Шагьикьдерил Аскерханов

ТIайгиб Халитов гьавуна 1937 соналда ЦIунтIа районалъул Шагьикь росулъ. Гьес анкьго сон бараб мехалда, гьезул хъизамги цогидал цIунтIадерил жамагIаталго гIадин, гочинабуна Чачаназул Ведено районалде. Гьел ккана Балгъата росулъе. Гьениб лъугIизабуна ТIайгибица гьоркьохъеб школаги.

1957 соналда хъизам тIадбуссана гIагараб росулъе. Лъабго соналъ армиялда хъулухъги гьабун, ТIайгиб цIализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьев тIамуна Мокъокъ росдал фельдшерлъия­лъулгун акушерлъия­лъул пункталъул (ФАП) нухмалъулевлъун. Хадув хIалтIана Шаури росдал участкаялъулаб больницаялда.
Бигьаяб букIинчIо фельдшерасул хIалтIи. Машинадул нух гьечIел росабалъе гьаризе кколаан гIемерал сапарал, балеб гIаздалгун цIадал яги иххица араб нухалъул санги гьабичIого. ТIайгиб Халитовасул берзукь букIана 10 росдал жамагIат – кисан ахIи тIаде щваниги, вахъунаан гьев сапаралде. Аллагьасул кумекалдалъун, гьес хвасар гьавуна чанги чи.
1970 соналда гьев тIамуна Шагьикь росдал ФАПалъул нухмалъулевлъун. Гьенив ТIайгиб хIалтIана 40 соналъ. Росуцояз, жидер гьабураб тIалабалъухъ, Халитовасе кьуна «Шагьикьдерил Аскерханов» абураб цIарги.
50 соналъ хIалтIана ТIайгиб Халитов больницаялда. Гьев къадаралде щвана 82 сон бараб мехалда, амма росуцояздаги цогидал цIунтIадеридаги гьев кидаго кIоченаро.