Даларал квараз ккурал гьетIарал хIубал

Араб гIасруялъул 50-абилел соназул ахиралда цIунтIал тIадруссана Чачаналдаса умумузул ракьалде. Гьеб заманалда гьезул рукIинчIо нартил чирахъалцин. Канада цIаги бакун гьабулаан квен-т1ехцин. БукIана кан цIунизе гьабураб хасаб бакIги. Ниж, гIисинал лъимал, иргадал тIаде рахъунаан, бухIун бахъаралъул бакIалда цIияб кан лъезе.

Ана сонал. Хисана гIумру. Лъабкъоялда анцIабилел соназда байбихьана токалъул хIубал эхетизаризе. Гьеб ишалда рукIарал махщелчагIазе кумекалъе рахъунаан росабазул гIолохъабиги. Ахир-къадги цIунтIадерил минабиги гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз».
Гьелдаса нахъеги ана гIураб заман. ГIазу-цIад гьарзаяб ЦIунтIа районалда 70-абилел соназда эхетизарурал токалъул хIубал басралъун, турун, гьороца регизарун руго. Зехида ва Шаури подстанцияби рагьараб мехалда, дагьа-макъабго хIалтIи гьабуна хIубал цIигьариялъе. Кидиро, ХутIрахъ, ХIибиялъ мухъалде канлъи кьола Зехида бугеб трансформаторалдаса. Шагьикь-Асахъ мухъалде – Шаури трансформаторалдаса.
Цересел соназда, токалъул кваразул дагьабниги жагъаллъи ккани, 60 километралдасаги рикIкIад ругониги, БежтIа подстанция­лъул хIалтIухъаби рачIунаан гьеб къачIазе. Жакъа щибаб муниципалитеталда руго ток къачIалел монтерал. Гъоркьиса, масала, къаси сагIат микьго тIубараб мехалда токги сун, бецIго хутIана цIунтIадерил къогониги росу. Хехабго заманалда жаниб токалъул мухъазда ккараб жагъаллъи инабуна Цебари росулъ вукIарав подстанциялъул хIалтIухъан ГIабдулкъадир МухIамадрасуловас. Гьедин, жиндирго машинаялда бакIаздеги щун, гьес къачIана ток Асахъ, Берих ва цогидал мухъаздаги. Амма басралъарал хIубалги кваралги хисичIони, подстанциялъул хIалтIухъабазухъаги бажаризе гьечIо жидер жавабчилъиялда гъоркь ругел бакIазда гIумру гьабулел гIадамал токалдалъун хьезарун. Гьелде тIадеги, хIубаздаса даларал кваразул хIинкъи буго гIадамазул гIумруялъе. Масала, цо чанго соналъ цее, гьедин даларал квараздаги хъван, токалъ чIвана ХIибиялъ росулъа гIолохъанай гIадан ва гьелъул лъимал бесдал хутIана. Рекьоб росдада гIагарлъухъ токалъ чIвана Акди росулъа чи – бесдаллъана гьесулги щуго лъимер.
ГIицIго ЦIунтIа районалда хисизе ккола микьнусгоялдаса цIикIкIун токалъул хIубиги чанго трансформаторги. Гьединабго хIалалда ругин абизе бегьула ЦIумада районалъул токалъул мухъалги. Хасго хасалил заманалда гIемераб мехалъ бецIлъуда хутIула Метрада, Хъварщи, Хушет росабазул гIадамал. Токги нухалги – гьел ккола магIарухълъиялъе чара гьечIого хIажатал ва тIоцебесеб иргаялда тIуразаризе кколел масъалаби.