ЧIиркъатIаса «компьютер»

ЧIиркъатIа росулъа ХIадисов МухIамад вуго хIикматав инсан. ГIумруялъул кIудияб ригьалде вахун вугониги, гIадан бахилаб рекIел цIодорлъиги буго гьесул. ЧIиркъатIа кканщинал лъугьа-бахъиналги лъала гьесда. Росдал тарихалъе материал бакIарулаго, гьесдасан гIемераб кумекги щвана дие. ГIажаиблъизе ккараб жо, росулъ ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ мухIканго бицуна къо, моцI ва сон.
 

МухIамад гьавуна 1938 соналда. Рагъда хадусел соназ цIалул ургъел гьабизе регIулароан хинкIил ургъел гьабизе ккеялъ ва МухIамадица бицуна цIали гIемер лъикI букIинчIин жиндирилан.  Бищун захIматаб гIелму букIанила математика. Дол соназ экзаменал кьун гурони тIасияб классалде рахъунароан. Гьес тамашалъи гьабун бицуна классалда вукIарав отличникасе гIурус мацIалъул экзаменалъе 3 къимат гурони щвечIеб мехалъ, жиндие 5 къимат щванин. Эбел хвараб соналъ дунял рихун, пикрабазда вукIунаанила жив ва гьеб соналъ 6 классалда гъоркь хутIанила.
Колхозалъул боцIуе вехьлъиги гьабуна гьес, ахил хъаравуллъиги гьабуна, щиб малъаниги инкарги гьабичIо. Гьениса щолеб жоги цIакъ мукъсанаб букIанила, цIакъаб хIалтIи гьабунила колхозал хвезариянги бицуна МухIамадица.
 
Гьаб дур рекIел цIодорлъи кида загьирлъарабилан гьикъидал, гьес абуна 1957 соналда лъади ячун хадуб тIатанила цогидазулъ гьечIеб гьеб пагьму. Гьесул хIакъалъулъ хъвазе цебегоялдаса нахъе пикру букIана, амма хъвадариялъул хIалтIул гIемерлъиялъ кинго квер щолеб букIинчIо. НахъбахъичIого хъвазе багьанаги ккана гьадинаб… Бергьенлъиялъул юбилеялде улкаго хIадурулеб бугелъул, дирго архивалда хъирщадулаго, рагъдаса чIаго тIадвуссарав 11 росуцоясул хвараб сон бихьизабун батичIо дица. ЦIалдохъаби гIагараб ракь лъазабиялде машгъуллъиялъе, дица гьезухъе кьуна хваразул цIарал ва абуна гIагарлъиялде цIехон гьел хвараб сон лъазабеян. Гьез битIун гьабулищали бихьизе, дида хвараб заман лъалел кIигоязул цIаралги журана тIаде. Дидаса цIодорлъи бергьарал цIалдохъабаз, тIубараб сияхIги босун цояв витIун вуго ХIадисил МухIамадихъе ва гьес кинабго мухIкан гьабун хъван гIиссинал «краеведазухъеги» кьун буго. 
Гьединаб цIодорлъиялъул чи вуго МухIамад.