Анкьил хIасилал

Божилъи хвезе теларо

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана терроралде данде
къеркьеялъул комиссиялъул данделъи

Гьениб бицана муниципалиял районаздаги шагьаразул окру­газдаги терроралде данде къеркьеялъул комиссиязул хIалтIи камил гьабиялъе нухал ратиялъул хIа­къалъулъ. Хасаб кIварбуссинабуна рии­дал лъималаз хIухьбахъулел ба­кIал цIуниялдеги.
«Гъизляралдаги Кемеровоялдаги ккарал гIадинал лъугьа-бахъиназда­са ва республикаялда парахалъи цIу­ниялъулъги кIудияб бутIа лъолеб буго терроралде данде къеркьеялъул комиссияз. Гьелъухъ дица киназего баркала кьола», – ян абуна Васильевас.
ТIолабго дунялалъго Дагъистаналъе лъикIаб къимат кьейлъун гьес рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда Европаялъул чемпионат тIобитIизе хIукму гьаби. Гьелда бан, ДРялъул нухмалъулес гьадин бицана: «Республикаялда парахатаб гIумру букIинчIебани, спор­тивияб гугариялъул ра­­хъ­а­л­­ъ Европаялъул чемпионат гьаниб тIобитIизе ихтияр кьелароан. Амма, улкаялъул президент Владимир Путиница абухъе, чIара-хьараб хIал букIин кколаро цебетIейлъун. БукIине кколеб даражаялда чемпионат тIобитIун бажарани, нилъее рес щвезе буго цебетIеялъеги, тIадеги сурсатал щвеялъеги, божилъиялъул кьучIалда гIуцIарал цIиял бухьенал гьариялъеги», — ян.
Данделъиялда бицана террористазул къокъабаздаса да­гъистаниял цIунизе ккеялъул хIа­къалъулъги. Гьелъул мурадалда хIал­тIул цIиял къагIидаби ургъизе кке­линги абуна. Гьеб хIаракаталъулъ ди­ниял церехъабиги, жамгIиятги, культураялъул хIаракатчагIиги хIал­тIизаризе кколинги абуна. «Нилъе­р гIадамал чIвазеги, кьвагьизаризеги, рухIизеги тезе бегьуларо. Гьеб буго нилъеда бараб иш. Руго гьелъие хIажатал сурсаталги», – ян абуна Владимир Васильевас.
Республикаялъул гIумру лъикI­лъи­забулеб шартIлъун гьес рехсана экономикияб бутIаялда лъикIал хиса-басиял кколел рукIинги.
Россиялъул ФСБялъул ДРялда бугеб управлениялъул начальникасул заместитель Андрей Широковас бицана халкъазда гьоркьосел террористазул чукъби ралагьиялъул мурадалда муниципалиял районазулги шагьаразул округазулги терроралде данде къеркьеялъул комиссияз гьабулеб хIал­тIул хIасилазул хIакъалъулъ.
Лъималаз риидал хIухьбахъулел идарабазда бугеб хIалалъул хIа­къа­лъулъ бицана ДРялъул хIукума­талъул председателасул заместитель, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIел­муялъул министр Уммупазил ГIу­маровалъ.
Рехсараб министерствоялъулгун щулияб бухьен бугин абуна ДРялъул МВДялъул министр ГIаб­дурашид МухIамадовас. Киналго риидалил лагеразда хъаравуллъи гьа­бизе буго полициялъул кIи-кIи офи­церасинги абуна гьес.
Данделъиялдаса хадуб гьелъул гIа­хьалчагIаз тIугьдул лъуна исана февралалда Гъизляралда теракт гьабиялъул хIасилалда хваразул хабада цере.