ЦебетIеялде хьул буго

ГIумруялъулъ, захIматалъулаб хIаракатчилъиялъулъ щивав чиясе щолел бергьенлъаби, жамагIаталда гьоркьоб гьесул букIунеб къадру-къимат бараб букIуна хъизамалъулаб тар­биялда.

 

Дир эбел-инсуца гIумру гьабулеб букIана магIарухъ. Инсуца гIахьаллъи гьабуна япониялъу­лазулгун букIараб рагъдаги. Гьес жиндирго лъи­мал ругьун гьаруна намус бацIцIадго хIалтIизе ва цогидазул адаб гьабизе.

 

ГIолохъанаб заманалда нухмалъулевлъун, по­литикияв цевехъанлъун вахъине дица дидаго цебе масъала лъун букIинчIо. Араб гIасруялъул лъе­берабилел соназда дун учительлъун хIалтIулев вукIана Харахьи, ГIоротIа росабазул школазда. ЛъикIал гIадамазул сверуде ккана дун. Цо ну­халда дир дарсиде вачIана партиялъул Хунзахъ райкомалъул хIалтIухъан, гьев вукIана гIурусав. Гьелдаса хадуб гьесул гьариялда рекъон, дун рай­оналъул лъай кьеялъул отделалде методистлъун хIалтIизе вачана. Гьел соназда гьеб идараялда культураялъулгун лъай кьеялъул рахъалъ ин­спекторлъун хIалтIулев вукIана ЦIадаса ХIамзат, райОНОялъул нухмалъулевлъун – МухIамад Къе­бедов. Гьез кIудияб асар гьабуна дие политикияб болъодухъа тIаде вахине, кумек гьабуна лъай бо­сизе. Цеве иналъе дие кумек гьабуна хIалтIуде бу­геб рокьиялъ, кIвахI тIун, намус бацIцIадго гьеб тIубазабиялъ.

 

Советияб заманалда, араб гIасруялъул 70-абилел соназде щвезегIан нижеда лъалароан, гIарац кьун хъулухъазде тIамизе кадраби тIаса рищизе бегьу­леблъи, тIадегIанал цIалул заведениязде гIарцухъ лъимал цIализе рорчIизаризе кколеблъи. Ришват боси кидаго заралияб ишлъун рикIкIунаан. Ни­зам гьечIолъи, коррупция, ришватал роси ва кьей рикIкIунаан къабихIал ишаллъун.

 

Ункъо районалда КПССалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIана дун, амма доб мехалда гьединал суалал гьоркьор лъезе, гье­зие къимат кьезе кколароан. Дида божизе кIолеб гьечIо ВУЗалъул ректорас, преподавателас, тарби­ячияс лъималазухъа гIарац босулин абураб хар­бида. ВахIшияб рагъги гьабизе ккола гьединазде данде. Ихтиярал цIунулел органаз ришватчагIазде данде къеркьеялъул моцIал (месячникал), конкур­сал лъазаризе бегьилаан, гьединал хIиллачагIи тIатинарурал хIалтIухъабазе шапакъаталги кьезе ккела.

 

Советиял соназда гIадамал хIалтIулаан, гьезул захIматалъухъ лъикIаб мухьги кьолаан. Гьанже иш гьедин гьечIо. Нужецаго хал гьа­бе, кигIан гIемерал хIалтIун бажа­рулел гIолохъаби «инвалидаллъун» лъугьун ругелали, гьезие гьелъухъ пачалихъалъ гIарацги кьолеб буго. ХIамил гIадин гарбалги ккун, чан магIарулав вугев шагьаразда сверу­лев, херал эбел-инсул пенсияги ква­нан кепалда. ГIадамаз рилизе тун руго гIаданлъиялъул принципал, гражданлъиялъулаб борч. Лъимал къадарго цIалулел руго, гIумруялъулъ цIалиялъ жидее щибго кьоларин абу­раб пикруги гьезулъ щулалъун буго. Школазда, тIадегIанал цIалул заведе­ниязда тIоритIулел дандчIваязда дица гIолилал ахIула цIализе, батIи-батIиял гIелмабазул кьучIал лъазаризе.

 

Кидаго цIикIкIараб гIелалъул гIадамазде гIайиб гьабулаан гьезда цIиял, лъикIал хиса-басиял рихьулел гьечIин, квешаб кIодо гьа­бун, тIаде жубан бицунилан. Амма дие бокьун буго гIолохъанаб гIел лъикIаб букIине.

 

Ахираб заманалда чIороголъулел руго росаби, гочунел руго гIадамал умумузул ракьаздаса, ре­кьулел гьечIо хурзал, чIунтулел руго ахал. Хъар­цинлъулеб буго гIолилазул рухIияб рахъ. ДРялъул Халкъияб собраниялъул данделъабазда кIалъазе рахъаразе суал кьезе лъаларел чагIи рищулел руго парламенталъул депутаталлъун ва нилъеца гьеди­назе гьаркьалги кьолел руго. Гьел ва цогидал суа­лаз дир рахIат хвезабулеб буго.