ГIаданлъиялъулги букIуна батIи-батIияб сипат

 Хасавюрт районалъул ТIукитIа росулъ гIумру гьабулей йикIана муна­гьал чураяй Жарадат Пахрудинова. Гьелъ бетIербахъи гьабулаан рокъ­об рагьараб тукада къайиги бичун. Цо нухалда гьелъ дие бицана жин­дирго сахаватаб ишалъул хIакъалъулъ гьадинаб хабар.

 

 

«Нижер росулъеги рачIун, гIумру гьабулеб букIана цо хъизамалъ. Росги гьечIого лъимал хьихьулей ГъазимухIамадова Зугьрал букIинчIо мина-рукъ. БукIинчIо 60 сон барай гьей гIаданалъулги цониги лъимадул кинабгIаги документ. Гьазда-до­зда цере хIалтIун щвараб мухьдахъ гIумру гьабулеб букIана гьеб хъиза­малъ. Дир ракI гурхIана гьезда. Ва пикру ккана гьей янгъизай гIаданалъе кумек гьабизе», — ян байбихьана Жа­радатица.

 

Хасавюрт районалъул социалияб хъулухъалъул хIалтIухъан Халуни­ца малъана лъималазе паспортал росизе ккани, лъимер гьабиялъул хIакъалъулъ свидетельство букIине кколин. Гьебги гьабулин судалъул хIукмуялдалъун. Жарадат ана Ха­савюрт районалъул жанисел ишазул управлениялъул паспортал кьолеб отделалде.

 

 

«Гьезги абиларищха, свидетель­ство гьечIони, паспорт кьоларин абун. Зугьра гьаюна Даргъой. Дица хъвана гьенибе кагъат – архив бухIун бугин бачIана жаваб.

 

Дун ана Хасавюрт районалъул судалде ва гьикъана магIарулав су­дья вугищ гьанив хIалтIулеван абун. Ватана – нижерго районалъул Ин­гердахъа АхIмад абурав чи. Щва­на гьесухъе. Бицана гьесда бугеб хIакъикъат. Росги хун, щуго лъимер хьихьулей гIаданалъ бокьал гIадаб бакIалда гIумру гьабулеб бугин, цIакъ бокьун бугин гьелъие кумек гьабизеян бичIчIизабуна гьесда. Судияс абуна, цин свидетельство гьабизе кколин абун», — ан бицана Жарадатица.

 

Ахирги гьабуна свидетельство. Гьанже ана паспортазул столалде. Гьезги байбихьана гизма. ГIарац къваригIун, паспорт кьоларого.

 

 

Паспорт кодобе щварабго, Жа­радат ана пенсиялъул фондалде. ХIажатал документалги хIадурун, бахъана дой пуланалъе пенсия – 3000 гъурущ бачIана тIоцебе. Я захIматалъул книжка, я цогидаб щибго жо гьечIелъулха долъул. Пен­сиялъул фондалда хIалтIулел ясалги «рекъезарун», пенсия бахинабуна 4000 гъурщиде.

 

Пенсиялъул гIарацги данде гьа­бун, Жарадатица байбихьана пакъи­ралъе мина базе. 10000 гъурщиде бо­сана кирпич. Гьелъул бетIергьанчи Жамалица киридахъ рана къадал – анкьго метралъул халалъи бугеб бакI лъугьана.

 

ГIицIго къадал ран тIубалищха. ТIох ва цогидаб хIалтIи гьабизе ма­териал босизе гIарац балагьизе Жа­радат ана райисполкомалде. Гьенив­ги валагьана магIарулав. Гьес кьуна 5000 гъурущ. Собесалде ана – гье­ний йигей гIаданалъ кьуна цин 5000, хадуб – 3000 гъурущ, гIемер кумек гьабуна гьелъ. КъваригIун букIана тIохалъе шифер.

 

 

«Гьеб букIана дун хIежалде унеб сон. ГIадамасда бицун букIинчIо гьаб хIужаялъул дица. Дун ана ГIаркьухъа Юсуп-хIажихъе. Хаса­вюрталъул лъарал рагIалда кIудияб бакI ккун буго гьес. КIалтIа вата­рав хъаравулас абуна, гьес мун къа­бул гьайилищали лъаларин абун. РачIун рукIарал цо руччабиги на­хъе ритIанила дос. БачIана Юсуп- хIажиясул машина. Ана гьесда аскIое ва цадахъго йилълъана гьесул рокъое. Бицана дир бугеб «унти». Валлагьги гьабила кумек, щай гьабу­ларебанги абун, тIохда кквезе махх кьуна гьес! Шифералъе рес гьечIого йикIарай, гIекколеб тIох бугеб бо­кьоб гIумру гьабулей долъие щвана махх! Гьесго кьуна арматураги. Жа­малица хIадурана цIулал рейкаби ва бана минаялъе тIохги. Гьеб букIана 2011 сон.

 

Гьанже гьей гIаданалъул йохи! Щибаб къойил ячIуна дихъе, баркала кьолей йикIуна», — ян бицана Жарада­тица.

 

Нижеца гьелда абулаан Жара-ба­баян. ГIагарлъиялъул рохел-паш­манлъи гIахьал гьабизе кидаго ячIунаан гьей. Байбихьул классазул учительницалъун йикIарай гьей, Совет хIукумат биххараб мехалда, лъимал-рукъ тIубаялъул мурадал­да, школалъул хIалтIиги тун, жуяна дармиде. Гьедин гIумруялъул нухде тIобитIана гьелъ жиндир ункъабго лъимер. Гьелъул гIаданлъигун саха­ватлъиялъ хIайран гьарулаан ниж. ГIагарлъиялда кверчIвалей йикIуней гьелъухъа бажаричIо чиякъай Зугь­рал къисматалъулъ гIахьаллъичIого. «Аллагьасе гIоло, киридахъ гьабу­на дица гьеб. Зугьрае садакъадеян кьурабги, пенсиялъул бачIарабги щибаб гъурущ хъвалеб хасаб те­традь букIана дир. Гьенибго хъва­лаан долъухъе кьурабги, кванихъгун ратIлихъ харж гьабурабги гIарац. Дагь-дагьккун цIикIкIана долъие що­леб пенсияги. «КIодоца бараб мина» бихьизе гIемер чиги вачIана – райо­налъул лъай кьеялъул управлениял­дасаги, социалияб хъулухъалдасаги. Нечезаюлаан дун, гIемер рецц-бакъ гьабун. Хасавюрт районалъул газе­талда макъалацин бахъун букIана», — ян лъугIизабуна Жарадатица хабар.

 

Абула, нилъеца гьарурал лъикIал ишал гурони ратуларо абадияб ду­нялалдаян абун. Аллагьас лъикIал муъминзабазул мухъилъе ккезаюн ятаги Жара-бабаги…