Багъарараб хIатIида хIарщ рекIуна

Богатыревкаялда «ХIакъикъат» газета хъваялъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго. Гьаб макъала хъвалалде цевеги дун щвана почтальоналде аскIове, гьикъана чан чияс газета хъван бугебилан. Гьелъ кьураб жаваб рагIидал, расги лъикIаб хIалги лъугьинчIо.

 

Богатыревкаялда гIумру гьабун ругезул гIемерисел ккола магIарулал. 600-700 цIараки бугеб гьеб росулъ хъван буго 9 газета. 2019 соналда хъван букIун буго 6-яс. 
Газеталдасанги радио-телевидениялдасанги чIечIого бицунеб буго гIолеб гIелалда рахьдал мацI кIочонеб букIиналъул хIакъалъулъ. Кинха гьеб цIунизе кIвелеб рахьдал мацIалда къватIибе биччалеб газеталдехунцин гьединаб гурони бербалагьи гьечIеб мехалда. Школаздаги дагь гьарулел руго рахьдал мацIалъул сагIтал. ГьабсагIатги гьечIо школазда цо чIараб хIалтIулеб форма, хисулебго хисулеб буго лъай кьеялъул программа. ГIатIиракьалде вачIарав цо-цо магIаруласги абулеб буго гьанже мацI хIажат гьечIин. Гьединав чиясул лъималазулги букIинищха магIарул мацIалде ва газеталде рокьи. Гьадинаб ахIвал-хIалалде ккедал чара гьечIого хIажат буго щивав магIаруласул рокъоб «ХIакъикъат» букIине. ЦIакъ бегьулареб хIалалда чучлъизе тун буго подписка гьабиялъул рахъ. Рагъда хадусел соназ, пенсияги, пособиеги, харжалги щолареб заманалда хъвазе кколаан заемал, кьезе кколаан налогал. Жакъа гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечIеб заманалда, подписка дагьлъиялъул гIайиб лъиде рехелебалиги лъаларо. Амма дун колхозалъул бухгалтерлъун хIалтIулеб заманалда, 1962 соналда, ЛъаратIа 300 чиясул подписка гьабураб сияхIги босун индал, гьеб дагь бугинги абун, тIадеги 200 чиясда гьабизе тIамулеб букIана гьеб иш тIадай хIакималъ. Гьелъ абухъе гьабизе инкар гьабурав дун дагьалъ хутIана хIалтIудаса махIрум гьавизеги. ГIакълу бугев чиясда бичIчIизе ккеларищ, гьасги досги тIамичIониги, лъималазда мацIги, тарихги, умумузул магIишатги лъазе газета хъвазе кколеблъи? Щибго къварилъи гьечIо, ресги буго, камун буго бичIчIикьеялъулаб хIалтIи. Декабрь моцIалда росдал имам вукIана щибаб рукъалъул рагьтIеги вачIун «Ас-салам» газета хъвазе хIаракат бахъулев. Багъа­рараб хIатIида хIарщ рекIинчIого букIунарелъул, «Ас-саламалъул» къадарги 80-ялде бахун буго. Дицаги хъвала «Ас-салам», дун гьелда данде чIарав чиги гуро, мисалалъе бачунеб буго цогидазда лъан букIине. 
 
Советияб заманалда почтальонал рукIунаан сумкаги гъажалда бан росулъа росулъе хьвадун газетал рикьулел. Богатыревкаялда, мажгиталда аскIобго буго почта ва щибаб рузман къоялъ гьенивеги ун газета босизе ресги буго. 
Телефоналдаса ва телевизоралдаса пайда босизе кIоларел гIадамазе рекIелгъеялъе бугеб жо буго магIарул газета. Дие бокьула рагIикъотI цIезеги. Щвалде щун цIезабизе ккани, ваккизе ккола гIемерал тIахьазде, журналазде, картаялде. Гьеб гурищ дун гIадав хIалтIи гьечIев херав чиясе рекIелгъеялъе бугеб жо. Ахираб заманалдайин абуни гIемер рахъулел руго церехун нилъер хъвадарухъабаз тIахьазда, журналазда рахъарал жал. Россиялъул централиял газетазда рукIуна интересал макъалаби, таржамаги гьабун гьединал харбал рахъани лъикIаб букIинаанин ккола дида.
Нилъер республикаялдаса 200-ялде гIагарун чиновник рагIула жанив лъун. Щиб сабаблъун гьел жанир лъуралали щай хъвалареб? 
Гьанже хъвалеб буго «ХIакъи­къат» газеталъул цIар хисизе бугин, гьеб абизе захIмалъулеб бугилан абураб багьанаги батун. Хисизе кколеб батани, дир пикруяда рекъон, лъикIаб букIинаан «Тарих» абун лъезе. 
ХIаким цIияв тIамуни, хIалтIиги цIилъулин абула, гьелъги батила газеталда хиса-басиял руго. Масала, тIадбуссана «Бахьикъос», гьебги жеги интересаблъун гьабизе бегьилаан. ПалхIасил, гьадинал пикраби загьир гьаруна, гIала-гъважа батани, тIасаги лъугьа.