Аналитика

Бергьуневлъи лъалаан. Хадуб щибдай букIина?

 

18 марталда улкаялда тIоритIана президент вищиялъул рищиял

РФялда иргадулаб нухалдаги вищана улкаялъул президентлъун Владимир Путин. Рищиязда гIахьаллъана избирателазул 67 процент, ва гьезда гьоркьоса 76 проценталдаса цIикIкIун чияс гьаракь кьуна Путиние. КIиабилеб бакIалде ккарав Павел Грудининие щвана 12 процент. Дагъистаналда рищиязда гIахьаллъана избирателазул 87 процент. Гьезул 90,7 проценталъ гьаракь кьуна Путиние ва 7,3 проценталъ – Грудининие.

Щайха нилъер улкаялда рищиязул кIиабилеб тур тIобитIиялде иш кколареб? ГьедигIан къуваталищ ругел В. Путинги Д. Медведевги (2008-2012 соназда Россиялъул президентлъун вукIарав)? Нилъер улкаялда церечIарал бегIерал масъалабигойищ гьечIел, тIоцебесеб туралдаго цогидал кандидатазе нухги къан, гьел бергьине ккани? Нилъеда бихьулелъулха цогидал улкабазда рищиял унеб куцги кIиабилеб туралда букIунеб хIалуцинги. Кинаб хIасилха ккараб исанасел рищиязул: рукIанадай гьенир батIи-батIиял хIаял ва, ахирги, щиб букIине бегьулеб гIагараб заманалда жаниб (2-6 сонил болжалалда)?

Цересел рищиялгун дандекквей

2018 соналъул 18 марталда тIоритIарал президентасул рищиязул хIасилал гьаризе бегьула, цереккун тIоритIарал гьединалго рищиязул хIисабги гьабун. ТIоцебесеб бакI ккурав кандидатасе (В. Путиние) щвана РФялъул избирателаз кьурал гьаркьазул 76 проценталдасаги цIикIкIун (56 млн) гьаракь. Нухмалъиялда рукIарал кандидатаз тIоцебесеб туралдаго бергьенлъи босаниги, киданиги ккун букIинчIо гьединаб хIасил, гIицIго 1996 соналда гурони. Доб заманалда кIиабилеб тур тIобитIизе ккана Борис Ельцинидаги Геннадий Зюгановасдаги гьоркьоб. ГIемерисел экспертаз абула, кIиабилеб туралдаги Геннадий Зюганов бергьанин, амма гьесда бичIчIизабунин, жив бергьанилан тIирун чIани, хадубккун кинаб хIасил букIине бегьулебали. МухIканго лъалеб буго, доб мехалда Зюгановасулгун гара-чIвари гьабураблъи Кремлялъул «цIахIилав кардиналлъун» вукIарав Борис Березовскияс. ХIасилул калам, гьелдаса нахъе коммунистал щибаб нухалда къолел руго. 2000 соналдаги рес букIана гьезул кIиаби-леб туралде рорчIизе. Доб мехалда рищиязда гIахьаллъана избирателазул 68,6 процент, ва
В. Путиние щвана гьаркьазул гIицIго 52 процент (гьеб ккола улкаялъул тIолалго избирателазул 40 проценталдасаги дагь), Г. Зюгановасе щун букIана гьаркьазул 30 процент (Дагъистаналда: Путиние – 75 ва Зюгановасе – 21 процент). Дагъистаниязул кIудияб гIелалда ракIалда батила, кинаб хIадурлъи гьабун букIарабали 2000 соналъул рищиязде. Рес букIана кIиабилеб тур тIобитIизеги: улкаялъул 18-гIан регионалда бергьун вукIана Геннадий Зюганов. ТIоцебесеб туралдаго Путин бергьана миллиял гIуцIабазул-
ги, къуваталъул идарабазулги, административиял сурсатазулги кумекалдалъун.

Гьеб бергьенлъиги бигьаяб букIинчIо. Путиница хIаракат бахъана халкъалъул божилъи цIикIкIинабизе. Масала, улка эркен гьабуна олигархаздаса – Борис Березовскиясдасаги, Владимир Гусинскиясдасаги, Михаил Ходорковскиясдасаги – гьезда ракIалде кколаан жал ругин улкаялъул бетIергьаби ва президенталги премьералги кколин жидеца тарал хIакимзабилъун. Путинил хIаракаталдалъун, хутIарал олигархаз къабул гьаруна цIиял къагIидаби, гьел жидее рекIее гIолел гьечIониги: гьезги, ресукъазго гIадин, кьола 13 проценталъул налог; нухмалъиялъ квалквал гьабуларо кIудияб бизнесалъе (сурсатазулаб, банказулаб), мех-мехалда кумекцин гьабула гьезие; гIадатиял хIалтIухъабазул харжазде дандеккун, нус-нус ва аза-азарцин нухалъ цIикIкIана предприятиязулги гIуцIабазулги нухмалъулезул харжал. Гьединал, дандекколарел хIужаби гIезегIан рукIаниги, 2000-2008 соназда къойидаса къойиде цIикIкIунеб букIана Владимир Путинил къадру. Гьелда тIад жигаралда хIалтIулеб букIана пропагандаги, улкаялъул «нахъарокъобе» «чвахулеб букIана» газги чIегIернартги бичун щвараб долларазул бутIаги. Гьединлъидал рес щвана мискинчагIазеги гьелдаса бутIа кьезе, ай букIана чедги ихтилатги. ГIемерисезе гьеб бугони, батIияб жо къваригIунарелъулха.

Гьелде тIадеги, Путин машгьурлъана улка цолъизабулев, гьелъул гIорхъаби цIунулев ва пачалихъалъул гуч цIикIкIинабулев политик хIисабалдаги: гьес тIубана Чачан Республикаялъул масъалаги, тIагIинабуна регионалияб сепаратизмги (гьеб букIана Ельцинил заманалда). Улкаялда дагь-дагьккун лъикIлъана гIадамазул гIумруги, дагьлъана мискинлъиги. Ресукъазул къадар гьабсагIаталдаги гIураб буго – гьединазда гъорлъ ракIчIун рехсезе бегьула россиялъулазул 40-50 процент. Амма гьебги бараб буго рикIкIунеб къагIидаялда: Россиялъул стат-управлениялъул къагIида кьочIое босани, ай моцI-
рол харжги кванил нигIматазул къадарги хIисабалде босани, моцIрое щолеб 6,5-10,0 азарго гъуруш гIоларо цо чиясегицин. Гьеб буго чIаго хутIизе гIолеб харж. Кинниги, Путинил къадру борхана: мискинго ругониги, низам цIунун бугин (яги низам чIезабиялъул ххвел – гьелде куцалел руго телевидениялъги) ва рагъ ккогегиян абураб пикруялъул рахъкколел россиялъулал гIемер руго.

Хадубккунги цIикIкIана Путинил къуват. 2012 соналда рищиязде вачIана избирателазул 65 процент ва 63,6 проценталъ гьаракь кьуна гьесие. КIиабилеб бакIалде ккарав Геннадий Зюгановасе гьаракь кьуна 17,2 проценталъ. (ДРялда: Путиние – 90 проценталъ ва Зюгановасе – анкьгоялдаса цIикIкIун). 2008 соналда рищиязда гIахьаллъана избирателазул 69,9 процент, Дмитрий Медведевасе Россиялда гьаракь кьуна 70,2 проценталъ, Зюгановасе – 17-гIанасеб проценталъ (ДРялда: Медведевасе – 92 проценталде гIунтIун, Зюгановасе – 7,2 проценталъ). Гьедин Путиница жиндир рахъалдехун гьетIизавуна 10 млн избиратель. Кин гьаракь кьолеб избирателазул 65-75 проценталъ нухмалъиялъул вакиласе? Гьеб хIужа бичIчIизе ккола.

Низам хвезабиялъул хIужаби

Низам хвезабиялда бан къватIире кьурал хIужабазухъ мухIканго халгьабуна дица. Гьел гIезегIан руго. Щиб кколеб рищиязда низам хвезаби? Оппозиционеразул цоявлъун кколев Алексей Навальныяс (гьев виччачIо рищияз-да гIахьаллъизе) лъазабуна, «Прогрессалъул партиялъул» вакилзабилъун кколел жамгIиял халгьабулезул 18 процент (улкаялдаго гьезул къадар бахуна 10 азаргоялде) рищиязул участкабаздаса нахъе хъаманилан. РукIана гIемерал бюллетенал цадахъго къолонире рехиялъул хIужабиги. Гьезул хIакъалъулъ баянал щола Интернеталда ругел видео-роликаздасан. Гьезда гьоркьор руго Дагъистаналда ккарал лъугьа-бахъиналги. ДРялъул Рищиязул комиссиялъул председатель МухIамад Дибировас лъазабуна, щибаб хIужаялъул мухIканго халгьабизе бугин. Жакъа къоялде хIакъикъияб гуреблъун лъазабун буго МахIачхъалаялъул цорищиязул участокалда ккарал хIасилал.

Павел Грудининица абулеб буго: «Рищиязде хIадурлъулеб заманалда, ниж щвана 18 регионалде. Киса-кибго абулеб букIана хиса-басиял гьаризе заман щун бугилан. ТалихIкъосинлъун ккола, рищиязда гьаркьал кьеялъул къагIидаялъго низам хвезабизе рес кьолеб букIин. Рес буго кIицIул-лъабцIул цого чияс гьаракь кьезеги. Гьединал мисалал, масала, тIатана Москва областалда», — ян. Гьайгьай, гьесул хьул букIана, дир пикруялда, 30-40 процентниги гьаркьа-зулги щун, жив кIиабилеб туралде ворчIилин. Щайгурелъул интернет-цIех-рехазулъ гьесие щолеб букIана гьаркьазул 60-70 процент ва Путиние – гIицIго 25-30 процент. Амма политик хIисабалда гьев ккола цIияв чи (ватизе бегьула цIакъав магIишаталъул нухмалъулевлъунги). Гаджетазул клавишаялда килищ цвизабиги рищиязул участокалда гьаракь кьеги батIи-батIияб жо буго. Гьелде кIваркьечIого батила гьес. Цоги, гьесда кIочон тана россиялъулазул гIемерисезда лъалеб гьечIолъи электрониял къагIидаби хIалтIизаризе (гьезда гьоркьоре уна гаджеталги). Гьединлъидал ТВялдасан кьолел аслиял баяназухъ гIенеккулел гIадамал нухмалъиялда вугев президентасул аслияб сурсат букIиналъул пикру гьабичIого тана гьес. Политикаялъул рахъалъ телевизоралда цере кIусулезе хасиятаб-лъун буго «лъикIлъиялдасаги лъикIлъи балагьуларо» абураб ахIиялда рекъон иш гьаби.

Ккана рищиязул участоказде избирателал щвезариялъул хIужабиги. Амма гьединазул пикру дица гьадинаблъун рикIкIуна: нижер гьа-ракьги цIунцIрадул цIирцIирги цого жо буго, нижер гьаркьида бараб иш гуро Путин президентлъун вищиги. Гьединал рищиял Путиние хIажат рукIинчIо, гьесие къваригIун букIана киназго жиндир рахъкквезе. Хадубккун бакъ-
тIерхьул улкабаздаги тIолабго дунялалдаги цеве, законалда рекъон, Россиялъул халкъалъ вищарав президент хIисабалда кIалъазе рес щвезелъун. Гьединлъидал избирателал машинабазда раччарал пуланал бакIалъул нухмалъулезе щун букIун батила «лъикIаб тарбия». Гьезул иш ритIухъ гьабула «Киналго рищиязде!» абураб ахIиялъги. Абизин, цо-цо улкабазда рищиязде инчIел гIадамазул рахъалъ административияб яги уголовияб жавабчилъицин чIезабун буго. ХIасил, административияб сурсаталдаса пайдаги босун, гIадамал рищиязде рачIинари дида мекъаблъун бихьуларо. Гьеб гьабун буго гIадамал рищиязде рачIинариялъул мурадалда. Амма цадахъго гIемерал бюллетенал къолонире рехиялъулги халгьабулел къватIире ритIиялъулги хIужабазул цIех-рех гьаби битIараб букIина. Гьединал лъугьа-бахъинал хIажат гьечIо я Путиние, я республикаялъул нухмалъулесе.

ГIаммаб хIасилалъе зарал кканадай?

Дир пикруялда, кIиабилеб тур тIобитIизе ккараб хIал гьениб букIинчIо. Гьеб бичIчIана къватIисел улкабаздаса рачIун рукIарал хал-
гьабулездаги: гьез рищиял рикIкIана низамалда рекъон араллъун. Руго халкъазда гьоркьосел цо-цо экспертал, Россиялда тIоритIулел рищиязда тIад рекъоларел. Масала, гьез абулеб буго «Рищиял» абураб пачалихъияб автоматияб системаялъ (ГАС) рес кьолин, хасаб вирусги компьютералде биччан, «пайдаяб хIасил ккеялъе квербакъизе». Амма цониги экспертас кьоларо гьелда божизарулел мухIканал баянал.

Путинил бергьенлъи: сунца кумек гьабураб

Улка цIуниялъулги къватIисан бугебин абулеб хIинкъиялдеги дандечIеялъе бажариялъулги мурадалда гIемераб жо хIехьезе хIадур руго халкъалъул гIемерисел. Россиялдеги Путинидеги данде бакътIерхьул улкаби гIемер кIалъанагIан цIикIкIунеб буго Путинил къадру. Улкаялде данде лъазарурал санкциязги нилъер къимат хвезабулел гьукъиязги (масала, 2018 соналъул хасалил Олимпиадаялда Россиялъул команда хъахIаб байрахъалда гъоркь гIахьаллъи ккола Россиялъул бадибе туй) улкаялъул гIадамаз цIакъго рекIелъе биччана. Путинида лъикI бичIчIула халкъалъул хIалги гьелъул саб-руялъул даражаги.

Халкъалдаги бичIчIула – гьелъул бицинего ккеларо – бакътIерхьул улкабазе бокьун гьечIо нилъее лъикIлъи гьабизе. 1990-абилел соназда Россиялъул гIолохъанаб демократиялъе кумек гьабизе рес букIана Западалъул улкабазул. Гьезин абуни, квербакъана Россиялъе гуреб, гIицI-
го жидее мукIурал политиказеги, жамгIиял хIаракатчагIазеги, ихтиярал цIунулезеги, олигархазеги. Гьелдаса нахъе нилъер халкъалъул божилъи буго гIицIго жиндаго ва пачалихъалдаги, ай президентасда. 1990-абилел соназул ахиралда гьелъул хIакъалъулъ пикру загьир гьабуна политтехнологаз: россиялъулазе къваригIун вуго щулияб кверги бихьинаб къвакIиги бугев нухмалъулев, ай улкаялъе гIоло къеркьо-левги гьелъие хIинкъаби кьолезул къахIан габур кквезеги бажарулев.

Россия кидаго букIана цохIо цевехъан, бетIерги вугеб церехъабазул улкалъун (пачаясул, тIоцересел секретарзабазул, президентазул). Парламенталда яги хIукуматалда гуреб, гьезда бараб букIана улкаялъул цебетIей яги нахъеккей. Гьединлъидал кинал ишал гьаризе ругел улкаялъул нухмалъулез ва гьесул кинаб сипат лъугьинабулеб бугеб халкъалда цебе (телевизоралъул кумекалдалъун), гьелда бараб буго улкаялъул хIал.

2000 соналъул хасалихъе, «РОССИЯ» абураб гIаммаб россиялъулаб газеталъул политикияв обозревательлъун Москваялда хIалтIулаго, дица хъван букIана макъала. Гьелда бицунеб букIана гIагараб 20-30 соналъул болжалалда улкаялда лъугьине бегьулел хиса-басиязул хIакъалъулъ. ХIалбихьи бугел политологазул букIуна жидерго балъголъи. БукIинеселъул хIакъалъулъ пикраби гьарун рукIана Латиназул Америкаялъулги Азиялъулги улкабазул мисалазул кьучIалда. Гьеб макъалаялда бицунеб букIана Россиялда букIине бугин цогун бащдаб партиялъулаб, авторитарияб система. Хиси гьечIеблъун букIине бугин нухмалъиялда цого партияги («Цогояб Россия»), гьелда сверухъ букIине бугин цо чанго партияги. Амма гьезда бараб жо дагь букIине бугин. Нухмалъиялда бугеб партиялъе хIинкъи кколеб къадаралде цогIаги партиялъул гьаркьал рахани, хIалтIизабизе бугин административияб сурсат ва кинабго ккезабизе бугин «цебеккун букIараб рахънибе». Гьединаб къагIидаялда гIуцIараб нухмалъиялде президентлъун цIияв чи вищаниги, гьесул политика релълъине бугин цевеккун вукIарав президентасулалда.

Лъие хIажат бугеб гьединаб система? ТIоцебесеб иргаялда, хIукуматалда ругел жидерго вакилзабазул кумекалдалъун аслиял законал хIадур гьаризе тIамулел олигархазе. Гьединлъидал Пачалихъияб Думаялда нухмалъиялда бугеб партиялъул вакилзаби гIемерлъизариялде цIикIкIараб кIваркьолеб буго (гьабсагIаталда «Цогояб Россиялъул»).

Бищунго гIажаибаб хIужалъун ккола, хIукуматалъул гьединаб «къед» букIиналдаса, ай кьварарав президентасдаса рази руго гIемерисел россиялъулал. Гьединлъидал централиял каналаздасан (гьезул лъикIаб букIинесеб бараб буго чIахIиял компаниязул рекламаялда) байбихьана гIуцIизе халкъалъе хIажатав миллияв цевехъанасул сипат. Гьелъие квербакъана, цевеккун вукIарав президентасде дандеккун, Путинил рахъалъан ахIмакъал жал рихьизарунгутIиялъги. Гьев вуго дзюдоист, гугарухъан ва къеркьохъан, ай цIукIаян абизе бакI гьечIо. Халкъалъе гьеб сипат цIакъ хиралъана ва гьелъул берзукьа тIагIана жидерго захIматаб гIумруцин. Кин гьединаб гIиси-бикъинаб жоялъул хIакъалъулъ бицинеб, сверухъ тушбабиги рукIаго: санкциял лъазарурал БакътIерхьул улкабиги, Халкъазда гьоркьосеб Олимпиадаялъул комитетги, террористалги ва гь.ц. Гьединаб хIал букIаго, цоцазул хIал борци гуреб, хIажалъула цолъи, гъунки. Гьебги, БакътIерхьул улкабазулгун гьалмагълъи къваригIарал олигарахазул санги гьабичIого, В.Путиница Крымалъул референдумги къабул гьабун, гьеб цIунараб заманалда. «Крым – нилъер!» – гьеб гIицIго ахIи гуро: гьеб ккола гIурусазул (россиялъулазул) рекIел гъварилъуда бусен лъураб «рецIел боси» (18 гIасруялъул ахиралда Екатерина II-лелъ гIададисеб рагъищ гьабун букIараб Крымалъул ханасулгун?)

Къойидаса къойиде загьирлъулеб буго Россия гучаб пачалихълъун букIине хьул бугеб халкъалъулги БакътIерхьуде руссарал олигархазулги (гьезул бизнесги, лъималги, офшоразул счетазда гIарацги добалъидал бугеб) дандеккунгутIи. Гьединлъидал гIахьаллъичIо Путин рищиязулъ «Цогояб Россиялъул» вакил хIисабалда. Гьес мугъчIвай гьабулеб буго халкъалде; гьес киданиги хIалтIизабуларо «дун, дица» абурал рагIаби – кидаго вукIуна «нилъ цадахъ» абун.

БукIинеселъул хIакъалъулъ

ТIоцебесеб нух (40 проценталъниги битIун ккезе батила): 2020 соналде щвезегIан Путиница дагь-дагьккун цIигьабизе буго хIукумат. Гьеб букIине бегьула Иван Грозныясул заманалда гIадинаб низам бугеблъун. Гьанже гьелда абула «зачисткаян». Гьелъие квербакъизе буго ГIагараб Бакъбаккул улкабазда унел рагъазги. Гьениб Россия хутIизе бегьула гIемераб заманалъ, Афгъанистаналдаго гIадин.

Гьебмехалда яги гьелдасаги цевеккун Медведев ине ватила «Газпром» ОАОялде – гьенир ругелъул триллионал. Путиница хисизабизе буго Централияб банкалъул политикаги – улкаялъул экономикаялъе «хIухьел цIазе» рес кьеялъулги квегIенал процентал рукIиналъулги мурадалда. ГьабсагIаталда экономикаялда хIалкъан буго бизнесалъул цебетIеялъе учузал ва «халатал» гъуршал гьечIолъиялъ; гьелдаса рази гьечIого, гIарзахъдулел руго киналго. ГIарац, тIоцебесеб иргаялда, хIажат буго захIматхалкъалъе: гIураб къадаралда харжалги пенсиялгун пособиялги чIезаризе. Казахстанги Белоруссияги гIадинал церетIуралги церетIолелги улкабазда гьоркьоса гIицIго Россиялда къватIибе биччалеб буго жанисеб гIаммаб продукталдаса (ВВП) кIицIулниги дагьаб къадаралда гъуруш. Гьединлъидалин нилъер харжал дагьал ругел ва гIолел гьечIо учузал кредитал. Гьелъие гIиллалъун ккола, Россиялъе гуреб, бакътIерхьул улкабазе, дунялалъул капиталалъул кланазе хъулухъ гьабулел, Кудрин + Набиулина ва К* гIадинал гIакълучагIазул рецептазда рекъон гIумру гьабулеб букIин. Гьеле гьеб политика архивалде битIизе ккола Путиница. Гьес гьедин гьабизе букIиналда ракIги чIола. КъватIисеб даранги гьес, Китаялда цадахъ, СШАялъул долларалдаса сверизабизе буго меседалдехун.

КIиабилеб нух (40 проценталъниги битIун ккезе батила). Путиница «жиндиргоял»
къватIир чIвазаруларо ва чияхъе кьоларо. Гьес хIукуматалдаги Центробанкалдаги гIемерал хиса-басиял гьариларо. Жанисел масъалаби гьебмехалда тIуразарун бажаруларо – рихьдае хIалтIи букIина. Пачалихъияб Думаялъеги хIукуматалъул цIикIкIарасеб бутIаялъеги нухмалъизе буго долго олигархаз. Гьебго заманалда Сириялда рагъ халалъизе буго ва Россия тIерхьине буго гьелъул масъалабазулъ, гIемераб гIарацги харж гьабулаго. Улкаялда жанисеб политикаялдаса рази гьечIезул къадар цIикIкIине буго ва гьелъ квербакъизе буго хIукуматги нухмалъиялъул къагIидаги хисиялъе.

Лъабабилеб нух – батIи-батIиял цIаразда гъоркь революциял ккей – гьезул хIакъалъулъ бицинаро, рукIине бегьулеблъи бичIчIулеб бугониги (5-10 процент).

КъватIисеб политикаялъул хIакъалъулъ бицани, Донецк ва Луганск республикаби дагь-дагьккун Киевалъул нухмалъиялде гъоркье ккезаризе руго. Амма Крым Путиница нахъе кьеларо, щиб кканиги. Сириялда рагъ лъугIун гьечIо, гьеб жеги халалъизе буго ва Россиялъе гьелдаса кинабгIаги пайдаги букIинаро. БукIинищ гьениб, Сириялъулаб Курдистаналда кIиго-лъабго рагъулаб база бугеб СШАялъулгун хIалуцараб рагъ? БукIине батиларо, амма гIагараб заманалда жаниб рагъ букIине буго ГIизраилалдаги Ираналдаги (+Сириялдаги) гьоркьоб. Бихьулеб буго, ГIизраилалъ гьелде хIадурлъи гьабулеб букIин ва Украинаялъул Югалдехун репатриациялдеги хIадурлъулел руго. Нилъеда бичIчIизе ккола, лъабабилеб дунялалъул рагъ унеб букIин, амма гьелъул хIалуцараб хасият гьечIеблъи. Гьебго бичIчIулеб буго Путинидаги.

Денга Халидов