«ХIакъикъат» — нижер гьоболги гьудулги

МагIарул газета цIали — гьеб къаде кванайго гIадин гIадатлъун лъугьараб иш буго нижер рокъоб. «БагIараб байрахъ» газеталъе тIоцебе подписка дица гьабуна 1966 соналда.

 

Заман ингун цIикIкIана магIарул мацIалда рахъулел газетал, журналал. «ХIакъикъаталда» цадахъго цIалулеллъун лъугьана «Ас-салам», «Нурул-ислам» газетал ва «Гьудуллъи» журнал. Нижер рокъоб кидаго къимат букIана магIарул мацIалда бахъанщинаб тIехьалъул, газетазул. Мунагьал чураяв дир рос Сулейман МухIамадовасги жиндирго макъалаби ритIулаан «ХIакъикъаталде» ва нижерго районалъул газеталда рахъизе. Гьес жинцаго хIадурун къватIибе бичалаан «Гьидерил гIумру» газетаги. Сулейман хваралдаса нахъе дир цIалдохъан ПатIимат ГьитIиновалъ гьабуна гьеб газеталъе редакторлъиги.
ГIумахан ГIумаханов бетIерав редакторлъун ккаралдаса нахъеги «ХIакъикъат» газета цIализе жеги гъира бараблъун лъугьун буго. Щибаб цIияб номер бачIиналъухъ урхъун балагьун йикIуна дун. Нижер ГIурада росулъ бицен ккедал, чанги чияс беццулеб рагIана дида жакъасеб «ХIакъикъат». Гьеб квешаб букIарабани, ГьитIиноваги инароан тIадюссун гьений хIалтIизе.
Редакторасеги коллективалъеги гьарула сахлъиги хIалтIулъ бергьенлъабиги.