Мугьажирзабазул къисмат — дипломатасул рекIелъ

   10 февраль Россиялда рикIкIуна дипломатиялъул хIалтIухъанасул къолъун. Гьелда бан нижеца гара-чIвари гьабуна Россиялъул МИДалъул МахIачхъалаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев ГIамирхан МухIамаддадаевасулгун. Россиялъул МИДалъул вакиллъи МахIачхъалаялда рагьана 1997 соналъул 12 февралалда. Улкаялда гьединаб вакиллъи 37 буго. Гьел рагьана цогидал пачалихъазулгун гIорхъаби ругел субъектазда. Масала, нилъер республикаялъул гIорхъи буго Грузиялъулгун, Азербайжаналъулгун, Казахстаналъулгун, Туркмениялъулгун, Ираналъулгун.

 

   Нижер баян: ГIамирхан МухIамаддадаев ккола Хьаргаби районалъул Могьохъ росулъа. Гьес аспирантура лъугIизабуна Москваялда, РАНалъул Бакъбаккул рахъалъул институталда. Гьелдаса хадув хIалтIана РАНалъул ДНЦялда тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталда бакъбаккул рахъалъул отделалъул начальниклъун, ДНЦялъул президиумалъул председателасул кумекчилъун. Гьединго ГI. МухIамаддадаев вукIана МугIрузул округалда ДРя­лъул бетIерас тарав вакиласул заместительлъун, Терроралда дандечIараб комиссиялъул аппараталъул начальниклъун.

 

 — ГIамирхан, бакъбаккул рахъалъул тарих лъазабиялда тIад хIалтIулев гIалимчи хIисабалда гIемерисез къабул гьавулев мун гьаб дипломатасул ишалде кин вачIарав?

 

   — БитIараб буго, дица ракI-ракIалъ гьабулаан гьеб хIалтIи. БатIи-батIияб заманалда бакъбаккул ра­хъалде гочарал нилъер ракьцоязул хIакъалъулъ бахъараб щуго-анлъгониги тIехьги буго дир. Гьезул кIигояб гIараб мацIалде буссинабуна Сириялда бугеб дагъистаниязул диаспораялъ (ватIанцоязул конгрессалде МахIачхъалаялде рачIарал чагIаз квербакъана гьелъие).

   Дие кутакалда лъикIаб лъай щвана дир мугIалим ва ригьалъ кIудияв махщелцояв Амри ШихсагIидовасдасан, аспирантураялда дир вукIарав нухмалъулев Виталий Наумкинидасан ва цогидаздасан.

   Гьелдаса хадуб цо кинаб бугониги хиса-баси, хIалтIулъ цIилъи хIажат букIана дие. Гьединлъидал тIасахун гьаб хъулухъалъул хIакъалъулъ бицен гьабидал, дица инкар гьабичIо. ГIезегIан разиго къабул гьабуна. Гьаб хIалтIулъ дие кутакалда кумек щола диде щвезегIан гьанир нухмалъулеллъун рукIарал Багьавудин ГIалиевасдасан, ХIасанхан Ибрагьимовасдасан. Гьединго бухьен букIуна нижер тIоцевесев нухмалъулев БекIмурза БекIмурзаевасулгунги.

   Дие гьаниб щвана политикиял гара-чIвариял гьариялъул хIалбихьи. Цебе абуни, ГIелмияб централда хIалтIулелъул, дир хIалтIи гIелмуялда хурхараб букIана-конференциялгун семинарал рукIун ратаниги, магIарулазул эмиграциялъул суалал роцIинаризелъун Турциялде гьарурал сапарал ратаниги. БитIараб бицани, Турциялдеги гIезегIан щвана.

 

   — ГIусманиязул империялде гочарал магIарулазул хIакъалъулъ дуца хъвараб цо тIехь дицаги цIалун букIана къогогIан соналъ цебего.

 

    — Дир тIахьазул цо-цоял дихъгогицин хутIун гьечIо- гIадамаз гьарун, кьун. КъваригIараб мехалда я библиотекаялдаса, яги дицаго сайгъат гьарун рукIарал чагIазухъа росула дица гьел балагьизе.

 

    — Дуде щвезегIан жеги борхараб тема букIун батиларин ккола гьеб- ГIарабалъегун Турциялде магIарулал гочиналъул. Лъица мун гьелде кантIизавурав?

 

    — Москваялда аспирантураялде цIализе лъугьиндал, дица гьеб пик­ру дандбана Виталий Наумкинилгун. Амма гьес абуна дуе гьеб ща­йила, имам Шамилил хIакъалъулъ хъвазе бегьула гурищан. Гьелда тIасан хъварал хIалтIаби гIезегIан ругин, Кавказалъул рагъ лъугIун хадур доре гочарал магIарулазул хIакъалъулъ хъвараб гIелмияб хIалтIи цониги гьечIин жаваб кьуна дица. Масала, дида рагIун букIана мадугьалихъ росулъа- ГIуркIачIиса — МуртазагIалиги гочанин рагъ лъугIун хадув Турциялдеян. Имам Шамилил рагъухъаби -муртазагетазул цевехъан вукIана гьев. Гьединго бицунаан Адыгеялда вагъулевги вукIун Гьонодаса наиб МухIамадАминги анин Турциялдеян. Гьедин доб мехалда къватIире гочарал нилъер ракьцоязул къисмат кинан ккарабали лъазе бокьун букIана дие: кинан гьел доре щварал, гьезул наслабазул чагIи ругодай, гьезда мацIги гIадаталги лъаладай абун.

   Гьеб мехалда дихъе щвана немец мацIалдаса буссинабураб «Алжаналъул хвалчаби» абун ингилисазул тарихчIужу Лесли Бланчица хъвараб гьитIинабго тIехь. Цин 1961 соналда Лондоналда ингилис мацIалда бахъун букIун буго гьеб. Гьениб хъвавухъе, 1950 соназда тIехьалъул автор Стамбулалда дандчIван йигоан имам Шамилил васалгунги ясалгунги.

   ЧанцIулго гьеб тIехьги цIалун, Турциялде ине кутакалда гъираги бан лъугьана дун. Гьедин ракIалде ккараб пикру букIана гьеб. Дагъистаналда тIоцебе дица цIунана магIарулазул мугьажирлъиялъул къисматалда тIасан диссертация. Дидаса цеве гьаб хъулухъалда вукIарав Багьавудин ГIалиев микьго соналъ Сириялда дипломатлъун хIалтIулаго дандчIван вугоан гьенир чIарал дагъистаниялгун. Гьениб нилъеразул диаспораялда микьазаргониги чи вукIана. Турциялда-нусазариде гIагарун чи. Гьезул хIакъалъулъ Багьавудиница хъвараб тIехь бихьидал, дица гьесда абуна, дуца гьанир журазарун ругин дурго пикрабиги, бербалагьиги, биценалги. РачIайин нилъеца гьалъул цойги тIехь гьабизе -гIицIго хIужабиги тарихалги гьоркьоре рачун. Дунги доб мехалда РАНалъул ДНЦялда хIалтIулев вукIана.

   Гьедин дица гьев мукIур гьавуна гьеб темаялда тIасан тарихалъул кандидатасул диссертация хъвазе, дунго гьесул нухмалъулевлъунги лъугьана.

   Дида кIудияй эбелалъ бицунги, цогидаб бакIалъанги гIемер рагIулаан къисматалъ къватIире ккарал миллатцоязул хIакъалъулъ. Гьединлъидал гъира букIунаан гьезул лъалкI цIехезе. Гьедин пикру ккун букIана Къудукьа Мусаласул хоб балагьизеги.

   Нижер кIудияв инсул эмен-Могьохъа Чаранасул нахъе хутIарал некIсиял тIахьазда гьоркьор руго Мусаласул хIакъалъулъ гьарурал хъвай-хъвагIаял. Бергьун кутакаб лъаялъул гIалимчи вукIун вуго гьев. Къудукьа Мусалас гьадин абулеб букIанилан тIахьазул рагIаллъабазда ишараби гьарун ратани, нилъер гIалимзабаз гьелъул хIакъикъат цIехолебцин букIун гьечIо (гьедигIанги божилъи гьабун). Чаранасул библиотекаялда нижеда батана Къудукьа Мусаласда цеве цIаларав МохIоса Дамаданил хъвай-хъвагIай. ТIубан Мусаласул гIумрудул нухалъул хIакъалъулъ хъван буго гьениб. Масала, Дамаданица бицунеб буго гьев Сириялда Алеппо шагьаралъул хабалалъ вукъун вугилан.

    1994 соналда ккун автобусгун, Азербайжангун Ираналдасан, практикаялъ студенталги рачун ана дун гьениве. Амма пайда щиб! Ахираб 300 соналда жанив гьеб хабзалалъ чи вукъичIолъиялда бан, дозул гIалимзабаз фатва кьун батана гьениб тIасан шагьранух бахъизе.

   Гьединго Гьонодаса МухIамадАминил хоб бугеб бакIги лъалеб букIинчIо гьесул наслуялъул чагIаздацин. Дида гьесул зиярат батана Турциялда. Цинги гьесул хIакъалъулъ данде гьарурал биценалги, кучIдулги, ракIалдещвеялги жанир лъун тIехьги бахъана.

    Турциялда материал бакIаризе дие кумек щвана магIарул мацI лъикI лъалев мугьажирзабазул наслуялъул чи Шагьабудин Озденидаса, гьединго гIурусалъги кIалъалев вукIарав тумав Муса Рамазанидаса. КIудияб ВатIанияб рагъда немцазухъе асирлъудеги ккун, гьениса Италиялде лъутун, хадув Турциялде ворчIун, хвасарлъун вугоан гьев.

 

   — ГIамирхан, эмиграциялъул суал буго кутакалда ракIгъураб. Амма дипломатлъиялде тIад русси- нин. Чанго соналъ республикаялда хабар букIана МахIачхъалаялда Азербайжаналъул консуллъи рагьизе бугилан.

    — Дир хIисабалда, кIванагIан гIемер гьел рагьанагIан, лъикIаб буго нилъее. Щайгурелъул гьелдалъун бечелъула пуланаб пачалихъалъулгун нилъер дармилалгун гуманитариял ва культуриял бухьенал. Гьедин церегIан соназда Ираналъулги Турциялъулги бизнесменазул рахъалдасан гьединал хитIабал рукIана. Цо-цо гIиллабазда бан нахъ тIамун, рагIалде бахъинчIого хутIана гьеб. Амма гьебго заманалда Астраханалда рагьана Ираналъул консуллъи. Нилъер порталда хасалоги цIер чIваларилан (Астраханалда — чIвала), жеги-жеги гьеб вакиллъи МахIачхъалаялде бахъизе бокьиги загьир гьабула Ираналъ мех-мехалда.

   Амма нилъер гьаниб бокьараб пачалихъалъул генконсульство рагьи аслияб куцалда гьезда жидедаго бараб иш буго. Гьез гьабизе ккола нилъехъе официалияб хитIаб.

 

    — Россиялъул дипломатазда гъорлъ гIемер ругищ дагъистаниял?

 

   — МИДалъул хъулухъазда вуго чанго анцI-анцI дагъистанияв. Масала, Россиялдаги гьеб тун къватIибехунги къиматалда рехсола 35 соналъ гIараб улкабазда дипломатлъун вукIарав Багьавудин ГIалиевасул цIар. Гьединго Тажикистаналда Россиялъул посоллъун вукIана Рамазан ГIабдулатIиповги. Эритреялда гьединаб хъулухъалда вуго ГIазим ЯрахIмадов абурав дагъистанияв.    

      Хас гьабун МИДалъе хIалтIухъаби хIадур гьарулеб вуз ккола МГИМО. Гьединлъидал лъай бугел нилъер гIолохъабаз щай хIалбихьулареб гьенире лъугьине? Бажариларин ккани, МИДалъул колледжги буго Москваялда. Цин гьелдасаги байбихьизе бегьулелъул. Гурони, киналго кидаго юридикияб, экономикияб цIалиги гьабунищ чIелел? Хадур рукIунин хIалтIиги щвечIого.

 

    — Спортсменал гурони, дипломатал рахъунарин кколеб батилаха нилъеразда.

 

   — Нилъер гIадамазул бидулъ бугебха гьеб дипломатия абулеб жо. Гуребани, гьалгощинал халкъалги мацIалги ругеб республикаялда цоцаца чIван лъугIулаан нилъ некIого. Умумулъанго букIиндал нилъер гьаниб маслихIат гьабизе махщелги, жамагIаталда дандги бан яги гIадатазда рекъон хьвада-чIвадиги. Гьединго цоцазул культураялъул, гIадат-гIамалалъул адаб гьабиги буго нилъелъ. Гьеле дипломатия.

 

     Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.