Бахиллъизе бачIана

Ургьисалабиги унтун, респу­бликаялъул урологиялъул цен­тралде ккун йикIана дун. Гье­ниб бараб заманалда жаниб дида бихьана унтараздехун гьелъул хIалтIухъабазул бугеб недегьаб, жавабчилъи цIикIкIараб бербала­гьи.

 

Ничаб жойилан тунищали, цогидал унтабазул хIакъалъулъ гIадин, гIадамаз гIемер бицунарин ккола дида кIварщул мухъалда, ур­гьисалабазда хурхарал гIузрабазул. Гьел сах гьарулел къагIидабиги батIи-батIиял ругелъулха гьанже. Гьеб рахъалъ лъай камилал тохтур­заби ратана централда.

 

 

Гьанже гIемер батIи-батIиял харбал рагIула тохтурзабазда на­хъасан рицунел. Масала, ришва­тал росулин абун. Амма жидее гьукъун бугилан, шоколадалъул плиткаялдасацин инкар гьабуна гьениб.

 

Дун санаторияздеги щвана, амма санаторияздаса къадараб квенги кьолеб гьечIоан гьениб. Богогьабазулги бугоан унтаразде­хун рокъосел чагIаздехун гIадаб бербалагьи.

 

Цо-цоязда ракIалде ккезе бе­гьула гьелъие-долъие биччараб гIарац букIунин пачалихъалъ щибаб больницаялъеян. БукIуна. Амма киназдаго гуро хIалтIи гIуцIизе лъалеб. Гьединлъидал, дунгIан Аллагьги разилъун ватаги нужедаса. Хас гьабун рехсезе рокьун руго бетIерав тохтур Дибир ХIажиевасул, отделениялъул заве­дующий АхIмад Айдемировасул, дунго сах гьавурав тохтур Марат ХIажиахIмадовасул, медсестраби Кавсарат МухIамаевалъул, Ми­нажат Цахаевалъул, Асият ГIалимпашаевалъул, Залина Зулфукаевалъул, Зубаржат Хусруевалъул цIарал.