ГIакъуба бихьана хIаталдаса ун

Дун ккола 1939 соналда гьавурав, ЧIарада районалъул Багинуб росулъа 
чи.Дир заманалда росулъ букIинчIо школа, цIализе ине кколаан Къуч-
раб росулъе. Нижер росулъа 19 лъимер хьвадулаан гьенибе, гIемерисеб 
заманалда хIатIида гIицIго. 
Инсул гьумер дида лъаларо. 1939 соналда ун вуго рагъде. Нижер ин-
сул гьитIинав вац МахIмудги дида лъаларо, гьевги рагъде аралъуса тIад 
вуссинчIо. ХутIана 33 сон барай эбелги кIиго васги. Гьеб заманалда ква-
налеб жо букIана мичIчI, ччути ва цогидабги чIахI. РетIелги букIана, ма-
сала, тIажуялда 20-25 рукъи бараб. Гордеги букIинарищха гьединабго. 
ГIанкIудал ханидасацин кьезе кколаан налог. Дир кIудияв вац МухIамадов 
ГIумар цIалулев вукIана Дусрахъ росулъ. Гьениб букIана 7 класс. Рагъда 
чIварав чиясул лъималин абун, бачIунаан 4 гъурущ, ва гьебги кьезе кко-
лаан вацасе кванихъги, ратIлихъги, цогидаб хIажатаб босизеги. Дусрахъе 
букIинчIо машинадул нух, лъелго ине кколаан, 13-14 км нахъаги тун. 
МоцIида жанив цо нухалда гурони вацги рокъове вачIунароан. 
Балугълъиялде вахиндал, дун хIалтIана батIи-батIиял бакIазда. Ар-
миялдаса витIана «Челябинск-40 маяк» абураб бакIалде. Гьениб гьабун 
букIана ядернияб яргъил хIалбихьи. ТIубараб лъагIелалъ гьеб ракьалде 
гIадан виччачIого, ракь букIана махIцун. Ниж гьенире щвана 1958 со-
налъул ноябралда ва нижеда гьенир ратана цIулал гьарурал казармаби. 
Ункъо-щуго моцIидаса байбихьана солдатал унтизе, гIемерисел нахъе 
ритIана. Нижее моцIрое щолаан 220-240 гъурущ. Гьелда тIасаги кванихъги 
ратIлихъги ккун, кодобе щолаан 180-190 гъурущ. Гьелъулги бащдаб гуро-
ни кодобе кьолароан, хутIараб, армиялдаса нахъе риччалелъул, сберкниж-
каялде рехилинги абун. Рокъове вачIиндал, дие щвана 5600 гъурущ. Гьеб 
гIарцухъ гьабуна хъизан, бана мина. 1961 соналда милициялда хIалтIизеги 
лъугьана. Гьеб хъулухъалда бана ичIго сонги ичIго моцIгун бащдабги. 
Дида кIолароан гIадамазул ракI лъукъулеб иш гьабизе ва, гIарзаги кьун, 
дун нахъе ана. КIудияв вацги вукIана милициялда хIалтIулев, 1966 сонал-
да гьевги хвана. Гьедин рукъалъул тIолабго ургъел бегана диде тIаде.