Расул ХIамзатовас тIогьол гул кьурай

ГьитIинго кечI-бакъаналъе гьунар бугей гIадан йикIана Шамил районалъул Ругъелдаса Аминат Давудова. Школалда цIалулеб мехалдаго гIахьаллъулаан гьей росулъ тIоритIулел батIи-батIиял тадбираздаги.

 

— Доб мехалда сундулго рахъалъ къанагIалъи букIана, — ян ракIалде щвезабула Аминатица. 

— ГIемерисел учительзаби рукIана къватIиса рачIарал. ЦIализе лъикIай йикIаниги, хадуйккун цIализе дие рес щвечIо. Ясал жалго росу тун къватIире ритIулеб гIадат букIинчIелъул. ТIокIаб батIияб хIалтIи росулъги щибха букIинеб, колхозалда хIалтIана. Хьихьана колхозалъул боцIи, хIалтIана дояркалъун. Риидалил заманаялъ бецун лъабго тонна харилги кьолаан. Къец бан хIалтIулаан киналго, эркенаб заманалда, кечI ахIун нижеего рекIелгъейги гьабулаан. 
 
Ункъо соналъ дояркалъунги хIалтIун, гьей йищана колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун. Гьеб букIана Аминатиде гьабураб кIудияб божилъиги. Гьелдаго цадахъ тIаде бегана жеги жавабияб хIалтIиги — йитIана Кочубеялъул ракьалда бугеб гъутаналде боцIул фермаялъе нухмалъизе. Лъабго соналдасан ячана магIарухъ бугеб МТФялъул заведующаялъун. Дол соназ районалдаго церетIуразулъ рехсолеб Ругъелда росдал колхозалъул букIана лъабго бригада (Ругъелда, Мусрухъ, Хьиндахъ). Бергьараб бригадаялъе кьезе колхозалъ рихьизарун рукIана хъвезе оцги цогидал шапакъаталги. Кин кIочене бегьулеб 10 тонна харилги бецун, оцги хъун, тIолабго жамагIатги ахIун гьабураб байрам. КочIол тамадалъун йикIана Аминатги.
РакI чучиялъе кечI гьечIони, чIамучIаб жо буго гIумруян абула Аминатица.
 
Гьелде бугеб рокьиялъ ячана гьей 1974 соналда росдал культураялъул рукъалъул директорлъун хIалтIизеги. Къокъабго заманалда жаниб гьелда кIвана умумузул кьурдабазе цIияб накъишги, церегосел бакъналги гIадамазухъе кьезе. ЦIияб гугьаргун щвана халкъалъу­хъе Мирзалалъул, АйзахIмадил, АтимахIагIалил, рукъдалазулаб ва цогидал бакънал.
Аминат гIемерай гIахьаллъана районалъул тадбиразда, республикаялъул фестивалазда.
 
— Бищунго кIочонареблъун хутIа­на Хунзахъ тIобитIараб фестивалалда кечI ахIун бахъиндал,  тIогьол гулги босун баркала кьезе Расул ХIамзатов вачIараб лахIзат, — ан бицуна Аминатица. 
КъогогIан соналъ маданияталда гьоркьойги йикIун, ана гьей мустахIикъаб хIухьбахъиялде.  
 
Амма жакъаги къун гьечIо Аминатилъ кечI-бакъаналде рокьи. МахIаби хIалтIуларого йигониги, ахIаралъуе ячIинчIого чIезе гьелда  кIоларо. Къиматай гьоболлъун йикIана гьей кIиго соналъ цебе къелдерил ракьалда тIобитIараб районалъул «РекIел ахIи» фестивалалдаги, росдал администрациялъ хас гьабун харабазе тIабигIаталда гIуцIараб тадбиралдаги. 
ГьитIинай яц Узлипатицагун цадахъ гьез ахIулеб умумузул бакъаналъ асар гьабуларев чи вукIинаро.  
 
— Дида лъаларо гьаб гьунар киса дихъе щварабали. Амма дир инсуца цIакъ берцинго умумузул бакънал рачунаан тIармида, зурма пузе махщел бугев чи вукIана мунагьал чураяв эбелалъул вац АтимахIал ГIалиги, — ян бицана Аминатица.
Рокъоса къанагIат гурони къва­тIие яхъунарей гIадан йигониги, жакъаги гьелъул роцIараб, борхатаб гьаракь хисун гьечIо. Кинха абилеб некIсияб бакъаналда рукъ цIолеб хIалалъ кечI ахIулей Аминат  87 сонил ригьалде яхун йигиланги.