Президентасул рищиялги халкъалъул хьулалги

Владимир Путинидаса къуватав политик жакъа улкаялда гьечIин рикIкIана  халкъалъул цIикIкIарасеб къадаралъ

 

Россиялда анкьабилеб нухалъ тIоритIана президентасул рищиял

 

Рищиязул централияб комитеталъул (ЦИК) баяназда рекъон, Владимир Путиние гьаркьал кьуна, цогидал кандидатаздаса цIикIкIун гуребги, цереккунисел рищиязда щваралдасаги гIемер.

Гьаркьалги рикIкIун, ЦИКалъ гьабураб хIасилалда рекъон: В. Путиние щвана гьаркьазул 76,65 процент, КПРФалъул кандидат Павел Грудининие – 11,82 процент, ЛДПРалъул кандидат Владимир Жириновскиясе – 5,68 процент. Путиние гьаракь кьуна 55,403-ялдаса цIикIкIун избирателас, Грудининие – 8,54 миллионалдаса цIикIкIун избирателас, Жириновскиясе – 4,104 миллионгIанасев избирателас.

 Ункъабилеб бакIалде ккана Ксения Собчак (1,197 млн чиясул гьаракь – 1,66 процент). Григорий Явлинскиясе («Яблоко») гьаракь кьуна 1,04 проценталъ, Борис Титовасе (Партия роста) – 0,75 проценталъ, Максим Сурайкиние («Коммунисты России») – 0,68 процент, Сергей Бабуриние (партия «Российский общенародный союз») – 0,65 процент.

Исанасел рищиязда жигараб гIахьаллъи гьабуна улкаялъул тIолалго регионаз. Масала, бакIалъул заманалда рекъон, къаси сагIат анлъго тIубалалде рищиязул участоказде рачIана Сахалиналъулги, Приморьеялъулги, Хабаровск краялъулги ва Еврейская автономияб областалъулги избирателазул 60 процентгIанасев чи. Колымаялда гьезул къадар бахана 65,52 проценталде. Централияб Россиялда маркIачIул гIужалде гьаркьал кьуна избирателазул 60-ялдаса цIикIкIун проценталъ. Масала, Брянск областалда гьаракь кьуна избирателазул 74,56 проценталъ, Орлов областалда – 65,24 проценталъ, Белгород областалда – 65,52 проценталъ.

2018 соналъул президентасул рищиял камилго гIуцIун рукIанин ва гьел тIоритIулаго бицинегIанасел низам хвезабиялъул хIужаби тIатинчIин лъазабуна къватIисел улкабаздаса экспертазги. Гьединабго пикру загьир гьабуна РФялъул инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Татьяна Москальковалъги, МВДялъги, ЖамгIияб палатаялъги, президентасда цебе гIуцIараб гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ советалъул (СПЧ) председатель Михаил Федотовасги. Кинниги, гъалатIал ккезе риччарал, хIилла гьабурал избиркомазул нухмалъулезе гIадлу гьабизе бугинги лъазабуна ЦИКалъул председатель Элла Памфиловалъ.

«Цониги улкаялда дида бихьичIо гьадинал, киназего рагьараллъун рищиял рукIиналъул мурадалда шартIал гIуцIараб рищиязул къагIида», — ян абуна РФялъул Федерациялъул советалъул председатель Валентина Матвиенкоцаги.

 

Дагъистан

«РФялъул президент вищулел рищиял Дагъистаналда гIуцIадго тIоритIиялъул мурадалда цебелъураб масъала республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевас нусабго проценталъ тIубазабуна», — ян рикIкIунеб буго «Миллиябгун жамгIияб мониторинг» абураб ассоциациялъул нухмалъулев Ислам ГIалиевас. Гьединабго пикру загьир гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевасги.

«Республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулесе «щуйил» къимат лъезе бегьула Дагъистаналда рищиял берцинго тIоритIизелъун гьабураб хIалтIухъ. Гьес лъазабунги букIана рищиял тIоритIизе кколин ритIухълъиги цIунун, рацIцIадго ва гьениб хIилла гьабулезе кьварараб гIадлуги гьабизе бугин», — ан бицана ХI. СафаргIалиевас.

Рищиял тIоритIилалдего лъалеб букIана Владимир Путин бергьине вукIин. Щайгурелъул гьев гIадинав машгьурав политик гьел рищиязда гIахьаллъулезда гьоркьов цоги вукIинчIо. Гьелъги батизе рес буго, цересел соназ гIадин, рищиязда хIиллаби гьариялъул абизегIанасел хIужаби ккечIелги. Масала, «Миллиябгун жамгIияб мониторинг» ассоциациялъул нухмалъулев И. ГIалиевас бицухъе, рищиязул заманалда хъвай-хъвагIай гьабун буго хIилла гьабиялъул бицараб 100-гIанасеб лъазабиялъул. Амма гьединал жалаз рищиязул хIасилазе щибго асар гьабулареблъи хIакъаб буго.

«Рищиял берцинго тIоритIанин абизе бегьула, цо-цо рекъечIел ишал кканиги. Гьединаб мехалда гьел ккечIого хутIулареблъиги лъала», — ян бицана ГIалиевас.

ДРялъул рищиязул комитеталъул председатель МухIамад Дибировас лъазабухъе, республикаялда рищиял тIоритIулеб куцалда хадуб халкквезе рачIун рукIарал къватIисел улкабаздаса экспертазги батIаго квешаб къимат кьечIо гьеб компания нухда тIобитIараб куцалъе. Масала, Азербайжаналдаса экспертаз абуна жал разиго хутIанин рищиял тIоритIараб куцалдаса.

ПалхIасил, 18 марталда тIоритIарал рищиязда гIахьаллъи гьабуна 1,4 миллион (85,5 процент) дагъистанияс. Гьеб къоялъ рагьун букIана 1915 пункт. Избирателазул 90-ялдаса цIикIкIун проценталъ (1,2 миллион чи) гьаракь кьуна В. Путиние, 7-ялдаса цIикIкIун проценталъ (104,2 азарго) П. Грудининие, Б. Титовасе кьуна 0,38 проценталъ (5,3 азарго), М. Сурайкиние 0,31 проценталъ (4,3 азарго), В. Жириновскиясе – 0,27 проценталъ (3,8 азарго), К. Собчакие – 0,26 проценталъ (3,7 азарго), Г. Явлинскиясе – 0,17 проценталъ (2,4 азарго), С. Бабуриние – 0,12 проценталъ (1,7 азарго).

Гьебго заманалда рищиязул хIасил гьересияблъун рикIкIана 4 участокалда. Гьелда бан цIех-рех гьабулеб бугин ва гIайибиял тамихIалде цIазеги ругин лъазабуна рищиязул комиссиялъул член ХIасан Изиевас. Рищиял тIоритIичIеллъун рикIкIана Сулейман-СтIал районалъул №1284, Дагъистаналъул Огни шагьаралъул № 0380, МахIачхъала шагьаралъул №1017 ва №1126 участкабазда.

РФялъул ЦИКалъул нухмалъулей Элла Памфиловалъги лъикIаб къимат кьуна Дагъистаналда рищиял тIоритIараб куцалъе. «Бихьулеб буго республикаялда хиса-басиял ккун рукIин. Цересел соназ тIоритIарал рищиязда букIараб хIал нилъеда жеги ракIалда бугелъул, гьезде дандеккун исанасел рищиял цIакъ берцинго анин абизе бегьула», — ян кIалъана Э. Памфилова.