъин ругин абурал пикраби рижизехъин руго. Пачалихъалда сверухъ бугеб хIалуциналъги рахIат толеб гьечIони, жанибги парахалъи, низам, жавабчилъи гьечIони, сунде нилъ рачIинел? 28 март президентас лъазабуна тIолабго Россиялъул «ЧIегIербаялъул къолъун». Дагьлъаги нилъер ВатIаналда гьединал къоял.
Республикаялъул МЧСалъул лъазабиялда рекъон, Дагъистаналда буго 53 дармилгун рекIелгъеялъул центр. ГьабсагIаталда унеб буго гьезул киназулго халгьаби. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ нижеца бицина хадубккун.
ГIабаш ГIабашилов