Баркалаялъул кагъат

Гьаб ахираб заманалда «ХIакъикъат» газеталда гIа­дамаз гьарулел лъикIал хIал­тIабазул хIа­къалъулъ хъвалел макъалаби гIемерлъулел руго. Дицаги хIукму гьабуна дидаго лъалеб ва бихьаралъул цо  гьитIинабго макъала хъвазе. 
Нилъее бищун къваригIунеб­лъун дица рикIкIуна берзул канлъи. Канлъи дагьлъидал дица хIукму гьабуна беразул тохтурасухъе ине. МахIачхъалаялда бугеб беразул поликлиникаялда дун ккана Гъойтиева Наида абурай тохтуралъухъе. Гьабуна операция ва дир бералда тIаса бахъана хъал, бихьизе лъугьана канлъи. Гьенир регаразул гара-чIвариялъухъ гIенеккараб мехалъ абулеб букIана меседил кверал Аллагьас жиндие кьурай тохтур йигин Гъойтиевайилан. 
 
Операциялдаса хадуб жиндир унтараздехун букIараб бербалагьиялъ, дида бичIчIана гьей гьунар бугей, махщел камилай тох­тур йикIин. Гьелъул эмен ГIа­лидибирги лор-тохтур кколаан, гьанже пенсиялда вуго. Эбел Па­тIиматги ккола акушер-гинеколог. 
ГIемерал шапакъатазул бетIер­гьан, тохтуразул хъизамалда гIу­рай тохтур Наидае сахлъиги къуватги кьеги кидаго кумекалъе ятизе. 
 
ГIумарбег ЖахIбаров, 
Хьаргаби район, 
Къудукь росу
 
* * *
Цебе букIараб гIадлуги хутIун гьечIин, унтаразде тIаса-масаго балагьулелги ругин, дарабиги унтаразго росизе кколин абун рицунел харбазда дица гIин бачIо. Дидаго лъазе хьулгун, кодоб направлениегун, дун ана ЧIикIаб росдал больницаялде. Больницаялде жание лъугьарайго, гьениб бугеб рацIцIа-ракъалъиялъги, чIагояб хIалтIул багъа-бачариялъги ба­тIи­яб асар гьабуна дие.
Гьениб дие гьабуна тохтурзабаз жидехъа бажарараб кумек. Хасго дун разилъана тохтур-невролог Мадина Исламовалдаса. Гьелъул хIалимаб, берцинаб каламги, хIеренлъиги, ракIунтун дие гьабураб хъулухъги дида киданиги кIочене гьечIо. Дунго гIадин, дудаса Аллагьги разилъаги, хIурматияй Мадина. Дида бихьана унтараздехун дур бугеб рекIел хинлъи, рекIел бухIи. ЧIикIаб росдал больницаялда дида батана унго-унгояб куцалъ бицунеб магIарул мацI, магIарулазул гIамал-хасият, магIарулазул яхIги, намусги, гIаданлъиги.
 
БетIерав тохтур ГIумар Му­хIа­мадовасдаса байбихьун, отделениялъул нухмалъулей Анжелагун Жавгьаратие, дие хирияй Мадинае ва тIолго сестрабазе кIудияб баркала буго. Кьеги нужее хIалтIулъ бергьенлъаби, гIумрудулъ талихI ва рохел, чорхое щулияб сахлъи. Аллагь вохарав гуреб къо бихьугеги нужеда!
 
ПатIимат Дибирова,
Шушановка росу