ГанчIил ракIал ругел гьал тохтурзаби

Бищунго аслияб жо буго гIадамасе чорхол сахлъи. Гьеб щула гьабизелъун дун вегизе ккана гIемерал больницабазда. Гьениб дида бихьана тохтурасул каламалда, бербалагьиялда бараб жо гIемераб букIунеблъи, сахлъи щула гьабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеблъи.

 

Гьел киналго рахъал данде ккуна дица районаллъул, республикаялъул ва Москва шагьаралъул больницабазда вегун вукIараб заманалда. Гьаниб цIар рехсезе бокьичIеб цо районалъул больницаялъул хIал­тIухъабазул рахъалъ абила, гьезул ракIал ганчIил ратилилан. Рес­публикаялдаги ратана, къанагIатго бугониги, унтарасдехун ракI унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби. ГIемерисел абуни, тIоцебесеб къоялъго унтарасда сверун лъугьуна жидеего «клиент» тIалаб гьабун, операция гьабиялъул мурадалда. Унтарас гIарац кьезегIан гьесие операция гьабичIеб хIужаги бихьана.
Дун вегараб Москваялъул лъабго батIияб больницаялъул тохтурзабазул бицани, гьеле унго-унгоял тохтурзаби. Унтараздехун гьезул букIуна унго-унгояб бербалагьиги.
Гьаб макъала хъваялъе ккараб гIиллаялъулги бицинин.
25-27 январалда дун рокъов вегун чIезе ккана бидул тIадецуйги гIодобе ккун. Дирго унти кIоченабуна 27-абилеб сордоялъ. Къаси сагIат 12-ялдаса хадув дурц вачIана нижер яс (гьесул хъизан) унтун йигиланги абун. Хъата-масан гьенире щведал, гьей гIакълуялдасаги ун ятана. Гьурмада цIорораб лъим речIчIаниги, рекIеде ячIинчIо ва рес къотIарав дица гьелъул кIаркьен чIван хадуб, берал дагь-макъалго рагьун рачIана. Цинги хехал тадбиралги гьарун, лагIизаюна. Дагьабго чIаголъиялъул гIаламатал загьирлъидал, борцана бидул тIадецуй. Гъоркьияб рахъ бихьизабулеб ба­кIалда 0, тIасияб букIунелъуб Е хъва­на тонометралъ. Нахъеги марганец жубараб гIетIараб лъимги кьун, лагIдезаюна. Амма гьеб жо гьабулеб 40-50 минуталда жаниб чанцIул бидул тIадецуй борцаниги, добго хIасил бихьизабуна. Нижер хIукму ккана хехго гьей районалъул больницаялде хъамизе, гьенибе нижер росулъа 30-40 км. буго. Хехго бухьен ккуна росулъ вугев фельдшерасулгун (гьеб букIана сардилъ кIигоялде хIалтIараб заман), гьесда гьарана больницаялъул «Хехаб кумекалъул» бригада битIейин нижеда данде, ниж къватIире рахъанилан.
Машина къваригIун ниж ру­кIин­чIо, хIинкъун рукIана нухда ясалъул хIал хисилилан. РекIеде ячIиндал, гьелъ бицана аллергия багъарун букIун, жинца щуго таблетка преднизолоналъул гьекъон букIанилан. Росдал фельдшерасги ахIун бачIана жинца «Хехаб кумекалъул» бригадаялда лъазабунилан. Амма гьез къватIире рахъине хиялго гьабун ба­тичIо. Больницаялда унтарал къа­бул гьарулеб рукъ рагьизе бана 15-20 минутгIанасеб заман. Рагьун хадубги цо гIадан телефоналъ бакI-бакIалде кIалъан, щиб-кин гьабилебали цIехолаго ана бащдаб сагIат. Ахирги унтарай егизаюна капельница лъезе ва радалалде гьелъие мадарги лъугьана. Нахъисеб къоялъ ясалда гьикъун буго дой приемныялдасан кIалъарай тохтуралъ дуе клизмаго гьабунищилан. Клизмаялде руссине регIун рукIинчIеб къагIидаха гьел…
Рокъосез, дие кигIан бокьун букIинчIониги, хIал гьабун витIана дунги больницаялде, дирго сахлъиялъухъ балагьизе. Росана кколел кагъталги, щвана тохтура­лъухъеги. Бицана дирго сахлъиялъул гIала­матазул ва гьелъ борцана давление. Гьеб батана 120х80. Тохтуралъ абуна лъикIаб давление бугин. Дица гьелда бичIчIизабуна гьеб дуе лъикIаб батилин, дие, 70 соналде вахунев чиясе, гьеб дандекколеб гьечIин. Щайгурелъул дир тIадецуй ахираб 5-6 соналда жаниб 160-170 букIанин ва дун больницаялъул хIисабалдеги восун вугин.
Къокъго абуни, рокъосезул бу­кIараб хиял (вегизеги гьавилин, дарабиги гьарилин) хIорго хутIана. Дару-сабабцин хъвачIого, цо анкьидаса вачIайинги абун, нуха регIана. Гьеб гьедин кколеблъи дида лъалебги букIана. Гьединаб бербалагьи буго унтараздехун ганчIил ракIал ругел цо-цо тохтурзабазул.
Больницабазде ккарал киназдаго (рес рекъон ккезе хъван ратугеги) дандчIвайги унтул къиматги гьабулел, унтараздехун ракI унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби.