Нухде бараб тIех гIадин батила…

ЦIумадаса хъвалеб буго

 

Гъоркьиса лъикIаб хIалтIи гьабуна Болъихъа Агъвалибе унеб шагьранухда

Гьигьалъ-гIурухъе щвезегIан гIатIид гьабун ва хъил тIун рагIалде бахъана нух. Исана Гьигьалъ-гIурухъа Агъвалиб бугеб полициялъул посталде щвезегIан, 6 километралъул манзилалда, хъил тIезе ракIалда буго, гьелъие харж гьабизе гIарацги бихьизабун буго. Гьеб хIалтIи, Аллагьас хъван батани, риидалиде тIубазабизе пикру буго гьеб иш тIаде босараб идараялъул.
ГIадамазе гьелъул бугеб санагIалъи гьечIолъиги бихьун, цIияб соналъ районцоязе сайгъа­т хIисабалда, гьеб нух къачIазе нигат ккана вацал АхIмад ва МухIамадзагьид Давудовазул. Пачалихъалъул кинабгIаги кумек гьечIого гьев кIиявго вацас жидерго харжаздалъун къачIалеб буго нух. Къойил микьго машинаялъ баччулеб буго ТIисси-Ахикьа чабахх, грейдералъ битIизабулеб буго нух, нухда бачунеб буго михир. Хъил тIун рагIалде бахъинегIан нух къачIазе кколеб идара хъил тIезе тIаде босаралги кколелъул, нужеца щай гьеб нух къачIазе тIаде босарабилан гьикъидал, АхIмад Давудовас абуна жиндирги МухIамадзагьидилги нигат кканин, Аллагьасе гIоло, гьеб нух, хъил тIун рагIалде бахъинегIан, гIадамал ва машинаби хьвадизе бегьулеб хIалалда чIезабизе. Гьез гьеб хIалтIи гьабизе байбихьидал, хъил тIезе тIаде босараб идараялъги, кумек хIисабалда, гьенибе битIана кIиго тонна цIатаридул, грейдер ва михир. Радал сагIат 7-ялдаса маркIачIул мех щвезегIан хIалтIула гьенир АхIмадил ва МухIамадзагьидил хIалтIухъаби. Гьелгун цадахъ кIвахI гьечIого гьезие нухмалъи ва малъа-хъваял гьарулел руго «Дорстройсервис» ОООялъул нухмалъулесул заместитель НурмухIамад ГIалиевас.
Нухлухъ балагьизе щварав районалъул бетIер кутакалда рази хутIана гьезул хIалтIудаса ва баркалаги загьир гьабуна гьезие. Районалда тIоритIулел тадбиразулъги кIудияб гIахьаллъи букIуна гьев кIиявго вацасул, ккараб бакIалда кумекалъеги ратула гьел.
КIиявго вацас гьабурабщинаб лъикIлъи, Аллагьасда цере щведал, нухде бараб тIех гIадин батила.
ГIубайдула Малачдибиров