Гьанжеги Бузнаса нухалъул хIакъалъулъ

Гьеб нухалъул хIакъалъулъ дица «ХIакъикъат» газеталде хъвалеб буго лъабабилеб нухалда. Цо нухалъ хъвараб газеталдаги бахъана ва дир гье­лъие лъикIаб къимат кьун ЦIумада районалдаса чияс хъвараб макъалаги биччана. Гьев чигун дун данд чIвана Ветераназул госпиталалда ва гьесулгун лъикIаб хабарги ккана.

 

Гьоркьоб лъикIаланго заман индал, «ХIакъикъат» газеталъ байбихьана, ,гьеб масъалаги борхун, цIидасанги макъалаби рахъизе. Гьеб заманалда дицаги, гIемерал хIужабиги рехсон ва нух бахъулев Дибиров МухIамадкамилие рецц-бакъги гьабун, цоги макъала битIана «ХIакъикъаталде». Гьениб борхун букIана туризм цебетIеялъе гьеб нухлул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ суалги. Гьеб нухдасан унаго батула АхIулгохI, Сулахъ къварилъи ва гьенисан бихьула чIикъдерил ракьалда бугеб чIабатI бахъулеб бакI, Сулахъ гIоралда тIасан лъун букIараб кьо ва гIемерал цогидал бакIалги. Газеталъул жавабияв секретарь М.-ХI. МахIатIовас рагIи кьун букIана макъала газеталда бахъизеги. Амма щаялиго гьеб къватIибе бачIинчIо. КъватIибе бачIана нижерго районалъул ЛъаратIаса ГIабдулгъаниев Ниязбегил «Халкъалъе хIажатаб халкъияб нух» абун цIар лъураб макъала. Цо заманалда хабар букIана ДРялъул хIукуматалъул бетIер Артем Здуновас хIукму гьабун бугин гьеб нухлул проект гьабизе гIарац биччазейилан. Гьелъулги хабар къотIана. ЛъаратIаса Ниязбегин абуни вуго нухлул хIалтIи ирсалъе щварав чи. Гьесул эмен ГIабдулгъани вукIана хвезегIан нухазда хIалтIарав чи, гьединго кIудияв вац ХIажиги вукIана нухазул мастер. Ниязбегица В. Ивановасухъе кагъатги хъван букIун буго гьеб нухлул бицун, амма жаваб бачIун буго тIаса бихьизе хъвараб гIадаб магIнаялъул.
Ахирал соназда цIикIкIараб кIвар кьолеб буго нухазде, росабалъцин къачIалел руго къватIал. МелъелтIаса Гъагъалъе гьабулеб буго лъикIаб нух. Гьелъие бихьизабун рагIула 260 млн гъурущ. Амма «Халкъияб нух» гьардухъабазул нухде буссине тун буго.
Дун битIахъе нечола щибаб «ХIакъикъат» газеталда Бузнаса нухалъе кумек гьабеян хъвараб баян цIалидал. Гьеб гьардей релълъун буго унтараб лъимер бугел эбел-инсул букIунеб хитIабалда.
Кибго бицунеб букIуна «Безопасные и качественные автомобильные дороги» абун. Щай Бузнаса нух гьеб программаялде гъорлъе бачине бегьулареб? Гьелдаса кIвар цIикIкIаралищ ругел цогидал нухал? Дида ккола Бузнаса нухалдаса кIвар цIикIкIараб хIалтIи магIарул районазе цоги гьечIин.
Гендерил туннелалъе ремонт гьабизе ун буго 9 млрд гъурущ. Гьелъул цо 10 бутIагIаги Бузнаса нухалъе биччарабани, гьеб цебего лъугIун букIинаан.
Хириял магIарулал, магIарул районазул бутIрул, Дагъистаналъул парламенталъул депутатал, кье гьеб нухде кколеб кIвар, лъе гьеб суал сессиялда гьоркьоб. Гьари буго, халкъалъ кьучI лъураб «Халкъияб нух» бахъун рагIалде бахъинабизе бажарарас бажарараб кумек гьабеянги. Бегьилаан газеталдасан къватIибе загьир гьабизе лъица кигIан гIарац гьелъие кьурабалиги.